МагъчIваялъе рес

Дербенталъул мэрлъун вищана Малик Баглиев


Malik Bagliev, mayor of Derbent
Malik Bagliev, mayor of Derbent

30 октябралда Дербенталъул мэрлъун вищана Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министрлъун вукIарав Малик Баглиев. Гьев гурониги мэрлъиялде ине вукIана цойги щуго чиги. Гьезда гьоркьов вукIана журналист ва экономист Маир Пашаев ва цеве Дагъистаналъул гIолилазул ишазул министрлъун вукIарав, гьанже «ДагИпотека» абураб идараялъул бетIер Заур Кахримановги.

Маир Пашаев гурони Баглиевасде данде вахъине ва рагьун гьев Дагъистаналъул бетIерас цеве тункулев чи вугин абулев чиги вахъинчIо.

Гьеб республикаялъул тIалъи Дербенталъул мэрасул рищиязде гьоркьобе лъугьин къанун хвезаби бугинги абун Пашаевас Рамазан ГIабдулатIиповасдасан диваналдеги, прокуратураялдеги гIарзалги хъван рукIана, Россиялъул президентасухъе рагьараб кагъатги битIун букIана гьес.

Амма кигIан цIакъ Баглиев гьел рищияздаса нахъе ине кколин абун Маир Пашаев къеркьаниги Дербенталъул шагьаралъулаб мажлисалъул киналго депутатаз гьаркьалги кьун Баглиев мэрлъун вахъана.

Цойгидал кандидатазе цониги гьаракь кьун гьечIо депутатаз. ГIемерав чи халккун вукIана Дербенталъул мэрлъун вукIарав, Дагъистаналъул тIалъиялъулгун дандеги ккечIого гьеб хъулухъалдаса арав Имам Яралиевас лъие гьаракь кьолебали. Гьесги Баглиевасул рахъккуна.

Гьел рищиял къанунги хвезабун тIоритIанин, депутатазде тIадецуй гьабулеб букIанин ва Баглиевас мэрлъиялде ине вугев кандидатаздаса хасаб комиссиялъ тIалаб гьарулел тIалабал тIурачIин абун разигьечIолъи буго Маир Пашаевасул.

Гьел киналго хIужабиги кьочIое росун гьес иргадулаб нухалда диваналде гIарза хъвазе бугин лъазабулеб буго. Гьесул аслияб тIалаб буго Дербенталъул мэрасул рищиял хIакъикъиял гурин чIезаби.

МахIачхъалаялъул мэрасул рищиязда цебего гIадин Дербенталъул бетIер вищулеб мехалдаги гьел рищиязда хурхун кинаб букIаниги баян кьолеб букIинчIо я дербенталъул администрациялъул вакилзабаз, я пресс-хъулухъалъ, я рищиязул идараялъ.

Гьедин ахиралдалъагIан чан чияс гьеб хъулухъалде кандидатура лъун бугебалицин лъалеб букIинчIо. Гьанже тIатарал баяназда рекъон 29 октябралда мэрлъиялде кандидатал тIаса рищулеб комиссиялъ 10 чи нахъчIван вуго.

Гьезул цояз, рукIине кколедухъ документал рачIинчIин комиссиялъухъейилан, абун цойгидал хIалтIул стаж гьечIин абун нахъчIван руго комиссиялъ.

Рищиязда сверун бугеб ахIвал-хIал лъалел чагIаз абулеб букIана гьел нахъчIварал кандидатазул гIемерисез жал рищиязда гIахьаллъизе ругин абун лъазабун букIанила гьеб хъулухъалде ине ругел аслиял чагIазухъа жидеего щиб бугониги щвелин абураб мурадгун.

Цебе-цебе Дагъистаналда рищиязул заманалда гьаркьал доре-гьанирехун рикьичIого рукIине гьел аслиял кандидатаз гIарацги кьун яги цо кинаб бугониги гьев чиясул къваригIелги тIубан гьесда кандидатура нахъе босизабулеб букIун буго.

Гьаб нухалда Дербенталда гьеб схемаялъул жо ккечIин, гьениб кинаб хIасил кколеб ва щив мэрлъун вачIуневали ригьтIаго лъалеб букIанин лъазабулеб буго гIадамаз.

Исана соналда жаниб Дербенталъул лъабго бетIер хисана, амма шагьаралъул захIмалъабиги, дербенталъулазул проблемабиги гьев цохIониги нухмалъулес тIуран рахъинаричIин абизе бегьула.

ЦIияв шагьаралъул бетIерас бищун цебе кинал суалаздейин кIвар кьезе кколеб, гьесда хурхун гIадамаазул кинал хьулалин ругелин абун цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Дербенталдаса батIи-батIиял гIадамазда.

Дагъистаналда гIумру гьабун ругел азербайджаналъулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Тельман Таирлица лъазабулеб буго бищун цебе дербенталъулазе шагьаралда сиясатияб гIодойбиччай къваригIун букIанилан, гIадамазда чIалгIун бугила нахъаса къотIичIого хисулеб нухмалъиги, гьезул щивас администрациялда гьарулел хиса-басияздасаги.

Гьел гьарулаго нухмалъи шагьаралда хIалтIи гьабизего регIулел рукIинчIин абулеб буго жамагIатчияс.

Тельман Таирли: «Нижер аслияб проблема буго шагьаралда лъикIав, хIалтIиги гьабун бажарулев мэр гьечIолъи. Чан гьев нижер гьанив хисарав, цонигияс сахаб хIалтIиги гьабичIо.

Щибниги гьабизе байбихьилалде хъулухъалдаса рахъана гьел. Баглиевниги хутIилин гьанив ва хIалтIизе байбихьилин гьевилан абураб хьул буго гIадамазул. ГIемер цIакъ дербенталъулазда лъалев чи гьесул лъикIал рахъазул гIезегIан рагIун буго.

ГIемерал проблемаби ругеб шагьар буго нижер, чанго анцI-анцI соназ гьел тIураялъе хIалтIиги гьабун гьечIо. ЦинтIаго гьел тIуразе захIмалъила цIияв нухмалъулесеги. Бищун цебе цIивачIарав мэрас борхизе кколезда гьоркьоб буго лъел суал.

ГьадигIан кIудияб шагьаралда жеги букIине кколедухъ гIадамазул рокъобе лъим бачIунеб хIал гьабун бажарун гьечIо. Анкьида жаниб цо-кIиго къоялъ чанго сагIаталъ гурони лъим букIунаро гIемерисезул, гьебги букIуна чорокаб лъим. Гьединго мэрас кIвар кьезе канализация къачIаялде, гьечIеб бакIалда гьеб гьабиялдеги, нухал къачIаялдеги».

Дербенталдаса бухгалтер Римма Садикъовалъ рикIкIунеб буго шагьаралъул аслияб проблемалъун бугила хIалтIизе бакIал гьечIолъи ва хашаб инфрастурктура букIин.

Римма Садыкъова: «Шагьаралда бищун кIудияб проблема буго гьаниб хIалтIизе бакIал гьечIолъи, гьелъ нижер гIемерав чи къватIиве унев вуго. Квешабщинаб жоялде руссунел руго гIолилаги. Гьединго цIакъ квешаб хIалалда руго шагьаралъул нухал, Дербенталъ 2000 сон тIубаялде аслиял къватIал дагьал-макъал къачIанин абун шагьаралъул проблемаби лъугIуларо.

Гьединго нилъер нухмалъулезе цIакъ бицине бокьула туризм цебетIезабизе ккеялъул. Туристал рачIине шартIал чIезаризе кколарищ цин шагьаралда. ГIадатиял туристазе я кваназе я рега-рахъине бакIал гьечIо Дербенталда. Киназулго гуро рестораназда кваназеги, хириял отелазда гIумру гьабизеги рес букIунеб».

ГIемерал саназ Дербенталда журналистлъун хIалтIилев вугев МухIамад ХанмухIамадовасул пикруялда рекъон Малик Баглиевас кIвар кьезе кколеб буго басриял риххун инел ругел минабахъа гIадамал нахъе гочинариялде.

ХанмухIамадов МухIамад: «Иш лъугIараб минабазулгун коммуналияб магIишатги, шагьарлда гьечIеб инфраструктураги, нухазул проблемаги тIубазе ккола мэрас чара гьечIого. Гьединго кIочон тезе бегьулаго лъималазул ахазул суалги, гьенир бакIал гIоларого чаналиго соналъ иргаялда чIун руго гIадамал.

Аслиял къватIазда дагьабго гIадлу гьабун бугониги гьенирго ругел гIемертIалаялъул минабазул азбарал руго цIакъ квешаб хIалалда, чорокго, гьелги къачIазе ккола.

Жакъа къоялда дербенталъулазул 60 проценталъ гIумру гьабун буго риххун инел ругел басриял минабахъ, гьел гьениса гочинариялъе хIалтIи гьабизе ккола. Щай гурелъул гьел гIадамал цIакъ квешал шартазда гIумру гьабун руго».

XS
SM
MD
LG