МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул мугIалимзабаз ЕГЭ кьуна


26 октябралда Дагъистаналъул киналго мухъазда унеб букIана гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимзабаз пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялъул тадбир. Лъай кьеялъул министерлъиялдаса гьеб тIалаб гьабуна Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница, исана школа лъугIарал гIолилаз ЕГЭ кьеялъул хIасилазухъ хал гьабун хадуб. Амма гьатIан къоялъ экзамен кьолел рукIарал цо-цо мугIалимзаби рази гьечIо гьеб тадбир тIобитIараб куцалдаса.

МугIалимзабаз пачалихъалъул цогояб экзамен кьезе гьатIан къоялъ Дагъистаналда рагьун букIана 56 пункт. ГIурус мацIалъул ва литератураялъул 6621 мугIалимас кьун буго араб гьатIан къоялъ гьеб экзамен.

Дагъистаналъул мугIалимзабаз гьеб экзамен кьезе букIиналъул «Эркенлъи» радиоялъ цебеккунги бицун букIана. Гьелъие гIиллалъун ккана исана ихдал Дагъистаналда пачалихъалъул цогояб экзменалъул хIасилал.

Исана гьеб кьеялъул тIалабал цIакъго кьваризарун рукIана Россиялъул лъай кьеялъул министерлъиялъ ва щибаб экзамен кьолеб рокъор рекъезарун рукIана веб-камерабиги. Гьелъул хIасилалда жидерго бугеб лъаялда рекъон экзамен кьезе тIамурал гIолилазул чангиязухъа гьеб кьун бажаричIо.

Гьединлъидал киналго мугIалимзаби тIамизе кколин пачалихъалъул цогояб экзамен кьезейилан лъазабуна ЕГЭялъул хIасилал гьоркьоб лъураб данделъиялда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.

Амма къоло анлъабилеб октябралда экзамен тIобитIараб куцалдаса рази гьечIо гьеб кьолезда гьоркьой йикIарай, Хунзахъ мухъалъул ГьоцIалъ росдал гьоркьоб школалда гIурус мацIалъул ва литератураялъул дарсал кьолей ХIасанова ГIайшатица.

Гьелъ бицунелда рекъон экзаменалъул масъалаби тIад хъварал хIалтIаби гьезухъе кьун руго цереккунго рагьарал конвертазда жанирги лъун, гьелин абуни кьезе кколаанин рахарал, жеги лъицаниги рагьичIел конвертазда жанибги лъун.

Гьенисанго бихьулеб букIанин гьениб жаниб ритIухълъи гьечIолъи букIинилан. Гьеб цо, кIиабизе бугони гьел хIалтIабазул хIасилазухъ хал гьабизе рагIулин мухъалда бугеб лъай кьеялъул нухмалъиялъ, гьебин абуни гьабизе кколин мугIалимзабазул махщел камиллъизабиялъул рахъалъ МахIачхъалаялда бугеб институталдеги босун.

ХIасанова ГIайшат: «11 классалда цIалулел лъималазе букIаралдасаги батIияб жо гьениб щибниги букIинчIо. Гьадалго масъалаби рукIана, захIмалъиги щибниги букIинчIо».

ЭР: «Гьеб ЕГЭ кьеялъул магIна букIаниш дур хIисабалда ва хIакъикъаталда гьеб кьезе кколел рукIарал мугIалимзаби батIиял рукIанилан рикIкIуниш дуца?».

ХIасанова ГIайшат: «Киналго рукIана чанго соналъ школалдаги хIалтIарал цIикIкIараб ригьалъул мугIалимзаби. Лъеберго соналъ хIалтIарай дунги, гьедигIанго соналъ хIалтIарай дир пишацояй гьалмагъги рукIанаха нижер школалдаса.

Гьединалго рукIана мухъалъул цогидал росабалъа рачIарал мугIалимзабиги. ГIолохъанав чи нагагь-надирги гьенив вукIинчIо. Цоял декреталда цоял унтун азарханаялда ругилан багьанабиги ургъун рачIинчIо».

Жибго экзамен кьезе щибниги захIмат букIинчIилан бицана ГIайшатица, амма гьенире ине кколел мугIалимзаби батIиял рукIанин щайгурелъул байбихьудаго абулеб букIаралъулин гьанжего гьанже университетги лъугIун рачIарал гIолохъанал мугIалимзабазул бугеб лъай загьир гьабизе тIобитIизе бугин гьеб ЕГЭйилан.

26 октябралда мугIалимзабаз кьолеб жо цогояб экзамен гурин букIараб гьеб букIанин лъай бугелги гьечIел мугIалимзаби загьир гьариялъул мурадалда тIобитIараб мониторинг ва гьелъул хIасилалда мугIалимзабзул лъиениги зарал ккезе гьечIин, ккезе букIарабани нижеца рази гьечIолъи лъазе гьабизе букIанилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе, Дагъистаналъул лъай кьеялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Амиродинов МухIамадица.

Амиродинов МухIамад: «Я мугIалимзабазул харж дагь гьабураб, я гьел хIалтIудаса рахъараб жо гьеб мониторингалда нахъа гьечIо. ГIицIго лъай бугелги, гьечIелги мугIалимзаби загьир гьарун, гьединал лъай камил гьабизе ритIи гьеб буго гьелъул аслияб мурад».

ЭР: «Мун рази вугишха гьеб гьабулеб куцалдаса?».

Амиродинов МухIамад: «Гьениб мугIалимасул харжалда яги гьесул хIалтIуда хъинтIулеб жо букIарани гьеб мекъи букIинаан, нижги гьелда данде рахъине рукIана.

Лъай гьечIел мугIалимзаби лъай борхизабизеги ритIун лъималазе лъикIаб лъай щолеб къагIидаялда тIад хIалтIи гьабулеб буго. Гьелдаса роххизе ккеларишха. МугIалимасе гьелдасан зарал гьечIо».

ЭР: «Дуда кинха кколеб, гьелъ хIасил кьезе бугодай?».

Амиродинов МухIамад: «Нилъ киналго цадахъ рекъон хIалтIани хIасил ккезе буго. Нилъер республикаялъ бищун хашаб бакI ккуна исана ЕГЭ кьеялъулъ. Хадубги гьединаб хIасил ккечIого букIине хIалтIи гьабизе ккелаха. КIиабизе босани гьединал хашал мугIалимзаби хисун гьениве тIамизе чиги гьечIелъул, букIарабани жакъа нусазарго гъурущ мугIалимасе батIияб иш букIана.

ХIалтIизе рачIунезул къадарги цIикIкIараб букIинаан. Жакъа гьезие кьолеб харжида рекъон хIалтIулелги ругин гьелилан кколеб буго дида».

МугIалимзабаз ЕГЭ кьеялъул тадбир Дагъистаналда халат бахъине буго жеги моцIица хадусеб гьатIан къоялъ пачалихъалъул цогояб экзамен кьезе рагIула хIисаб гIелмуялъул мугIалимзабаз.

XS
SM
MD
LG