МагъчIваялъе рес

Ленинкент: Ракьал кьуни щиб кьелеб?


Ленинкенталъул гIадамал,19Авг2015
Ленинкенталъул гIадамал,19Авг2015

Пачалихъалъ гIадамазе кьун рукIарал МахIачхъалаялдаги Ленинкенталдаги гьоркьор ругел ракьазда бакьулъан Газпромалъ газалъул рогIрал лъолел руго. Жидеда гьел лъезе бегьилищилан цIехечIила лъицаниги, гьенисан газ бачани жидеца ракьалдасан пайда босун бажаруларила, хIинкъи цIикIкIараб бакI лъугьунила гьебилан абун ахIи балел руго гьеб ракьул бетIергьаби. Гьенир гьарулел хIалтIаби гьоркьор къотIизе тейилан яги жидее батIияб бакIалда ракь кьейилан чIун буго халкъ.

МахIачхъалаялда ва Ленинкент росдада гьоркьор ругел ракьал къогогIан соналъ цебе гIадамазухъе росдал магIишаталъе хIалтIизаризе кьун рукIун руго, хадубккун гьез жидерго бетIергьанлъиялде руссинарунги рукун руго гьел. Исана августалда гьел ракьаздасан Газпромалъ газалъул рогIрал лъезе байбихьун буго. ГIадамазул разигьечIолъи буго гьелдаса. Жидеда лъицаниги дандбачIила гьеб проект, гьенир хIалтIаби байбихьизе бегьилищилан цIехолев чиги ккечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб бакIалда чанго гектар ракьул бугев бизнесчи Аминов Аминица.

Аминов Амин: «Гьаб ракьул лъабго гектаралъул ракьуда дица, Россиялъул президентасул учузал минаби раялъул программаялда рекъон, рукъзал разе байбихьун буго. Цояб рахъалда гьитIинабго консервал гьарулеб цехги рагьизе ракIалда буго дида. АскIоса гIебеде гьанир гIумру гьабун ругел гIадамазе хIалтIизе бакIал рукIине. 1997 соналъ бичун босараб ракь букIана дица гьаб, гьеб кинабго тадсикъ гьарулел документалги руго. Дун бетIергьанлъун вукIиналда щаклъи кколеб жо гьечIо щибниги. Дирни гьаниб бизнес-проект буго, цойги гIадамал руго гьаниб минаби разе бакIал пачалихъалъ кьурал, цо-цоял руго рукъ базе бакI хIалицаго гIарацги данде гьабун жидецаго босаралги.

Гьанже нижер ракьазул бакьулъан лъолеб буго газалъул рогIоро. Гьелда тIадали киб гурин щибниги балеб, технологиял ва хIинкъигьечIолъи чIезабулел тIалабазда рекъон гьединаб газалъул рогIору бугеб бакIалдаса кIиябго рахъалъ нус-нус метралъ аскIоб щибниги букIине бегьуларо. Нагагь гьениб кинаб букIаниги авария ккани сверухълъиго хвезабула гьелъ. Гьеб газ бачиналъул программа хисизабеян тIалаб гьабулеб буго нижеца, гьеб гьабичIони нижеца гьанир я бакIал ран бажаруларо, я гIумру гьабизе рес букIунаро».

Цойги гьеб бакIалда бугеб кIудияб ракьул кесекалъул бетIергьан ХIажигиши Бамматовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана жиндица гIемер къоги бихьун гIезабун бугила гьениб цIолбол ах. Хурухъанлъи гьабизеги ракIалда букIун буго гьесда гьеб бакIалдаго. Гьанже гьенисан газ бачани жиндир гьабунщинаб хIалтIи гIадада холеб бугила, жиндие лъицайила гьеб бецIулебилан абун ахIи балев вуго гьев фермерги.

ХIажигиши Бамматов: «Дун чанцIулго прокуратураялде ун вукIана гьеб суалалда тIасан, диваналдеги хъвадарана. Гьениб дагIба базе жо гьечIинги абун гьез дун нахъчIвана. Щай дагIба базе жо букIунареб дир ракьалда дидаги гьикъичIого хIалтIи гьабулеб бугеб мехалда. Газпромалда гьезул вакилзабигун дандчIвай тIобитIун букIана нижеца, гьезги лъазабуна жидехъ ругел гьеб бакIалъул картабазда рекъон, ва Дагъистаналъул ракьазул суалал тIуралеб идараялъул баяназда рекъон гьеб пачалихъалъул ракь кколеб бугилан. МахIачхъалаялъул нухмалъиялъулгун тIурайила нужеца щай гьеб бакIалда нужее ракьал кьуралалийилан абураб суал. Гьеб администрациялдаги нижеда лъазабуна цебе букIараб шагьаралъул нухмалъиялъ гьарурал гьеб ракькьеялда хурхарал хIукмабазул жаваб жидеца кьун бажаруларила. Гьелда хурхун хасаб цIех-рехги халгьаби тIобитIизе кколилан.

Россиялъул регионал церетIезариялъул рахъалъ гIуцIараб министерлъиялдаги дида абуна гьеб пачалихъалъул гIадамал газалдалъун хьезариялъул программаялда рекъон гьабулеб хIалтIи бугила, нужеца гьелъие квалквал гьабизе бегьуларила. Нужее гьел ракьалги мекъи кьун рукIун ругила, гьениб цебеги газалъул рогIоро букIанила, нартил рогIороги унеб бугила гьенисанго, гьеб бакIалда ракьал лъиениги кьезе къануналъ гьукъун бугилан. Нижеда гьебщинаб жо щиб лъалеб, пачалихъалъ кьураб ракьги босун руго ниж, гIайибги гьанже нижедего кколеб буго. Нухмалъиялъул магIна гьечIеб сиясаталъе гIоло, зарал нижее кколеб буго. Гьедин рескъотIиялъ къватIире рахъун руго ниж, нилъер кIудияб хIукуматалъ гьабулебщинабги халкъалде данде бугелъул».

Гьеб цебехун бицараб ракьул бетIергьабаз газалъул рогIрал рачине гьениб хIалтIилеб бугеб техника чIезабун буго. Гьенир рукIарал хIалтIухъабаздаги гьез лъазабуна жидер суал тIубачIого нужее гьаниб кинаб букIаниги хIалтIи гьабизе рес кьезе гьечIила жидеца, берцинлъиялда нуж гьаниса нахъе айилан. АрбагI къоялъ гьенире данделъун вукIана ракьул бетIергьабазул къогогIан чи. Гьез техника чIезабун букIин лъараб мехалда гьенире рачIана гьеб хIалтIи тIаде босараб «Каспий –газпром» абулеб гIадамал бетIергьанаб идараялъул вакилзаби. Гьезул цояв ХIажимурад Атековас гIадамазда лъазабуна нужеца къанун хвезабичIого, берцинго жал хIалтIизе тейилан. Гьенир хIалтIаби гьаризе рес кьолел киналго документалги рихьизаруна гьес. Гьезда рекъонги гьеб ракь лъиениги кьун букIун гьечIо, чанго соналъе цебего газ бачине букIине тараб бакI букIун буго.

Атековас «Эркенлъи» радиоялъе бицана жив тIаде босараб хIалтIи гьабулев чи вугила, Газпромалъ жидехъе кьунила гьеб газ бачиналъул проект, гьелъие хIажатал документалги гьезго кьунилан. Жакъа къоялда жаниб ракьул бетIергьабазги Газпромалъги гьеб суал тIубачIони метер ахIун полициялгун жиндие хIалтIизе квалквал гьабулеб бугин гьезилан лъазабизе бугила жидецайилан. Газпромалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул пресс-хъулухъалъ «Эркенлъи» радиоялда лъазабуна гьеб суалалда тIасан жидеца гьабсагIат баян кьун бажаруларила, жидер юридикияб бутIаялъул хIалтIухъаби гьеб суалалда тIад хIалтIулел ругилан.

Гьеб ракьулги газбачиналъулги суал гIагараб заманалда тIобитIичIони жидеца федералияб нух къазе бугилан лъазабулеб буго гьеб ракьул бетIергьабаз.

XS
SM
MD
LG