МагъчIваялъе рес

Бечедазе - гектарал, мискиназе – гьерсал...


МахIачхъалаялда гIагарлъухъ Ленинкент росдал администрациялъ ракьул суал кутакалда хашго тун бугин, гьединго гьенир цIакъ гIемер ругин чара гьечIого ракь хIажатал гIадамалгиян абураб хитIаб гьабуна 14 декабралда МахIачхъалаялъул мэр Муса Мусаевасде Ленинкенталдаса Тутама МухIамадовалъ. Гьей ккола жанир чIезе рукъзал кьеялда бан Ленинкенталда гIуцIараб комиссиялъул нухмалъулей.

Тутама МухIамадовалъ тIалаб гьабулеб буго чара гьечIого рукъзал къваригIарал хъизаназе минаби разе ракьал кьезеги. Масала, гьединаб ракьул къотIел 99 чиясе гурони кьун гьечIин, хIакъикъаталда хIажат бугин 300-ниги ракьул къотIелилан абуна гьелъ МахIачхъалаялъул мэр Муса Мусаевасда.

Гьединан ракьул суал рукIалиде ккезабизе кIоларого гIезегIан санал руго Ленинкенталда гIумру гьабулей Рукъият Султановалъул. Ленинкенталде ячIинегIан гьелъ гIумру гьабулеб букIана Украинаялда, Чернобылалъул атомалъул электростанция кьвагьараб бакIалда гIагарлъухъ. Цинги эменги яцги захIматго унтун ругилан хабарги бачIун, ясгун цадахъ Рукъият Дагъистаналде тIадюссуна. Гьелдаса нахъе ана къого сон. Гьебщинаб заманалда жаниб гьей махсароде кколей йиго пачалихъалъул хъулухъчагIаз – исана кьелила рукъ босизе чернобылалъулазе кьезе бихьизабураб гIарацги, тIадеялъул яги гьелда тIадеялъул гьабилила дуе гьелъ гIумру гьабулеб ракь гьей бетIергьанаб бугин абураб документги.

ГьабсагIаталда Рукъиятихъ гьечIо жинца тIаса-масаго бараб кIиго рукъ бугеб ракь унголъунги жиндир букIин бихьизабулеб документ. Чанго соналъ цебе Ленинкенталъул администрациялъ кьунин жиндие гьеб, 70 азарго гъурщиде цо документгицин босизабун букIанин жинда гьеб администрациялъул нухмалъулезин бицана ЭР-ялъе Рукъият Султановалъ. Амма документ батун буго хIакъикъаталдаги Рукъиятица гьеб ракь лъицаниги изнуги кьечIого ккунин абураб магIнаялъул.

Гьадин бицунеб буго гьелъул хIакъалъулъ жийго Рукъиятица.

Рукъият Султанова: «Я квитанция, яги цогидаб щибгIаги документги кьечIо гьез дихъе. Гъов дихъа гьеб гIарац босарав чи хвезеги хвана, Тупарханин букIана гьесда цIар. Гьереси-кагъат батана гьеб. Гьез жидецаго абулеб буго гьанже гьеб гьереси-кагъат бугилан».

ЭР: «Гьелъул магIна кколаха лъилниги изнуги гьечIого, дуцаго ккун бугин гьаб ракьилан абун…».

Рукъият Султанова: «У. ТIоцебего балагьизе лъачIо нижедаги. Аниб хъвазе кколаан «выделить» («кьолеб бугилан»). Амма хъван буго «освоен» абун. Цо-кIигоялъул буго «выделить» абун хъварал документал».

ЭР: «Гьанир гIемер ругищ гIадамаз жидецаго ккурал ракьал?»

Рукъият Султанова: «Руго. Цо-кIигоял хутIизегIан киназулго ратула гьединан ккурал ракьал. Гьаний гъоркьехун йиго дир яц. Гьелъул лъимал руго кумекалъе рахъине. Гьединлъидал гьелда кIванаха ракьалъе документал гьаризе. Дида кIвечIо. Дир гьечIо кумекалъе чагIи. ЦохIо техпаспорт гурони, тIокIаб докумнт дир гьечIо. Цо бечедав чияс абун букIана жинца кумек гьабилин дуе документал гьаризе. Амма гьесги гьанже рагIи хисана, дур гьаниб цогIаги кагъат гьчеIила квер базе, киналго гьересиял ругилан».

Гьелда тIад гьанже цойиги суал буго баккун. МахIачхъалаялъул администрациялдасан Рукъиятие жаваб кьолеб буго чернобылалда йикIарай гIадан хIисабалда рукъ босизе пачалихъалъ гьелъие бихьизабураб гIарацги некIого босун бугин дуца. Рукъият Султановалъ ЭР-ялъе бицана ахирги гьеб гIарац хIакимзабаз жидецаго кванан батулила жинда тIаги хъван.

Рукъият Султанова: «Дида я бихьараб, яги рагIараб жо гуро гьеб. Гьанже исана лъана дида гьеб гIарац босун букIин. Компьютералдаги рагIула гьеб хъван, дица босун бугилан. Чамалиго сон буго дир гьеб гIарцуда хадуй хьвадулей. ИсаналъагIан щайха дида гъоз абичIеб дуца гьеб цебего босун букIун буго гурищилан? Лъица батаниги кванан батилаха гьеб ахирги».

МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул вакил Зайнаб ГIалимирзаевалъ ЭР-ялъе бицана МахIачхъалаялда гъорлъе унеб I4 росулъ бугила Ленинкенталдаго гIадаб ахIвал-хIал.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Жакъа рачIун рукIана Ленинкенталдаса чагIи, гьезде щвезегIан рукIана Шамахалалдаса, Красноармейскалдаса, Талгиялдаса. Гьадин балагьун чIун руго гIадамал кидадай гъол ракьал рикьизе байбихьилаян. Гьеб бищун захIматаб суал буго гьаниб. Ахирисеб 10-15 соналда жаниб чIобоого батараб ракьул кесекалда тIад бокьараб жоги бан, хадуб гьелъие документалги гьарун ратана гIадамаз. Цо чиясда тIад хъван 80-I00 гектар ракьулгун, бичун батана. Цинги жидецаго гьарурал хIилла-макраби тIагIине архивалдаса даптарал тIагIинарун ратана хъулухъчагIазги. Гьанже цIех-рехчагIазги гьабулеб буго гьелда сверухъ хIалтIи. Лъалароха, гьелъул бетIер кквезе щвелебищ гьезухъеяли».

ПалхIасил, ахираб 10-15 соналъ ракьал рикьун гьечIо гIадамазе. Гьел рикьизе ккани, гьабизе ккола ракьазул инвентаризация. Гьеб гьабизе байбихьана Мусаевасде щвезегIан вукIарав шагьаралъул нухмалъулесул командаялъ. Гьеб инвентаризация гьабулаго гьез гIемер батIи-батIиял хIиллаби тIатинарун ругоан – цо чиясда тIад 40-50 гектар ракьулги хъван, амма хIакъикъаталда ракьги къваригIарал, гьеб бакIалда гIумруги гьабулел чагIазе гьелги кьечIого. Гьеб мехалда ццим бахъинарищ гIадамазул?

Красноармейскалда рагъуде буссун букIана иш. Шагьаралда гIемер соналъ хIалтIарал чагIазе жанир чIезе рукъзал яги ракьал кьолеб гIадат бугоха. Гьедин МахIачхъалаялда сверухъ ругел росабалъа гIебеде гьел ракьал кьезе бажарулеб гьечIо, гъозул гIадамал данде рахъунел рукIун – булдул, лъундул росун чIун рукIана гьел, жидеца цо чи виччаларин гьениве къазе, гьединан жидеца цIунилин жидер росабазул ракьалилан. Гьединго цин жидее кьейила ракьал, нагагьлъун жидедаса хадур нахъе хутIулел ругони, кьейила гьел шагьаралъулазеги.

Гьедин гьанже лъиениги ракьал рикьилалде цебе МахIачхъалаялъул администрациялда гъорлъе унебщинаб росдада жанибниги сверухъниги кигIанасеб ракьул къадар бугебали лъазе инвентаризация гьабизе буго мэриялъ».

Зайнаб ГIалимирзаевалъул рагIабазда рекъон, инвентаризациялъул хIасилазухъ гьабизе буго шагьаралъул генералияб планги.

XS
SM
MD
LG