МагъчIваялъе рес

ТIилида рекъон букIунила рагIадги


Лъалеб букIахъе, исана сентябралда Дагъистаналда рукIана рищиял. ГьабсагIаталда Дагъистаналда къабул гьабураб цIияб рищиязул законалда рекъон, республикаялъул властазухъе щун рагIула тIубанго гьел рищиязул кверщел.

Гьаб моцIалъул ахиралде киназдего гIагарун муниципалитетазул бутIрузул кверщел щвезе буго комиссияз тIаса рищарал ва бакIалъул собранияз тасдикъ гьарурал чагIахъе. Гьелъул магIна ккола, гIадатияб мацIалда абуни, республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасе бокьичIого бетIерлъун чи кколарин абураб.

Гьеб кутакалда лъикIаб закон бугин, ГIабдулатIиповасда лъалин тезе бегьулев чиги, гьесул гьунарги, сурсатги, жо кколеб гьечIони, хъулухъалда тарав чи рокъове витIизе рес букIунин абулеб буго цояз. Цогидаз абулеб буго кинила ГIабдулатIиповасда лъазе кIолеб тIубараб Дагъистаналда бугеб кIикъогоялдаса цIикIкIун муниципиалияб район ва шагьаралда щив мустахIикъав вугев, щив гьечIевали. Гьеб къануналъ абадиялъ къоно чIванин демократиялда, ритIухълъиялда, гражданазул ихтияраздаян.

РитIун ругин абила гIемерисез кIиабилезда, щайгурелъул дир гьаркьил ихтияр щай букIине кколеб ГIабдулатIиповасухъ бугониги, Путинихъ бугониги, цогидав чиясухъ бугониги? Дун махIрум гьавулев вугин дир ихтияралдаса, гьедин батани, щай улкаялъул конституциялда хъван бугеб «источником формирования органов государственной власти является народ» абун?

Хисеха гьеб жидецаго гьересияблъун гьабураб документ. Абизе рагIи гьечIо гьал бадирчIваязда. Дунгун накъиталда вугев чи ккола лъикIаб лъайги щварав, улкаялда ва къватIиб лъугьа-бахъунебги бихьарав, гIакъилав чи.

Амма нилъер Дагъистаналъул хIакъикъат цебе чIезабураб мехалда гьеб «демократия» абураб жо гьаниб хIалтIичIо букIине кколеб хIалалда. Рищиялги гьанир тунчузги, тротилалъги, гIарцул тургьбузги гьаруна. Иргадулал рищиязда депутатасул мандаталда, яги районалъул ва шагьаралъул бетIерасул тахбакIида сверун унеб къеркьеялъ, битIахъе, «лал тIамулеб букIана» гъарим халкъалда тIад. Цоял хIинкъизарун, цоял ричун росун, цогидал инкар гьабизе рес гьечIел масъалаби лъун тIамулел рукIана кьвараразги кьураразги гьаркьал кьезе. Гьеб цо рахъ – нилъер рищиял рихьизарулеб.

Цогидаб рахъ босани, рацIцIадал, хIакъикъиял рищиял тIоритIани, хIатта гьенирцин кIвезе гьечIо жакъасел дагъистаниязда мустахIикъалги, рацIцIадалги, лъай бугелги гIадамал рищизе. Щай? Щайгурелъул рацIцIадалги, лъай бугелги, намус цIунаралги гIадамал къадруялда гьечIого гьанир. Гьезул рейтинг гьечIо, гьел къабул гьарулел гьечIо халкъалъ. Щайгурелъул жибго халкъ унтун буго лъилъулареб унтиялъ.

Гьезул гIемерисезул рекIелъги бидулъги щулаго бакI ккун буго мунагьал чураяв Сулиманов МухIамадица абурав «лагъас». «Нужелъ вугев лагъ чIвай!» абун макъала букIана досул 1990 абилел соназул байбихьуда. Дов живго чIвана, ханлъиги лагълъиги хутIана.

Гьез къабул гьабула зулму, гьезда ханлъиги лагълъиги гуреб батIияб ахIвал-хIал лъаларо. Гьез гьаракь кьола зулму гьабулезе, жидее хъулухъ гьабулев ва жал къабул гьавулевги нахъе тункун. Дицани жибго гьеб тIолгохалкъалъул рищиял абураб жо тIубанго къабул гьабуларо, щайгурелъул академикасулги, хъвай-цIали лъаларев цо гIабдаласулги гьаракь кин бащад гьабилеб?

ТIадежоялъе академикал доздаса дагь руго, дагьал гьаркьал рищиязда къолеб мехалда, халкъалда релълъарав вукIинарищ вищулев чиги? Гьадинаб букIана жакъалъагIан букIараб рищиязул хIакъикъат.

Гьанже киназго абулеб буго ГIабдулатIиповасе бокьани, хъулухъалда «чIахIги» лъезе кIолин (бокьарав чи лъезе кIолин абураб магIнаялда) жакъасеб къагIидаялъ. Щибха нилъеца гьабизе кколеб гьеб «чIахI» ГIабдулатIиповас тахбакIида лъунгутIизе?

Нилъеца «чIахIие» лагълъи гьабизе кколаро. Масала, бищунго гIемерал дагъистаниязда гIакъуба гьаб къого соналъ чIезабуна Аллагьасдаги божуларел, законалдаги балагьуларел, бер къанщичIого жиндир чохьолгун чорхол тIалабалъухъ цоцаца чIвалел, бидул кверал цIурал гIадамаца. Гьеб «чIахIихъги» валагьун нилъеца абула «сильный» чи вугин абун.

Гьеб «чIахI — къулалъул» рахъккун, социалиял гьиназдасан, интернеталдасан ГIабдулатIиповасде гьоркьоса къотIичIого тIолеб буго чороклъи. Гьеб киналъулго хIисабги гьабун, ГIабдулатIиповасда ракIалда ккезе буго «вахI, азие лъайги бугев, иманги бугев чиго бегьизехъин гьечIогури, гьев аз хIазего гьечIогури, пуланаб шагьар ва район жиндир нухде тIамизе лагъзадерица тIалаб гьавулев вуго гьеле гьевго кьварарав, яги кьурарав бетIер, ай тIадехун бицен гьабураб «чIахI».

Дагьа-дагьаб чIахIги бухIун, бронированный джипалъул гордухъа лагъзадерихъ валагьарав «чIахIха». ГIабдулатIиповас хIукму къотIула нилъехъ балагьун, гьев вуго политик. ХIасил калам, кигIан гьел чагIи дос тIамулелин абуниги, нилъго тархъанлъичIого, эркенлъичIого, рацIцIалъичIого, гIелмуялъулги, гIакълуялъулги, гIаданлъиялъулги нухде рачIинчIого мустахIикъал чагIи тIаде рачIине гьечIо.

Гьеб дунялалъул тарихалда гIемер такрарлъараб жо буго. РацIцIадал ва демократиял рищиязда бергьун власталде вачIун вукIана Гитлерги. Кинаб багъа гьелъухъ инсанияталъ кьурабали нилъеда лъала. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG