МагъчIваялъе рес

Ипподромалъул ракь къваригIиндал ракIалде щварал санитариял тIалабал


Черновикалда пресс-конференция, 01Дек2015
Черновикалда пресс-конференция, 01Дек2015

Дагъистаналда цого-цо бугеб ипподром цIунизейилан лъугьараз гьал къоязда Россиялъул президентасде кагъат хъван буго. Гьез гьарулеб буго ипподром биххизабизе тогейин ва гьеб къачIазе гIарац биччайилан абун. ГIагараб заманалда республикаялъул чотIахъабазул проблемабазде букIине кколеб кIвар кьечIони гьеб иш тIубан гIодобккеялъул хIинкъи бугин лъазабулеб буго гьеб кагътил автораз ва гьебго суалалда тIасан, гьал къоязда, Черновик газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялъул гIахьалчагIаз.

МахIачхъалаялдаги Каспийскалдаги гьоркьоб бугеб ипподромги биххизабун гьелъул бакIалда гIемертIалаял минабиги, отелалги, дармил централги разе ругин абураб информация баккаралдаса нахъе гьелде дандечIараз республикаялъул тIаллъиялдеги, тахшагьарасул мэрасухъеги хъвадаризе байбихьана. Ункъазарго чияс гъоркь гъулбасараб петициягицин хъван букIана гьез ва интернеталдаса тIибитIизабулебги букIана, амм гьеб киналъул хIасил кколеб гьечIеблъи бихьун Россиялъул президент Владимир Путинихъе кагъат хъван буго гьез, бугелъуб тейин гьеб ипподром, гьеб хIалтIизе биччазе букIине, гьеб къачIаялъе гIарац биччаялъе квербакъиги гьабейилан абун.

Гьеб ипподромалъул ургъел бугез гьеб цIунизе ккеялъул бицине гьал къоязда «Черновик» газеталъул редакциялда пресс-конференцияги тIобитIана. Гьенир гIахьаллъана чотIахъаби, чуязул бизнесалда ругел гIадамал, ипподромалъул хIалтIухъаби. Шагьаралъул администрациялъул рахъалдасан гьеб данделъиялда махIачхъалаялъул бетIерав архитектор ГьитIинов МухIамадрасул гурони вукIинчIо. Киналго гьесде тIаделъанин абизе бегьула. Байбихьудаго архитекторас абуна гьеб ипподром гьанже бугеб бакIалда тезе рес гьечIила, щай гурелъул гьеб шагьаралда жанибегIан кколеб бугила гьанже. Цебе гьеб шагьар тун рикIкIад букIун батани, гьанже гьелда сверунцин гьарун ругила гIадамаз рукъзалилан. Гьединлъидал санитариял тIалабазда рекъон чуялги ипподромги гьениб букIине бегьуларин, гьелъ цойги бакIалде бахъулеб бугин гьебилан. Гьелъул бакIалда цIияб Порт-петровск абураб шагьаралъул микрорайон базе бугилан. Гьебги инвестораз базе бугин абуна ГьитIиновас.

ЦIияб ипподром базеги федералияб бюджеталдасан яги инвестораз гIарац биччани гурони гIарацги гьечIин абуна гьес. Цоцада цунгIандин, ракIалда ккара-ккаралъур бакIал раялъул киналго тIалабалги хвезарун шагьаралда гIемертIалаял минаби ралел мехалда щайин нужеда ракIалде щвечIел гьел санитариял тIалабал, гьанже ипподром бугеб ракь къваригIараб мехалда гьезул бицинчIонин абун «Эркенлъи» радиоялъул журналистас суал кьураб мехалда гьадинаб жаваб кьуна архитекторас:

ГьитIинов МухIамадрасул (бакьулъ)
ГьитIинов МухIамадрасул (бакьулъ)

МухIамадрасул ГьитIинов: «Унголъунги гьел минабиги санитариял тIалабалги хвезарун ран руго, гьечIин абиларо дица, киналгогIадин заправкабиги руго гьединго ран. Амма гьедин букIаниги шагьаралда жаниб ипподром букIине кколин абиги мекъи буго. Каспийскги МахIачхъалаги цолъизе буго кватIичIого. Гьеб цолъиялъул, ай агломерациялъул проект федералияб централъ хIадурун буго. Гьениб ипподромалъе бакI бихьизабун гьечIо. МахIачхъала гьанже къилбаялъул рахъалдехун кIодолъизе бугелъул нижеца гьеб ипподром Шамхалалъул рахъалдехун, туснахъалда аскIобе гIадин бахъизехъин буго, ай гьелъие ракь гьениб бихьизабун буго. Гьеб рахъалде ипподром бахъиялъе гIиллаги цохIо гьеб Каспийскалъулгун-МахIачхъалаялъул агломерация лъугьунеб букIинги, санитариял тIалабазда рекъон гьеб шагьаралдаса рикIкIад букIине ккейги буго».

Цойгидал шагьаразда бакьулъ рукIине бегьулел гьел ипподромал нилъер гьаниб щайин гьеб букIине бегьуларебин абураб суалалъеги жаваб кьун бажаричIо архитектор МухIамадрасул ГьитIиновасда. Гьединго шагьарги къилбаялъул рахъалдехун кIодолъизехъин бугин абулеб бугелъул гьеб ипподромалъе бихьизабураб бакIалда «Порт-Петровскги» бан бугелъубго щайин гьеб ипподром тезе бегьуларебин цIехараб мехалдаги нужеда щибниги бичIчIулеб гьечIила, проекталда рекъон гьеб букIине бегьуларила гьенибилан абун тIаса бихьизабуна гьес гьеб суалги.

Фотограф ХIажимурад Зургьаловас абулеб букIана гьеб ипподромги бугелъубгоги тун гьелда сверун Дагъистаналъул гIадаталги, тарихги, миллияб хаслъиги бихьизабулеб центр базе кколилан.

ХIажимур Зургьалов: «Ипподромги цIунун гьелда сверун этнодагъистан базе ккола нилъеца. Щибаб миллаталъ жидерго тайпаялъул минаби разе риччан те гьенир, умумузул букIараб тIагIел-гIучIги партал-хьитги букIине те гьел минабахъ. Гьедин музеялъул комплекс лъугьинабизе ккола гьелда сверун. Киназдаго лъала нилъер умумузе чуязул букIараб кIвар, нилъер миллияб хаслъи бихьизабулъул чуял гьечIого гIоларо. Гьеб ишалъе унго-унгояб бакI буго ипподром. Туристал рачIинариялъул бицунел рукIуна, гьелъиеги кIудияб квербакъи букIине буго гьеб комплексалъул. Гьеб туризмалъул министерлъиялъеги, культураялъул министерлъиялъеги къваригIун буго».

ГIага-шагарго цIияб ипподром базе цо миллиардгIан гIарац къваригIунин абуна МахIачхъалаялъул архитектор ГьитIинов МухIамадрасулица. Щвелеб щвелареб лъалареб гIарац бугила гьебги, хасго инвесторазда божун гьеб иш хутIани ипподром жидеда бихьилищилаго лъаларин абуна гьеб данделъиялда 30 соналъ МахIачхъалаялъул ипподромалъулгун хурхен бугев, 20 гIан соналъ гьелъул нухмалъулев хисулевлъун хIалтIилев вукIарав МухIамадов НурмухIамадица. Гьес абулеб букIана 30 миллионги тIад хвезабун къачIан хIалтIизе биччазе бегьулила гьеб бугеб ипподромилан.

Гьединго НурмухIамадица абулеб букIана гьеб ипподромалъул бакIалда шагьар базехъин ругел инвесторазда абейила цIияб ипподром байин цин хадуб байин шагьарилан. Гьединги данде кколарилан лъазабуна архитекторас. Ахиралда гьес рагIи кьуна ипподром цIунизе кколин чIаразулги шагьаралъул мэрасулги дандчIвай хIадуризе. ТIокIаб жиндица гьабсагIат гьабун бажарулеб жо гьечIин лъазабуна гьес.

XS
SM
MD
LG