МагъчIваялъе рес

Бабаюрталъул ракьазда сверун дагIба багъаризехъин буго


Дагъистаналъул хIукуматалда ракIалда буго лъарагIлъиялда бугеб 199 хъутаналъе росдал статус кьезе. Гьединаб гали ракIалъе гIолеб гьечIо, мисалалъе, Бабаюрт мухъалъул гIадамазе. Гьезул жамгIиял хIаракатчагIаз ва цо-цо администрациязул вакильзабаз абулеб буго, ракьал хъутабазда гъоркь ижараялда рукIун ратани, гьанже гьеб статус кьун хадубго, ресал раккизе ругин ракьал жидерго буголъиялде буссинабизеян. Гьезго абулеб буго хIукуматалъул хIукму гIумруялде бахъинабулеб бугони, жал протесталъул акциябазде руссине ругин.

Дагьаб цебегIан Дагъистаналъул мал-мулкалъул министерлъиялъул хIисабкьеялда гьез лъазабуна республикаялда 199 хъутан бугила жеги росдал статус щвечIебилан. Гьел 10 азаридасаги цIикIкIун гектар ракьул ккурал хъутабазда гIумру гьабун рагIула 80 азаргогIан чияс. Ахирисеб нухалда гьезул рикIкIен, ай перепись 65 соналъ цебе гьабун букIун буго, гьелдаса нахъе чанго нухалъ цIикIкIанин гьенир гIумру гьабулел гIадамалги, ракьалгийилан лъазабулеб буго министерлъиялъ. Гьеб идараялъул хIисабкьеялдаса хадуб Дагъистаналъул хIукуматалъ гьел хъутабазе росабазул статус кьезе бугиланги лъазабуна.

Амма гьеб хIукмуялда разигьечIо Бабаюрталдаса гIадамал. Гьез лъазабулеб буго гьел хъутабазе росдал статус кьуни, гьез жидер ракьалги кквезехъин ругилан. ГьанжелъагIан жидеца гьел 49 соналъ гIи-боцIи хьихьизе, хъутаби гьаризе мугIрузул мухъазе ижараялъе кьун рукIанила, гьанжея жал гьадингоги дагьаб гурони хутIичIеб ракьудаса ратIа гьаризехъин ругила, жидеца гьелде дандечIей гьабизе бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Бабаюрталдаса жамагIатчи ГIалиев Хасайица.

ГIалиев Хасай: «Ниж гьел хъутабазе росдал статус кьеялда рази гьечIо, къануналде дандекколаредухъ рарал росабазе кьезе бегьуларо гьел статусал, гьелъ гIодоса тIаде гьеб мухъалда гIумру гьабун рукIарал гIадамазул ихтиярал хвезарула. Гьел ракьал нижеца гIи-боцIи хьихьизе ижараялъ кьун рукIана, цебе гьениб бокьалги, гIухьбузе гьабураб рукъги гурони букIинчIо. Гьанже гьеб ракьалда лъиданиги щибниги цIехечIого тIубарал росаби ран руго гьез. Нижер гьезда абулеб жо гьечIо щибниги, риччан те гьел гьенир гIумру гьабун рукIине, гьелда дагIба букIинаро нижер, амма гьезда бичIчIизе кколаха гьел нижер ракьалда рукIин. Гьел ракьазул бетIергьабилъунги ниж хутIизе кколебли лъазе биччан те гьезда. Гьаб сагIат II6 хъутан буго Бабаюрт мухъалда росдал статус гьечIеб. Гьеб статусги щун гьел росабахъ ижараялъ кьураб ракь тIубан гьезде буссани нижрер мухъалда гьоркьоре унел ракьазул 84 процент нахъе инехъин буго. Гьадинги нижерго боцIи хьихьизе ракьал гIоларого руго ниж, гьелцоялги нахъе инехъин руго. Нижер ракьги резнал гурелъул, гьез гьедин росабазул статусалги кьун гьезий бикьун бачине».

Гьединго Хасайица бицана цо-цояз абулеб бугила жал миллатчагIи ругин, гьеб ракьалдаса лъарагIал гурел цойгидал миллаталъул гIадамал нахъе гочинаризе къваригIун бугин жидеейилан.

Хасай ГIалиев: «Гьениб щибниги миллатчилъиялда хурхараб суал гьечIо, нижерги руго батIи-батIиял миллатазул гIадамаз гIумру гьабулел росаби, гьелъул бицунел чагIи гуро ниж. ГIицIго нижеца тIалаб гьабулеб бугеб жо буго нижер ракьалда бетIергьабилъун ниж тей. Гьел хъутабазда ругел гIадамазда я нуж гьениса нахъе айин, нижер ракь хIалтIизабугейилан лъицаниги щибниги абулеб гьечIо. РукIине те гьел гьенир гIумру гьабун, ракьги ижараялъ босухъе тейин абе. ГIемерисеб нухалда гьел хъутабазул бетIергьабилъунги гьенир ругел гIадатиял гIадамал гурел цо хIакимзаби ратула. Гьезги гьел хъутабазул ракьал цойгидал чагIазухъе ижараялъ кьола. ГIурусалъ субарендайилан абула гьелда. ГьелтIаги лъикI гIарац гьабулеб буго гьел чагIаз. Масала, нижер гIолохъабаз пиринчI гIезабизе ЧIарада мухъалъул МХТйилан абулеб хъутаналъул ракь босун буго ижараялъ. ЧIарадисез гьеб ракь ижараялъе босаралъухъ гектаралъухъ 20 гъурущ кьолеб буго, нижер гIолохъабазе цIидасан гьеб ракь ижараялъе гектаралухъ 5-7азарго гъурщиде кьолеб буго. Гьединлъидал гIадамазул разигьечIолъи кибеха инеб».

Журналист ва тарихчи ШагIбанов Маркъоца «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон гьеб Бабаюрталъулаз жидерин абулеб ракь гьезул бетIергьанлъиялда киданиги букIунго гьечIо. Гьелдаго тIаде Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал бигъинабизе миллатчагIаз багъаразибулеб ахIи –хIур бугин гьебилан рикIкIунеб буго гьес.

ШагIбанов Маркъо: «Гьел ракьал киданиги гьел бабаюрталъул чагIазул рукIинчIо. Гьениб I9 гIасруялда щвезегIан гочарунел нугъаял гурел гьоркьоса къотIичIого гIумру гьабулел чагIиго рукIинчIо. Гьелдаса хадуб аскIоса гIебеде ругел росабалъа дагьалго лъарагIалги гочана гьенире. 21 гIасруялъул 50 абилел саназде щвезегIан гьез бицунел гьел ракьал рукIана хьуцIцIидцIурал бакIал. Гьеб заманалъ магIарулаз хьуцIалги ракъвазарун, лъимги бачун, пайда босун бажарулеб хIал гьабуна гьезул. Гьединлъидал жидер ракь букIанин гьебилан абизе щибниги ихтияр гьечIо гьезул. Гьел руго миллатчагIи, гьезие къваригIун буго багьанадай гьеб ракьул суалги ккун республикаялда лъикIаб гуреб багъа-бачари лъугьинабизе ва гьел ракьалги ккун хадуб гьел ричизе».

Бабаюрталъулаз лъазабулеб буго жидеда нахъе къазе ракIалда гьечIила, гьеб ракьул суал жидей бокьухъе тIубачIони жал акцияздегун митингазде рахъине ругилан.

XS
SM
MD
LG