МагъчIваялъе рес

Мэрал хIажатал шагьаралги чIухь балеб Избербашги


13 октябралда Избербашалъул администрациялда низам цIунулез чIухь балеб букIиналъул хIакъалъулъ баянал тIиритIана республикаялда. ЭР-сан жиндирго цIар бицине разилъичIев чияс абуна жидер администрациялдаса гурел гIадал чагIи ругин фоеялда чIун.

Амма щай рачIарал чагIи гьелали бичIчIулеб гьечIин. Гьединго киназго цоцазда щурун гьикъулеб бугин гъозул хIакъалъулъ. Лъиданиги чIванкъотIун лъалеб жоги гьечIин.

Цогидал баяназда рекъон, гьел рукIине рес буго Избербашалда ралъдал рагIалда ричарал ракьазул цIех-рех гьабизе рачIарал къанун цIунулел идарабазул вакилзаби. Гьелги Дагъистаналдаса гурел, Москваялдаса яги Шималияб Кавказалъул цогидаб бакIалъа ритIун рачIарал.

ПалхIасил, гьеб бугин Избербашалъул мэр ГIабдулмажид Сулеймановасул рахIатхвезабиялъе байбихьарал тадбиралин рикIкIунеб буго ЭР-гун гара-чIвари гьабурал экспертаз.

Щайин абуни гьев гIицIго Избербашалъул мэр гуревги, Дагъистаналъул премьер-министр ГIабдусамад ХIамидовасул вацгIалги ккола, гьединго Халкъияб Мажлисалъул спикерасулгун дандеги ккечIого заман щвелалдего хъулухъалдаса вахъарав МахIачхъалаялъул экс-мэр МухIамад Сулеймановасул кIудияв вацги ккола.

Гьединлъидал ХIамидовазул клан, ай тухум багъа-башаризабулеб мех бугин абураб пикру буго республикаялда. Рамазан ГIабдулатIипов бетIерлъун вачIиндал, Дагъистаналда киналго кланазул иш лъугIанилан бицунебги буго гIадамаз жидедаго гьоркьоб.

Гьединго 13 октябралда Избербашалъул администрациялда чIухь базе байбихьиялъул магIна батилин мэр ГIабдулмажид Сулеймановасул гьитIинав вац МухIамад Сулейманов МахIачхъалаялде виччангутIиян абураб пикруги рагIизе бегьула республикаялда. Щайгурелъул МахIачхъалаялъул мэрлъиялде тIадвуссинехъин вугила чанго моцIалъ цеве гьениса вахъун ФОМС абураб идараялъул нухмалъиялде витIарав Сулейманов.

Гьединго МахIачхъалаялъул мэрлъун гьел Сулеймановазул вацгIал, хIукуматалъул премьер-министр ГIабдусамад ХIамидов вачIунев вукIиналъул харбалги раккун руго. ГьанжелъагIанин абуни гIемерисезул ракIчIун букIана гьеб хъулухъалда гьабсагIаталда мэрасул ишал тIуразарулев Муса Мусаев тасдикъ гьавизе вукIиналдаги.

Гьелда бан ЭР-ялъе гьадинаб баян кьолеб буго МахIачхъалаялъул администрациялда информациялъул бутIаялда хIалтIулей Зайнаб ГIалимирзаевалъ.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Дида лъалеб бакIалъа гIебеде, жакъа къоялде администрациялда гьечIоха мэрлъун вахъине кандидат хIисабалда хIукуматалъул премьер-министр ГIабдусамад ХIамидовас кьурал документал. Документал кьуралги кьечIелги чагIи лъазе руго 26 октябралда, рищиял тIоритIулеб къоялъ.

Гьеб мехалда депутатазги хIукуматалъул комиссиялъги вищизе вуго шагьаралъул бетIер. Гьедин мэрлъиялде кандидатал хIисабалда щибаб къоялъ рачIуна гьанире документал кьезе гIадамал – гьезда гьоркьор руго сварщикал, жамгIиял хIаракатчагIи, руччаби…»

Цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, 13 сентябралда республикаялда рищиял тIоритIун хадуб баянлъизе бегьулаан цо-цо шагьаразда рукIинесел мэразул цIарал, амма жеги-жеги гьеб суал хадуб бехъерхъун хутIулеб буго.

ГьабсагIаталда цIиял мэрал хIажат руго МахIачхъалаялда, Буйнакскалда, Дербенталда, Хасавюрталда, Дагогни шагьаразда. Гьезул цо-цоязул цIарал живго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас абунги, гьединго инсайдеразулин абулеб баяналда рекъонги тIиритIун руго гIадамазда гьоркьор.

Масала, гьал къоязда Дагомыс шагьаралда букIараб журналистикаялъул фестивалалда ГIабдулатIиповас абуна Дербенталъул мэрлъун Малик Баглиев тIамизе вугин. Амма жеги чIванкъотIи гьечIо гьеб суалалъул.

Дагъистаналдаса журналист Муса Мусаевас рикIкIунеб буго Баглиевасулго гIадин, цойгиясул кандидатураги рехсезе бугин гьениб.

Муса Мусаев: «Щайгурелъул живго ГIабдулатIиповасул пикру хисизе рес буго. Гьебни, Баглиевасул кандидатура Москваялъулгун дандги бараб, киналго тIад рекъараб кандидатура бугиланги абулеб бугоха, амма бокьараб жо ккезе рес буго. Буйнакскиялдаги буго бичIчIунгутIи. Гьоркь вукIарав мэр ХIусен ХIамзатов нахъе ине ккола, щайин абуни гьесул чагIи къуна 13 сентябралда тIоритIарал рищиязда.

Амма гъов нахъе унев гьечIо. Гьев данде кколев гьечIо республикаялъул тIалъиялъеги. Амма гьелъие данде кколев гьечIо оппозициялъул кандидат ГIусман ГIусмановги. Гьесул рахъ кколел депутатал рищун руго гъоре – 17 ниги чи. Гьединлъидал батIияв кандидат гъоз мэрлъунги вищизе гьечIо. Хасавюрталдаги гьечIо чIванкъотIи.

Сайгидпаша ГIумаханов унев вугин гьенив жиндирго божарав чиги тунилан букIана бицен. Гьенисаги ун министрлъун толев вугилан абулеб букIана.

Гьедин батани, щайха гъов гъобго къоялъ, хъулухъалдаса араб параялъго шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъиялда тарав? Чачаназеги чачаназул бетIерасеги бокьун буго жидерго чи тезе гъова. Дагогни шагьаралда бугеб ахIвал-хIалалдаги цIар лъезе лъаларо – рагъги гуреб, рекъелги гуреб жо буго.

Масала, Аллахвердиев толев вугин мэрлъунилан балагьун чIун рукIана киналго. Цинги тасдикъги гьавичIого, мэриялда чIухь базе, гьесда данде тадбирал байбихьана».

13 октябралдаго баккана хабар Буйнакск шагьаралъул мэр ХIусен ХIамзатов нахъе унев вугиланги. Амма гьелда тIасан официалияб баян лъицаниги кьечIо.

Гьелдаго цадахъ, политикаялда хадур чIарал чагIазул пикруялда рекъон, Буйнакскалъул мэрас хъван рагIула нахъе унев вугин абураб гIарза. Амма нахъе инчIого чIеялъе гьес батIи-батIиял тадбирал ургъулел ругин бицана ЭР-ялъе гьеб шагьаралдаса гIадамаз.

Масала, гьал арал гIодоркъояз Буйнакскалда гIадамаз цоцахъе WhatsApp-алдасан битIулеб букIана ХIусен ХIамзатовасул рахъккун халкъ къватIибе бахъине гьабураб лъазаби.

XS
SM
MD
LG