МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул бетIерасул рейтинг борхана


Россиялда бищун лъикI хIалтIулев 20 губернаторасда гьоркьоб рехсолеб буго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул цIар.

Гьеб ккола гражданияб жамгIият цебетIезабиялъул рахъалъ гIуцIараб фондалъул рейтингалъул хIасил. Гьенив Рамазан ГIабдулатIипов 16 абилеб бакIалда вуго.

Амма Дагъистаналдаса журналист ва политолог Эдуард Уразаевас щаклъи загьир гьабулеб буго гьеб рейтингалда. Хас гьабун абуни, рейтинг гIуцIулаго, гьеб фондалъул вакилзабазухъе Дагъистаналдаса вакилзабаз мекъи баянал кьун ругин абураб щаклъи буго Уразаевасул. ТIалъиялъулгун бухьен бугел чагIи рукIине рес бугила гьел.

Гьединго жинда бичIчIулеб гьечIин ахираб заманалда Дагъистаналда чIахIи-чIахIиял хъулухъчагIи туснахъ гьариялъ, гьеб рейтингалъе асар гьабичIолъиян абуна Эдуард Уразаевас. Кин букIаниги гьел республикаялъул тIалъиялдаса чагIи туснахъ гьариялъ къимат хвезе рес бугила республикаялъул бетIерасул.

Амма, гьелъул гIаксалда, гьел хъулухъчагIи туснахъ гьариялъ тIадеги къадру борхун батилин Рамазан ГIабдулатIиповасулин рикIкIунел чагIиги руго республикаялда. Щайин абуни чорокал хъулухъачагIаздаса республикаялъул тIалъи бацIцIад гьаби гIадин бичIчIизе бегьулила гьеб.

Амма гьебго заманалда Эдуард Уразаевас рикIкIунеб буго Россиялъул бищун лъикIав 20 губернаторасда гьоркьове ккеялъе Рамазан ГIабдулатIиповасе квербакъун батилин ахираб заманалда республикаялъул росдал магIишаталъулъ, инвестициял рачIинариялъулъ, бакIал раялъулъ ва цогидалъулъ бугеб дагьа-макъабго цебетIеялъги.

Уразаевас кIвар буссинабулеб буго 13 сентябралда республикаялда рукIарал рищиязда «Единая Россия» партия къейги, гьенир лъугьарал чорокал хIужабиги гьеб рейтингалда хIисабалде росун гьечIолъиялде. Гьединго дагьалъ цебе Россиялъул хIукуматалъе къваригIун хасаб цIех-рех гьабун букIанин хъаравуллъиялъул федералияб хъулухъалъ. Гьениб кутакалда гIодобегIанаб къимат кьунин республикаялъул идарабазул хIалтIуе, амма щаялиго гьаб рейтингалъе гьелъги кинабгIаги асар гьабун гьечIила.

Хадубги гьадин тIаде жубана Эдуард Уразаевас.

Эдуард Уразаев: «Дагъистаналъул, гьединго федералиял информалатаз цо нухалда гуро хъвараб ГIабдулатIиповасул гIагаразе ва гьединго росуцоязе хIукуматалъул нухмалъиялда щварал хъулухъазулги гьезие щолел пачалихъиял заказазулги. Гьединлъидал гIажаибаб жо кколеб буго, ГIабдулатIипов бищун цебесеб кьерда лъолеб фондалда гьеб кинабго кин бихьулеб гьечIебали бичIчIулеб гьечIо. Буго цойги рейтинг - социалияб рахъалъ регион цо хIалалда чIей абун, Санкт-Петербург шагьаралъ тIобитIулеб рейтинг. Гьеб рейтингалда Дагъистан ахирисел кьеразда буго.

БитIараб буго, информалатазда, гьединго социалиял гьиназда гьев цIакъ машгьурав чи вуго. Жиндирго лъикIал хIасилазул ва гьабураб хIалтIул гьес щибаб нухалда къватIибе лъазабула, амма гьел баяназда щаклъи бижула цо-цо экспертазул. Гьединлъидал дида кколеб буго гьеб рейтинг хIакъикъияб гьечIилан».

Рамазан ГIабдулатIиповасул рейтинг борхиялда кинабгIаги щаклъи букIине кколарин абуна ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул бетIерасул курсалъул рахъ кколеб жамгIияб багъа-бачариялъул нухмалъулев хисулев Шамсудин Асламхановас.

Шамсудин Асламханов: «Щай? Щайгурелъул республикаялъул бетIерас дагь-дагьккун - цоялда хадуб цо – хIалтIи гьабулеб буго. Халкъалда гьеб бихьулебги буго. Масала, ралел руго школал, ясли-ахал. Гъоба букIараб рихха-хочIи, хIалуцин тIагIунеб буго. Гьеб рукIалиде бачине тIамун руго тIубарал хъулухъал.

Гьединго кланал, тухумчилъи лъугIун унеб буго. Ункъо-щуго кланалъ кверщелги гьабун, гьезул гурони чагIиги хъулухъазде тIамуларого рахIатхун букIана Дагъистаналъул. Гьанжейин абуни цо лъагIалида жаниб «кIобокIана» чанго клан. Гьебги гьабуна гIадатиял гIадамазе квекIен кколаредухъ, гIодориччан, ахIи-хIурги гьабичIого.

КIудияб кIвар буссинабулеб буго гIолохъанлъиялде, гIун бачIунеб гIелалде. Масала, 13 сентябралда рукIана рищиял. Гьенир депутаталлъун рищарал чагIазул 20 процент гIолилазул буго. Кабинеталги ккун рукIарал чиновникал дагьлъулел руго. Жеги дагьлъизаризеги ккола гьел. Гурони цо бакIалъа рахъун, цоги бакIалде гьел тIамиялъул щиб ккелеб? КъваригIун руго иш бажарулел чагIи тIамизе. ТIамулелги руго. Гьединазул рахъ кколеб букIиналъги батила гьеб рейтингалда республикаялъул бетIерасул иш лъикI бугеб».

Исана февралалда гьабураб Россиялъул губернаторазул медиарейтингалда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов 12 абилеб бакIалда вукIана.

XS
SM
MD
LG