МагъчIваялъе рес

Буйнакск: цIиял депутатал мэрас хIалтIуде риччалел гьечIо


Буйнакскалъул агрегатазул заводалда митинг
Буйнакскалъул агрегатазул заводалда митинг

Буйнакскиялдаса «ветераназул партиялъул» вакилзабазда ракIалда буго 17 октябралда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги ахIун, шагьаралда митинг тIобитIизе. 7 октябралда юстициялъул министерлъиялде гьелда хурхун гIарза кьуна гьез.

Гьеб суал дандбазе буйнакскалъулал 6 октябралда данделъун рукIана шагьаралъул Агрегатазул заводалде.

Гьезул рахIатхвезабулеб жо ккола Буйнакскалъул мэр вищизе цIирахъарал депутатазе ихтияр кьунгутIи. ПалхIасил, депутатал хIалтIизе риччалел гьечIин, рахан нуцIбигун чIун ругин администрациялъул хъаравулзабиян бицана ЭР-ялъе ГIали МухIамадовас.

ГIали МухIамадов: «Къогоялдаса цIикIкIун къоял ана рищиял лъугIаралдаса. Амма Буйнакскалда ахIвал-хIал буго цо бичIчIулареб бакIалде ккун. Рищиязда къуниги, мэр ХIусен ХIамзатовасул кверщаликь буго жеги кинабго. Масала, цIирищарал депутатазухъе киналгIаги документал кодоре щвезе толел гьечIо. Гьезда хадур бухгалтериялдеги администрациялде жаниве вачIунев щивниги чиги виччачIого чIун руго мэрасул хъаравулзаби. Гьез гьениве тIаде виччалев чи вуго гIицIго депутатазул гIуцIиялъул нухмалъиялде дагьалъ цевегIан вищарав Заур Шагьвердиев. Гьевги чанго чиясдеги кIалъан, изнуги гьарун гурони виччаларо. Гьединлъидал документал цIехон депутатаз хабар гьабуни, жидеца гьел архивалде кьунин абулеб буго. Масала, исана соналъул документал гьанжеялде архивалде кинан кьолел?»

Гьединго 6 октябралда хасаб лъазаби гьабуна Буйнакскалда бергьараб «ветераназул партиялъул» Дагъистаналда ва Россиялда вугев кIиявго нухмалъулесги – МухIамад Хадулаевасгун Ильдар Резяповас. Рищиязда 68 процент щвараб партиялда жаниб рагIи дандеккунгутIиги лъугьун, кIиялго цоцаде гIайибал гIунтIизаризе лъугьун руго гьел.

Буйнакскалъул агрегатазул заводалда
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:56 0:00

Масала, Хадулаевас официалияб куцалда лъазабулеб буго партиялъул багьанаги батун, цо-цо чагIаз хIалбихьулеб бугин Буйнакскиялда питна бекьизе. ГьабсагIаталда гьенир хъулухъал щвезе къеркьолел ругел депутатал жидер, «ветераназул партиялъул» вакилзаби гIадин къабул гьаругейин, гьел ругин гьерсал рицунел чагIи.

ГьабсагIаталда Буйнакскиялъул депутатазул гIуцIиялда вуго «ветераназул партиялъул» 17 вакилги, ункъо депутат «Единая Россиялъулги». ТIокIаб партия гьениб гьечIо. Исана 13 сентябралда рукIарал рищиязда 68 процент щвана цебеккун Дагъистаналда лъалеб букIинчIеб «ветераназул партиялъе».

Депутатазул гIуцIиялъул нухмалъулевлъунги вищун вуго «ветераназул партиялъул» вакил Заур Шагьвердиев. Гьанже гьеб гIуцIиялда жанир хадусел хъулухъалги «ветераназе» къваригIун руго.

Гьелда бан ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда бицен гьабулеб партиялъул Россиялда вугев нухмалъулев Ильдар Резяповас абуна МухIамад Хадулаевасе къваригIун букIанин жиндирго чагIи тезе. Гьел кколин «афгъаналъулазул» багъа-бачариялдаса чагIи. Амма гьел рукIанин депутатазул гIуцIиялда хIалтIизе гIураб кинабгIаги даража гьечIел чагIи. Гьединлъидал гьез жидецаго инкар гьабунин хъулухъаздаса.

Хас гьабун ЭР-ялъе гьадинаб баян кьуна Резяповас.

Ильдар Резяпов: «Суал сундулъ бугеб? ХIажат буго хадурккун хъулухъазда тарал чагIи къуркьунгутIизе. ХIинкъаби кьезе аскIоре рачIарал чагIазе жаваб кьезе кIвезе. Нижеца данде гьабураб команда бикь-бикьизабизе къваригIун буго цо-цо чагIазе. Лъабго депутатасда хурхараб суал букIана гьениб байбихьуда - гьезие хъулухъал кьезейин абураб. Амма гъоз жидецаго инкар гьабуна гьелдаса. БатIи-батIияб куцалда тIадецуй гьабун буго гьезде. ХIакимзабаз гурони, лъицаха тIокIаб гьеб гьабилеб? Дида кколеб буго живго Хадулаевасдеги гьабун батулин тIасахун тIадецуй».

Гьелда бан Ильдар Резяповас лъазабуна жинца Москваялда бугеб жидер партиялъул нухмалъиялда цебе лъун бугин МухIамад Хадулаев партиялдаса нахъе рехиялъул суал.

«Ветераназул партиялъулаз» абулеб буго жидер вакилзаби къабуллъулел гьечIин тIалъиялъе. Амма батIаго жал тIалъиялдеги гьезул «Единая Россиялдаги» дандечIарал чагIи гурин.

Дагьалъ цебе парламенталъул сессиялда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги борхана Буйнакскиялъул рищиязул суал. Гьенив мэр хисизе къваригIун букIанила жиндие. Амма цо рищиял лъугIизегIанги тейин гьевилан чIезавуна жив. Буйнакскиялдаса гIадамаз жинда абунила рищиязда цебесеб къоялъниги шагьаралъул бетIер хисун вукIаравани дуца, жидеца гьеб 68 процент «Единая Россиялъе» кьолаанила.

Гьедин цо-цо къуватаз пайда босулеб бугин цIидасан шагьаралде рачIинеян абуна Дагъистаналъул бетIерас. Буйнакскалъул гIадамаз абулеб буго жидецаги гьел гьаркьал батIаго «ветераназул партиялъейилан» гурила кьурал, ГIусман ГIусмановасейин кьунила. Гьев ккола цевехун Буйнакскалъул вукIарав мэр. Хадув гьев хIалтIана МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировгун. Гьелъ батилин республикаялъул тIалъиялъе гьев данде кколарого вугеян бицен буго Буйнакскалда.

Гьелда бан ЭР-ялъе гьадин абулеб буго гьеб шагьаралдаса журналист Саният Мансуровалъ.

Саният Мансурова: «ГIадамаз абулеб буго жал къедлъун чIелин шагьаралъул администрациялда аскIор, гьениве цойги чиги виччаларин, ГIусман ГIусманов тун батIияв. ХIажалъи ккани, Москваялдеги инин гIарзалъ, гьениса дореги инилан».

ХIакимзабазул партиялда гъорлъе унев чи вукIаниги, Буйнакскиялъул мэрлъиялде кандидат хIисабалда, экс-мэр ГIусмановасул рахъкквезе хIукму гьабун буго «ветераназул партиялъги.

XS
SM
MD
LG