МагъчIваялъе рес

Щиб гьабизе кколеб МахIачхъалаялъул мэрас?


29 октябралда МахIачхъалаялъул шагьаралъул депутатаз щуго сонил болжалалъ вищана шагьаралъул бетIерлъун Муса Мусаев. Кинал ишаздаса гьес байбихьизе кколеб жиндир хIалтIи, кинал ругел тIоцере роцIцIине кколел шагьаралъул проблемаби, лъил ва сундул кумекалдалъун хIалтIизе кколев цIияв мэр абурал суалалал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ батIи-батIиял экспертазе.

МахIачхъалаялда цIияв мэр вищун хадув гьесда церечIарал цIакъ гIемер масъалаби ругилан рикIкIунеб буго «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабурал экспертаз. Киназго гIадин бицана тIоцебесеб иргаялда къеркьезе кколин изну гьечIого бакIал раялда данде.

Июялалдаса нахъе шагьаралъул мэрасул ишал тIуралевлъун вукIаниги, гьеб ишалъулъ хиса-баси ккечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул член, журналист ГIабдулхIамидов Аликица.

Гьесул рагIабазда рекъон, шагьаралда цIакъго гIисиналцин ракьул бутIабазда тIад бакIал ралел руго, МахIачхъалаялда жеги тасдикъ гьабун гьечIо шагьаралъул генералияб план. Коммуналияб магIишаталда ва гьезухъ босулеб гIарцул гIадлу гьечIо.

Гьединго журналистас абуна, кинал ругониги кIвар бугел ишал Мусаевас гьариялда жив щакав вугин. «Гьев шагьаралъул бетIерлъун ккана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасе данде кколев вукIун ва гьес кумекги гьабун.

Шагьаралъул нухмалъуда вукIагоги гьес республикаялъул тIалъиялъе бокьараб гьабизе буго. Амма гIемерисеб мехалъ тIалъиялъулгун шагьаралда гIумру гьабулезул интересал данде кколаро», - ян абуна ГIабдулхIамидов Аликица.

Кинаб бугеб Дагъистаналъул тахшагьаралъул аслияб гIунгутIи ва сундаса байбихьизе кколеб цIияв нухмалъулес абун цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Россиялда машгьураб «Шагьаралъул проектал» абураб фонд гIуцIаразул цояв Максим Кацида. Гьес рикIкIунеб буго МахIачхъалаялда гIумру гьабизе захIмат бугин лъелго хьвадулел гIадамазе, инвалидазе ялъуни херал гIадамазе.

Араб соналъ Максим Кац ва блогер Илья Варламов щун рукIана МахIачхъалаялде ва гьелъул къватIаздаса фоторепортаж гьабун букIана.

Максим Кац: «Дида гьениб бихьаралъул хIисаб гьабуни, тIоцебесеб иргаялда шагьаралъул нухмалъулес хIалтIи гьабизе ккола шагьар лъелго хьвадулел гIадамазе данде кколедухъ къачIазе. Ялъуни, херал чагIазе ва коляскаялгун хьвадулел инвалидазе бигьалъаби чIезаризе. Дун щварал щинал Россиялъул шагьаразда жаниб МахIачхъала буго бищунго машинаял гIемерал шагьаразул цояб.

ГIадамал гьезда рекIун бокьараб бакIалде уна, рукъалъул нуцIил кIалтIа тункун щвезегIан машинаби рукIуна. Бокьа-бокьараб бакIалда тола жидерго транспорт, тротуар букIа, ялъуни цоги бакI букIа. ЖагIияб транспорт тIалъиялъ тIубанго квер хьвагIун тун буго, гьечIо троллейбусал. Жиндирго машина гьечIел, лъелго хьвадулел ялъуни инвалидазе цIакъ захIмат буго гьеб шагьаралда гIумру гьабизе. МахIачхъала буго гIолохъанал ва лебалал чагIазул шагьар.

Амма регионалъул тахшагьар гьединаб букIине кколаро, лъелазе, инвалидазе ва херазе шартIал чIезаризе ккола цIияв мэрас тIоцебесеб иргаялда, тротуараздаса машинаби рахъизаризе ккола, жамгIияб транспорт цебетIезабизе ккола, бегьуларелъуб машинат тарав чиясда тIад кIудияб гIакIа къотIизе ккола, ялъуни шагьаралъул централда гIарац кьун машина лъезе бегьулел парковкаби рагьизе ккола».

Экономист, «Эксперт-ЮГ» абураб журналалъул редактор хисулев Проценко Николайил пикруялда рекъон, тахшагьаралъул цIияв нухмалъулес киналго шагьаралъул проблемаял роцIцIиналде гIадамал ахIизе ккола.

Ай, цохIо хIакимзабаз гуреб, гIадамазги цадахъ щибалиго гьабизе бегьулеблъи бичIчIизабизе ккола, гьеб мехалда халкъалъ гьесул рахъ кквезе буго ва ишалъулъ кумек гьабизе буго. ГIуцIизе ккола батIи-батIиял акциял, гьениб гIахьаллъи гьабизе ахIизе ккола машгьурал чагIи.

ЦохIо нухмалъиялда бараб жо гьечIо МахIачхъала рукIалиде бачин, гьениб щивав шагьаралда гIумру гьабулес гъуждул гурун хIалтIи гьабичIони щибниги лъугьине гьечIин бицана журналистас.

Дагъистаналъул лъайкьей цебетIезабиялъул институталъул проректор, географиялъул гIелмабазул доктор ТIалхIатов Халилица рикIкIунеб буго, щибниги жо ккезе гьечIин цIияб мэрасул, гьес шагьаралъул нухмалъуда ахирисеб анцIго соналда рукIарал гIадамал хъулухъалдаса нахъе ритIичIони.

Револиционнияб къагIидаялъ хIалтIи гьабизе байбихьичIони ахIвал-хIал хисизабизе рес гьечIилан рикIкIунеб буго гьес. ТIоцебе квеш букIине буго шагьаралъул цо хасал чагIазда, амма хутIараб халкъалъ рахъ кквезе буго. Халил ТIалхIатовас бищунго цебе базарал шагьартун къватIире гочинаризе кколин рикIкIунеб буго.

Хадур гочинаризе ккола кIудиял ихтилат кепал гьабулел, бертаби гьарулел бакIал, цинги цIатари бичулел, машинаб чурулел ва гьел къачIалел бакIал шагьаралъул рагIаллъабазде гочине ккола. Гьединго батIи-батIиял пачалихъиял идараби цоги шагьаразда рагьизе кколаян рикIкIунеб буго гIалимчияс.

XS
SM
MD
LG