МагъчIваялъе рес

Нахъойги митингал, лъарагI миллаталъул ракь ва магIарул росаби


dagestan / rally
dagestan / rally

Советияб пачалихъалъул плановияб экономикаги, гIаммал магIишаталги, цо хIарччиниса киналго кваналеб къагIидаги лъугIаралдаса нахъе магIишатазул буголъи, хасго лъарагIлъиялда ругел ракьал хутIана кинабгIаги статус гьечIого.

Гъутаби рагIула республикаялъул мал-мулкалъул министерствоялда цере, цIар гьел ракьазда тун буго "земли отгонного животноводства" абураб.

Гьел ракьазда ахираб 30-40 соналда жанир гIун руго чIахIи-чIахIиял росаби. Ракьазул бетIергьан - Дагъистаналъул хIукумат, гIадамал рихьизарун руго мугIрузул районазда хадур. Лъалеб букIахъе дунял бижаралдаса нахъе унеб ва лъиданиги чIезабизе кIвечIеб процесс буго гIадамал провинцияздаса шагьараздеги, мугIруздаса гIатIиракьалдеги, захIматал шартIал ругелъуса лъикIал ругеб бакIалдеги гочи. Киса-кирего реххун тана росаби, гьеб процессалда абула урбанизация абун.

Европаялда гьеб лъугIун рагIула 80 -I00 соналъ цебе. Россиялда, хасго нилъер республикаялда гьеб жакъа завалалда бугин абизе бегьула. ЧIунтулел руго мугIрул росаби, чIахIалъулел руго шагьарал ва гIатиракьалъул росаби, республикаялъул 3 миллион халкъалдаса лъабго бутIа гьабун цо бутIа рещтIун буго тахшагьаралда. МахIачхъала сверун ругел росабигун цадахъ тахшагьаралъул халкъ миллионалде гIагарун рагIула. Амма Дагъистаналда гьеб гочиналъул ва мугIрузулгун гIатIиракьазул буго хутIараб дунялалда гьечIеб проблема - миллияб суал. Гьал статус гьечIел гъутабазул ракьазулги, лъарагIазулги магIарулазулги суал ахираб къого соналъ киналго нухмалъулез хъублъиялда тIаде ракь балел кутуца гIадин бахчулеб букIана.

Гьоркьо-кодол политикиял гьураца ва хасал миллатчагIаца махI бахъинабулаан гьелъул. Нахъойги тIаде ракьги бан къалаан гьеб суал. ЦохIо Рамазан ГIабдулатIиповасул гIуна таваккал рагьун гьеб проблемаялъул бицине, закон къабул гьабизе ва статус чIезабизе.

Ахирисеб парламенталъул сессиялъул кIиабилеб цIалиялда къабул гьабуна ракьул суалазда хурхун лъабго кIвар бугеб хIукму: муниципалял гIуцIабазул ракьал гIицIго жидерго районалда гурел къватIирехунги рукIине рес кьей (мугIрузул районазул халкъ бугел гIатIиракьалъул росаби рукIалиде рачиналъул мурадалда), гIатIиракьазул гъутабазда ругел росабазе статус чIезаби ва республикаялъул бетIерасе бокьараб муниципалитеталда шартIал ва инвестиционнияб программа бугев чиясе торгал гьечIого жиндир хIукмуялдалъун ракь кьезе ихтияр кьей. Гьеб лъабабго къануналъул проектги къабул гьабун Рамазаница лъазабуна чIван къотIун, митингал гьарулел ва ракьалда сверухъ миллияб суал борхулел чагIазда: "Дагъистаналда гьечIо цо метр хасаб миллаталъул ракь. Ракьул бетIергьан вуго гIетIуца гьеб лъалъалев ва гьелда тIад хIалтIулев векьарухъан. Бокьараб гьеб суалалда сверухъ властазгун дандбачIого рагъаризарурал акциял, митингал, демонстрациял ращад гьаризе руго пачалихъалъул политикаялда дандечIейлъун ва цIоб тун тамихIалде цIазе руго. Гьеб лъазе ккола щивав "халкъ цIунун" цеве кIанцIолев провокаторасда. Пачалихъалда цере митингазги, къватIул политикаялъги шартIал лъолеб заман ана. Дагъистан буго нилъер киназего гIаммаб, жанир рекъон хIалтIизе кколеб рукъ" - ин.

ТIокIабги мухIканго кинха абилеб? Жакъа жидер ракь нахъе кьеян митингал гьарулел бахIарзазда лъазе лъикIан кинаб зулмуялдалъун лъеберабилел соназда нилъер умумул ритIарал гьогьомарал мугIрул росабалъа муцIигун хьуцIалъ гали босизе кIоларел ракьал рекьизеги, каналал рухъизеги. Нус-нусаз унтана, бакъул унтуца (маляриялъ) хвана, гIазабгун гIакъуба баччун къачIана.

Гьеб ракь 70 соналъ нилъецаги гьабун, нус-нус миллионаз пачалихъалъе тIорщелги кьун, жакъа Бабаюрталъул лъарагIасухъе тIад буссун лъица кьелеб? Гьелдаса ахIмакъаб тIалаб цойги кинаб букIинеб? Щай гьезда бичIчIулареб гьелъие нух кьолареблъи. Гьелго тIалабаца, митинагаз ва жидецаго ракьал кквеялъ республикаялъул властаца гьезие хас гьабун ракь тана Семендералдаги, Ленинкенталдаги. Гьел ракьалги ричун, жеги тIалаб гьарулел рагIула ричизе ракьал.

Гьеб ахIвал-хIалалда хIаял гьаризе бегьуларо, пачалихъалъ щивав чIезавизе ккола законалъул рамкабазда жанив. Гьеб шартIалъе хьихьун буго нилъер налогаца полициягун армияги. Рамазан ГIабдулатIиповас мухIканаб ва битIараб диагноз лъуна, гьанже хIажат буго политикияб воля провокаторазда жидерго бакI бихьизабизе. Гьеб букIиналдаги кинабгIаги щаклъи гьечIо. Амма бищунго хIажатаб, пайдаяб ва киналго бергьулеб нух буго политикияб сурсаталдалъун, маслихIаталдалъун нилъер диналъул вацал лъарагIал кантIизаруни ва битIараб нухде рачани. Гьеб буго киналго бергьунеб нух.

МагIарулазги хIисабалде босани лъикIан гьел жидерго тарихияб ракьалда нилъедаса дагьал рукIин. Гьезул цониги жанир чияр миллаталъул гIадамал гьечIеб муниципалитет ва росу хутIун гьечIолъи. Нилъееги бокьилароан нилъер росдада цебе бугеб колохъ цо батIайиса тIагъурги лъурав, бичIчIулареб мацIги бицунев чи вачIун чIани ва къо бахъанагIан гьенире рачIунел гIадамалги гIемерлъани.

Амма гIатIиракьазде ва шагьаразде гочи буго дунялалдаго унеб процесс, гьаниб хIажат буго рекIелъ ругел сукIелалги ритIизарун, гIиссинал пикрабиги ахада тун бусурбаби, диналъул вацал хIисабалда цолъизе киналго.Гьелъие гIакълуги, канлъиги, кантIиги кьейги щивав дагъистаниясе. Хабар лъикIаб рагIайги.

------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG