МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъулал: «Партиялъе гуро, ГIусмановасе кьуна гьаркьал»


 "Черновика" газеталъул редакциялда ветераназул партиялъул нухмалъулев Ильдар Резяповасулгун пресс-конференциялда.
"Черновика" газеталъул редакциялда ветераназул партиялъул нухмалъулев Ильдар Резяповасулгун пресс-конференциялда.

Буйнакск шагьаралъул депутатазул гIуцIиялде вищарав жидер 17 чиясда гьоркьосан депутатазул нухмалъулев вищизе къваригIун буго «Россиялъул ветераназул партиялъул» вакилзабазе.

Гьедин бицана 21 сентябралда журналисталгун дандчIваялда «Россиялъул ветераназул партиялъул» нухмалъулев Ильдар Резяповас. Хадубго гьезда ракIалда буго Буйнакскалъул мэрлъиялдеги жидерго вакил ворчIизавизе. Амма жидеца жеги гьавин абун лъиданиги цIар чIван гьечIин абуна Резяповас. Лъалеб букIахъе, Буйнакскиялда къуна хIакимзабазулин рикIкIана «Единая Россия» партия. Гьединлъидал республикаялъул тIалъиялъ гьабсагIаталда шагьаралда вугев мэр ХIусен ХIамзатов хъулухъалдаса вахъизеги рес бугин абураб ракIчIей буго цо-цо экспертазул. Гьедин гуребги, шагьаралъул цIикIкIанисел гIадамазги абулеб буго ХIамзатов хъулухъалдаса нахъе ине кколилан. Гьеб гIиллаялъ гьел 20 сентябралда Агрегатазул заводалъул азбаралъуре митингалде рахъун рукIана.

13 сентябралда Буйнакскиялда жал бергьине рукIиналда ветераназул партиялъул чагIазул жидергогицин кIудияб ракIчIун букIун гьечIо, пресс-конференцияда Ильдар Резяповас бицухъе. Гьеб партиялда кутакалда къадруял чагIи ругин Россияги бокьулел, гьединлъидал гьезда хадур анин халкъилан абураб пикру бугоан Резяповасул. Амма экспертазул пикруялда рекъон, Буйнакскиялъул гIадамал мэр ХIусен ХIамзатовасул хIалтIудаса разилъи гьечIолъиялъ цолъун руго цо хасаб партиялда сверухъ.

20 сентябралда Буйнакскиялда гIадамаз митинг гьабиялъе аслияб гIиллалъун ккун бугоан гьезул ракI рекъоларев ХIусен ХIамзатовги нахъе вахъун, республикаялъул тIалъиялъ Буйнакскалде мэрлъун МахIачхъалаялъул вице-мэр ГIабдулмуъмин Ибрагьимов витIулев рагIулин раккарал харбал.

Буйнакскалъулазул рищиязда хадусеб митинг
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:17 0:00
Буйнакскалъулазул рищиязда хадусеб митинг
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:17 0:00

ПалхIасил, 21 сентябралда ветераназул партиялъул нухмалъулев Ильдар Резяпов дандчIван вуго Дагъистаналъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Рамазан ГIалиевгун. Гьеб дандчIваялда бицанищин нужеца ГIабдулмуъмин Ибрагьимовасул хIакъалъулъин журналистаз гьикъидал, Ильдар Резяповас жаваб кьуна жинда тIоцебе рагIулеб бугин гьев чиясул цIар. Жидеца гьениб бицанила гьабсагIаталда мэрлъун вугев ХIусен ХIамзатов хъулухъалдаса нахъе унев гьечIолъиялъул. Щайин абуни гьесул депутатал гьенир хутIун гьечIила. Гьесул рахъкколеб партияги къун бугила. Гьединго Резяповас тIалъиялъул чагIазда абун буго 20 сентябралда Агрегатазул заводалда митингалде рахъарал гIадамаз рахъ кколеб бугин ГIусман ГIусманов абурав чисул. Гьесул рахъкквезе хIадур ругищин тIалъиялъин вакилзабиян гьикъана журналистаз Резяповасда. Амма гьес абуна жиндир гьединаб ихтияр гьечIила вачIун нужер республикаялъул хIакимзабазда аскIовегун малъаризе, гьале гьав чи вукIине кколин гьенивилан абизе. Щив гьенив Буйнакскалда мэрлъун вукIиневали заманалдасан лъалилан абуна ветераназул партиялъул нухмалъулев Ильдар Резяповас.

Ильдар Резяпов: «Ниж оппозиция гуро. Дица рикIкIуна гьел митингалги чIезе тун, чIванкъотIараб хабар бицине кIиябго рахъалдаса гIадамал гIодор чIезе кколилан. Бажариги, гьунарги, лъайги бугев чи гурони шагьаралдеги виччазе бегьуларо жакъа. Гурони киназего къваригIун буго шагьаралъе республикаялъ кигIанасеб гIарац биччалебалиги цIехон, гьелде хьулги лъун шагьаралъул бетIерлъун вахъине. Гьеле гьединал чагIазе нухал къазе ккола». Гьеб гIарац харж гьабизе ккола гIицIго шагьаралъул мурадазе гIоло – лъим бахъизе, газ бачине, нухал рахъизе».

Ильдар Резяповасда цадахъ пресс-конференциялда вукIана Дагъистаналда ЖамгIияб палатаялъул вакилзаби Шамиль Хадулаевас тIадежубана ахираб ункъо сон жаниб республикаялъул бюджеталдаса ункъо млрд гъурущ биччан бугин, амма килщида килищ кIутIарабгIанасеб хIалтIи гьабун гьечIилан.

ПалхIасил, ветераназул партиялъул нухмалъулев Ильдар Резяповас чIванкъотIун абичIо Буйнакскалъул депутатазул гIуцIиялде рищарал депутатаз мэр хIисабалда ГIусман ГIусмановасда цIар чIвазе бугищ гьечIищали. Жеги лъаларин абуна гьес. Гьев шагьаралъул депутат кколарила.

Амма 20 сентябралда митингалда буйнакскалъулаз абулеб букIана жидеда гьаркьал гьеб ветераназул партиялъе гурин кьурал, хас гьабун ГIусман ГIусмановасул чагIазейилан кьунила.

XS
SM
MD
LG