МагъчIваялъе рес

Педагогазги кьезе ккезе буго жидерго ЕГЭ


Пачалихъалъул цогояб экзаменазул хал гьабулел мугIалимзаби цин цереккун жалго экзамен кьезе тIамизе кколилан абулеб буго Москваялъул рагьараб лъай кьеялъул институталъ. Экзаменалъул хIасилалда рекъон гьезие кьезе рагIула хасаб статус.

Гьединаб къагIида Дагъистаналда ругел мугIалимзабазда гъорлъги гьабизе кколищан гьикъидал гьединаб хIажалъи гьечIилан рикIкIунеб буго республикаялъул лъай кьеялъул министерлъиялъул хIалтIухъаналъ. Кинаб бугеб гьелда тIасан цогидазул пикру ва щиб мурадалъе гIоло гьединаб экзамен мугIалимзабаз кьезе кколеб?

Цогояб пачалихъалъул экзаменалъул хIалтIаби къабул гьарулел мугIалимзаби цин цереккун экзамен кьезе тIамиялъул магIна баян гьабулаго, Москваялъул рагьараб лъай кьеялъул институталъул хIалтIухъабаз абулеб буго гьелдалъун рес бугин экзаменалъул хIалтIаби къабул гьарулеб комиссиялда гьоркьоса махщел гьечIел хIалтIухъаби ратIа гьаризе кIвей. Щайгурелъул чанги рукIунин хIужаби экзамен кьурав гIолиласул балал гIодорегIан гьарураб, ялъуни гIаксалда цIакъго цIикIкIинарураб.

Гьеб программаялда рекъон мугIалимзабаз кьезе кколе экзаменалъул гIаммаб халалъи букIине рагIула 36 сагIат. Гьезда гьоркьосан бащадал рагIула практикиял хIалтIаби. Экзамен кьолез биччазе бегьулеб буго бищун цIикIкIун 25 процент гъалатIазул. Риччарал гъалатIазда рекъон гьезие кьезе рагIула хасаб статусги. ХIалбихьи хIисабалда гьеб экзамен исана кьезе рагIула Москваялъул мугIалимзабаз. Хадубккун гьеб тадбир щибаб соналъ цогидал бакIаздаги тIобитIизе бугилан абулеб буго Москваялъул рагьараб лъай кьеялъул институалъ.

ХIажат бугиш гьединаб практика Дагъистаналъул мугIлимзабазда гъорлъги тIобитIизеян гьикъа-бакъи гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ. Щайгурелъул цогояб экзамен республикаялда кьезе байбихьаралдаса чанго эбел-инсул гIарз букIана жидедаго гьечIеб лъай кинила гьез лъималазе кьолеб, мугIалимзабазда жидедаго кIоларин гьеб экзамен кьезеян.

Москваялъул институталъ бицен гьабулеб экзаменалъул хIажалъи гьечIилан рикIкIунеб буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъул гIаммаб лъай кьеялъул бутIаялъул аслияй махщелчIужу ГIабдулбасирова Раисатица.

Раисат ГIабдулбасирова: «Нилъер гIемер руго лъай бугеб мугIалимзаби. Гъоркьисала нижеца тIобитIун букIана мугIалимзабаз цогояб пачалихъалъул экзамен кьеялъул тадбир. ГIурус мацIалъул, хIисабалъул, кинабниги анлъго дарсил мугIалимзабаз кьун букIана экзамен. Гьелъул хIасилал нижеца халкъалда лъазарун рукIинчIо, амма гьел киналго мухъазул ва шагьаразул нухмалъулезухъе ритIун рукIана. Гьел хIасилазда рекъон, гIемерав мугIалимасе лъикIаб къиматги щун букIана.

Гьезда гьоркьор ратила хашаб лъай бугелги, гьединазул лъай борхизабиялъе курсазде ритIун, гьелъие хIажатал сурсатал ралагьун, батIи-батIиял тадбиралги тIоритIулел руго нижеца.

Ахирал соназда лъикIал хIасилал рихьизаруна ЕГЭ кьурал лъималаз. Гьезда гьоркьор руго анцIго ва щуго балл босаралги гIолилал. МугIалимзаби лъикIал рукIинчIелани гьединал хIасилал рукIинаандай?»

Амма Дагъистаналъул мугIалимзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Амиродинов МухIамадица рахъкколеб буго Москваялъул лъай кьеялъул институталъ билълъанхъизабизехъин бугеб программаялъул. Гьелъие гьадинаб мисал бачунеб буго гьес.

Амиродинов МухIамад: «Конфликталъулаб комиссиялда рукIуна гьадинал мисалал. ХIисаб кьеялъул экзаменалда, жинде кьураб масъалаялъул 90 процент битIун гьабун буго цIалдохъанас, амма гьениб цо ишара мекъи ккун буго гьесухъан. Гьебги багьанадуе ккун 0 балл хъвалеб буго гьесие. Лъабго ялъуни щуго балалде щвезегIан цояб кьезе бегьулеб бакIалда, щибниги щвечIого хутIулев вуго гIолилав. Республикаялде хал гьабизе битIани кIиго балл гурони кьоларо гьеб хIалтIуе, хутIараб щвезе ккани Москваялде щвезегIан битIун гьелъул кколеб буго гIала-гъважа. Гьединал ва гьелда релъарал хIужаби такрарлъичIого рукIине, ЕГЭ кьурав гIолиласул ракIги бекичIого букIине гьединаб экзамен ялъуни хасал курсал тIоритIи лъикIаб бугилан рикIкIуна дица.

Пуланаб хIалтIуе гьадинаб къимат кьезе бегьула, гьалъие гьадигIанаб гурони бегьулароян хIукму къотIизе, экзаменазул хал гьабулев мугIалимасул букIине ккола щвалде щвараб лъай. Гьединго жиндица гьабулеб хIалтIудехун жавабчилъиги букIине ккола гьесул. Гьединаб жавабчилъиги бугони, лъикIаб лъайги бугони лъимадул ракIбекулеб къагIидаялъ экзаменалъул хIалтIуе къимат кьезе гьечIо гьес».

Исана цогояб пачалихъалъул экзамен кьезе буго 27 маялдаса байбихьун. Гьеб ккола экзамен кьолеб аслияб гIуж. Бищун хехго кьезе кколел экзаменал абуни байбихьизе руго 2I марталда.

XS
SM
MD
LG