МагъчIваялъе рес

Кризисалъул кьаби щун хIорлъарал анищал


Россиялда бищунго цебе доллар хиралъиялдалъун ва багьаби рахиналдалъун гIадатиял гIадамазе загьирлъараб экономикияб кризисалъ гьезул гIумрудул планалги хисизаричIого тун гьечIо. Масала Дагъистаналда мина-ракьалда сверун дармилъ гьоркьохъанлъи гьабулел агентлъияз кьолел баяназда рекъон, кризис сабаблъун тIубан дагьлъун буго гIадамазул мина-ракь босизе ругел ресал, гьелъ гьабсагIат буголъиялъул даранги чIун буго. Жакъа МахIачхъалаялда рукъалъул багьа щиб?

Цересел соназда данде ккун 2015 соналда Дагъистаналда дагьлъун руго цIиял рарал ва кIиабизе рича-хисулел рукъзабазул даран. Гьоркьохъеб куцалда, 2015 соналъул тIоцебесеб бащалъиялда мина-ракьалъул багьаби 10 проценталъ гIодоре ккун рукIун руго, амма лъагIалил кIиабилеб бащалъиялда багьаби нахъеги рахун руго. ЛъагIалил авалалда, санкциял сабаблъун ва гъурущ цо ккураб хIалалда букIинчIолъиялъ, кодоб гIарац бугел чагIаз гьеб гIарац буссинабунила рукъзабазде, гьеб мехалда лъикI цебе анила иш, амма хадусала сихIкъотIи бачIанин мина-рукъ бича-хисиялъул бизнесалдейн баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Риэлторазул ассоциациялъул вакил ХIайдар Садрединовас.

ХIайдар Садрединов: «Кризисалъул заманалда гIарац буголъиялде, ай мина-рукъалде сверизаби бищун лъикIаб буго, гьединлъидал кризисалъул авалалда, цо гIадамал телевизорал ва цогидаб къайи босулел рукIарал гIадин, цо къадар гIадамаз рукъзалги росана. Амма гьабсагIаталда сихIкъотIи буго буголъи бича-хисиялда жаниб».

Экономист Эдуард Уразаевас баян гьабухъе, цакъго дагьлъун руго гIадамаз кредитал росун росарал мина-рукъзабазул къадарги. Гьадингоги ипотека гIемерал гIунгтIаби ругел ва чиясе бецIизе захIматаб букIанила. Гьанже гьеб жеги цIикIкIинабун бугила. Масала, цебесеб соналъ банказ ипотекаялда мина-рукъ босулаго чIезабураб проценталъул къадар 14 процент букIун батанани, гьабсагIаталда гьеб 17-18 процент бугила. Цадахъго, щолел харжал хIисабалде росун, дагъистаниязул цIакъ гIодорегIанисел ресал ругила буголъи ва мина-рукъзал росизе.

Эдуард Уразаев: «Мина-рукъзал раялъул жигар, Дагъистаналда исана, 2014 соналда данде ккун, дагьлъун буго 14 проценталъ. Жакъа къоялде цо миллион кв.метраялдаса циIкIкараб къадар мина-рукъалъул хIалтIизе биччан буго республикаялда. ГIадамаз банказдаса кредитал росун рарал ва росарал мина-рукъалъул къада 32 проценталъ дагьлъун буго. ГIаммаб куцалда, бищун цIикIкIараб къадар мина-рукъалъул хIалтIизе биччараб бакIазул сияхIалда Дагъистан буго ахиралда, нилъедасаги гъоркьехун буго Чачан республика. Амма Дагъистаналда Чачан республикаялда данде ккун цIикIкIарал руго гIадамал. Дагъистаналда буголъиялъул рынокалда кризисалъул лъикIаб кьаби щун букIин бихьула гьелдасан. Лъалеб куцалда хиралъун гьечIо рукъзабазул багьа, амма инфляция хIисабалде босун харжал хутIун руго хисичIогон, гьелъ харжазда данде ккун хал гьабидал лъикIаб хIалалъ рахун руго гьезул багьаби. Гьеб гуребги, МахIачхъалаялда цо лъагIалида жаниб чанго нухмалъулев хисана, гьезул щивас къануналда рекъон ралел гьечIилан цо-цо бакIал къана, гьелъги батизе бегьула Дагъистаналда багьаби рахун рукIин, цогидал регионазда гьел гIодоре ккун ругеб мехалда».

Дагъистаналда цересел соназ аслияб куцалда минаби рай цебе тIолеб бакI МахIачхъала букIун батани, ахирал соназ гьелдаго бащалъун бачIун буго Каспийск шагьарги. Масала, цебе-цебе рукъзабазул багьа Каспийск шагьаралда МахIачхъалаялдаса гIодобегIанисеб букIун батани, гьанже гьеб цогогIадинаб бугин абулеб буго «Астория+» абураб мина-ракьалда сверун дармилъ гьоркьохъанлъи гьабулеб агентлъиялъул вакил МухIамад МухIамадовас. ЦIияб балеб бакIалда, масала кIиго рукъ бугеб квартираялъул багьа цебе 800 азарго гъурущ букIун батани, гьанже гьеб цо миллионалдеги бахунилан баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе. ГIаммаб куцалда, агентлъиязул хIалтIи цIакъ дагьлъанила 2015 соналда.

МухIамад МухIамадов: «Араб соналде данде ккун цIакъ дагьаб къадар буго дараналъул. Нижер хIалтIи бикьула лъабго аслияб бутIаялде: ЦIиял ралеб бакIалда рукъзал, ай каркасал ричи, кIиаблеб нухалда бичулел рукъзабазул даран ва ижараялъ кьолел бакIал. ЦIиял ралел бакIалда рукъзал росиялъулцин мадар буго, амма жанир рукIа-рахъине бегьулел квартираби цIакъ къанагIат цIехолел руго. Бихьулеб буго гIадамазул рес гьечIолъи, яги рачIуна хиряб автомашинаялъухъ хисизе къваригIун, амма гьаб заманалда хирияб автомашинабиги росуларо. Араб соналда ричизе рихьизарун рукIарал рукъзабазул цо бутIа ричичIогон таралги ккана бетIергьаби, кризис бугеб мехалъ гьел ричиялдаса инкар гьабун. Ижараялъ росулел квартирабазул багьа абизегIана куцалъ рахинчIо, цересел соназде данде ккун, амма гьел цIакъ къанагIат гурого агентлъиялде рачIун кколел гьечIо».

МухIамадовас баян гьабухъе, гьабсагIаталда МахIачъалаялда кIиго рукъ бугеб квартираялъул багьа кколеб буго гьоркьохъеб куцалда 2 миллион гъурущ. Багьа бараб букIунеб буго рукъзабазул даражаялда. Балеб бакIалда каркасалъул багьа 700 азарго гъурщидаса бахъун 1,5 миллионалде щвезегIан.

Гьанибго абизе ккола, МахIачхъалаялда ругел чанго рукIа-рахъиналъул комплексазул Элитаялъулалилан рикIкIунел. Гьединал минабахъ квартираялъул багьа 20-25 миллион гъурщидеги бахунеб буго.

XS
SM
MD
LG