МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъул мэрасул ишал тIуразаризе тIамуна Ильяс Мамаев


Буйнакскалъул мэрасул ишал тIуралевлъун заманалъ Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул вукIарав министр Ильяс Мамаев жидедаги дандбачIого гьеб хъулухъалде тIамунилан абун разигьечIолъи лъазабулеб буго шагьаралъул мажлисалъул депутатаз.

РакIалде щвезабилин гьеб мажлисалда 80 процент депутатазул ккола Россиялъул ветераназул партиялъул вакилзаби. Ильяс Мамаев гьеб хъулухъалде тIамун вугин абун харбал чанго къоялъе цере раккун рукIаниги, официаляиб къагIидаялъ гьелъул хIакъалъулъ лъицаниги баян кьолеб букIинчIо. Буйнакскалъул администрациялъул пресс-хъулухъги буцIцIун чIун букIана.

ЦохIо 4 ноябралда социалиял сайтазда гьез баян кьуна шагьаралъул мэрасул ишал тIуралев Ильяс Мамаевасги Россиялда 4 ноябралда кIодо гьабулеб цолъиялъул къоялда хурхун тIобитIулеб байрамалда гIахьаллъанилан. Хадубккун «Эркенлъи» радиоялъухъе Буйнакскалъул адмиинстрациялъул вакилзабаздасан щварал баяназда рекъон Мамаев 3 ноябралда тIамун вуго мэрхисулевллъун, гьесда цебе гьеб хъулухъалда вукIарав Расул Ханов шагьаралъул архитекторлъун тун вуго.

Гьелдаса хадуб Буйнакскалъул мэр ХIусен ХIамзатовас заманалъ жиндирго бакIалда тун вуго гьев. ХIамзатов сахлъиялъул рахъ лъикI гьечIолъиялда бан, дару-сабаб гьабизе Москваялде ун вугин абулеб буго.

Шагьаралъул тIалъиялда гьелщинал хиса-басиял гьарулеб мехалда администрациялъул хIалтIухъабазда гьелъул хIакъалъулъ щибго бицен гьабун гьечIо ва Ильяс Мамаев официалияб хIалалъ хъулухъалде тIамуниланцин лъазабун гьечIо. Гьединго жидеда мэриялда гьарулел ругел хиса-басиязул хIакъалъулъ лъицаниги лъазабичIин, гьеб къанун ва шагьаралъул устав хвезаби бугин абун ццин бахъун вуго шагьаралъул депутатазул мажлисалъул бетIер Заур Шагьвердиевги.

Заур Шагьвердиев: «Администрациялда гьарулел ругел хиса-басиязул бицунеб данделъиялде я шагьаралъул депутатазул мажлисалъул бетIер, яги цониги депутат ахIунцин вукIинчIо. Жалго жидедегоги руссун, ХIусен ХIамзатовасул къапилаялъул кIиго-лъабго чиги данделъун гьабун рагIула гьеб данделъи.

Къануналда рекъон хъван кагъатгун депутатазул мажлисалъул вакилзаби ахIизе кколаан гьез гьединал данделъабазде. Киналго мэриялъул тIадегIанал хъулухъазде гIадамал тIамулеб мехалдаги шагьаралъул уставалда рекъон депутатазда дандбазе ккола. Гьединлъидал Ильяс Мамаев шагьаралъул уставги, къанунги хвезабун тIамун вуго мэрасул ишал тIуралевлъун.

Мэр хисулевги депутатаз разилъи кьечIони гьенив тIамизе бегьуларо гьебго уставалда рекъон. Шагьаралъул бетIерасул ихтияр буго гьеб бакIалде чи вихьизавизе, амма депутатаз разилъи кьечIого гьев хъулухъалде тIамизе бегьуларо».

Гьединго Шагьвердиевас бицана шагьаралъул бетIерлъун Ильяс Мамаев жидеца вищизе гьечIилан. БетIерхисулевлъун вукIине виччайила гьев, амма тIалъиялъул божилъи хвезабиялъухъ министрасул хъулухъалдаса вахъун вукIарав гьев гьанже жидее мэрлъун хIажат гьечIин лъазабуна гьес.

5 ноябралда ветераназул партиялъул рахъалдасан шагьаралъул мажлисалда ругел депутатал дандчIвана Буйнакскалда гIадамал къабул гьавизе вачIун вукIарав Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовгунги.

Гьез министрасда бицун буго Буйнакскалъул администрациялъ къануналде данде кколарел ишал гьарулел ругин, депутатазул мажлис букIине кколедухъ хIалтIизе толеб гьечIин абун.

Гьединго гьез борхун буго 16 октябралда депутатаз халкъалъулгун дандчIвай гьабулеб заманалда, къануналде данде кколареб митинг гьабулеб бугинги абун гьел депутатал полициялъулаз рухиялъул суалги.

Шагьаралъул администрациялъул минаялъуб гьабизе кколеб букIараб гьеб дандчIвай низам цIунулез гьениреги риччачIого шагьаралъул майданалда гьабун букIана гьез. Министрас лъазабун буго гьел администрациялдеги риччазе кколаанила, халкъалъулгун дандчIвай гьабиги къануналъ гьукъараб иш гурилан.

Гьединго полициялъ депутатал рухиялъул ишалъулги жиндица хасаб хал-шал гьабизе бугила ва гьеб киналъего къимат кьезе бугин лъазабун буго министрас. Буйнакскалъул мажлисалъул депутатаз низам цIунулез гьел рухиялда бан гIарза Россиялъул жанисел ишазул министр Владимир Колокольцевасухъе битIун буго.

Гьединго Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасухъе депутатазда тIасан ургъунго гIарзал рахъун гIадамал хьвадиразулел ругила шагьаралъул администрациялъилан абунги разигьечIолъи буго гьезул.

Жидее квешезе гьабулеб иш бугила гьеб, щиб багьана батунги шагьаралъул нухмалъиялъе жал депутатлъиялдаса эркен гьаризе къваригIун бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьел депутатазул цояв Камиль Шагьбулатовас.

Камиль Шагьбулатов: «Буйнакскалъул полициялъул бетIерас гIолилал ахIулел руго жиндихъего , министрасда щиб абилеб кин абилебали малъизе. Депутатаз рищиялъул заманалда жидеде тIадецуй гьабулеб букIанин абейила, гьез хIинкъизарулел рукIанила жалилан бицейилан малъулеб буго гьес.

Гьадинго нижеца бицунеб хабар гуро гьеб, гьеб кинабго тадсикъ гьабун бажарулел гIадамал руго. «Единая Россиялъул» вакилзаби ругин абун гьебго малъа-хъваял гьарун жигарал гIадал гIолилалги ритIулел руго гьесухъего гIарзаз.

Гьединалго малъа-хъваяллги гьарун шагьаралъул администрациялъул нухмалъиялъ министрасухъе ритIулел руго лъималазул ахазул хIалтIухъаби, муг1алимзаби, ай бюджеталдаса гIарац щолев щинав чи. Гьединал провокациял гьарун щиб гьабунги ниж берцинго хIалтIизе теларилан лъугьун руго гьел».

Гьанибго абизе ккола 28 октябралдаса нахъе Буйнакскалъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ «Экренлъи» радиоялъе шагьаралда лъугьа-бахъунелда тIасан кинаб букIаниги баян кьечIилан. Гьеб идараялъул х1алт1ухъабаз абулеб буго нухмалъиялъ жидеда лъазабун бугила кинаб букIаниги баян кьогейин журналистазейилан. Гьединлъидал, депутатаз гьарурал лъазабиязда хурхун Буйнакскалъул нухмалъиялъул кинаб пикру бугебали лъазабун бажаричIо.

XS
SM
MD
LG