МагъчIваялъе рес

Дагъистан ракьул реформаялде хIадур гьечIо…


dagestan - farm
dagestan - farm

Дагъистаналъе ракьул реформа хIажат букIиналъул лъазабуна гьал къояз тIобитIараб чIагояб эфиралда Рамазан ГIабдулатIиповас. Дагъистаналда гьединаб реформа тIобитIизе цудунго буго рикIкIунеб буго экспертас.

Ракьул реформа гIумруялде бахъинабизе Дагъистаналъул тIалъиялъе лъабго моцIил болжал рихьзаруна Дагъистаналъул нухмалъулес. Гьеб заманалда жаниб киналгIаги къануналъул актал, проектал ва цогидал кагътал хIадур гьаризе кколел руго.

Дагъистан кколин цо хутIараб субъект гьеб ракьул реформа тIобтIичIеб, гьеб тIобитIизе заманги некIого щун бугин лъазабуна нухмалъулес. Ракьул секторалде кIвар бусссинабун бищун тIоцеве чIезавизе ккелила щив кколев ракьул бетIергьанали ва мухIкан гьаризе ккелила ракь хIалтIизабизе кьеялъул шартIалин лъазабуна ГIабдулатIиповас.

Дагъистаналъул нухмалъулес цебеги бицун букIана ракьул реформа хIажат букIиналъул, гьедин араб соналъ Дагъистаналда тIобитIараб тIоцебесеб ракьул Форумалда гьес абун букIана росдал магIишаталдаса тIун рукIун данде ккезе гьечIин дагъистаниязе. Росабалъ ва мухъазда гуребги ракь хIалтIизабиялъул ахIвал-хIал цIакъ квеш бугин МахIачхъала, Дербент ва цогидал шагьаразаги.

Щибаб росулъ хал гьабуниги батилин рехун чIунтун тун ракьал, къанагIат чияс арендаялъ босун хIалтIизабулин ракьин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Хунзахъ мухъалдаса фермер МухIамадов ГIабдуматIалибица. Жинца хIалтIизабизе гектар ракьул босанила, амма гьелъие хъулухъ гьабун, гьелдаса бачIараб жоялдаса цIикIкIун гIарац анила магъалабазул идараялъ, гьеб ракь хIалтIизабизе босаралъухъ.

МухIамадов ГIабдумутIалиб: «Киса-кибеги росабалъ рекьулел щинал бакIал чIунтизе тун руго. Комунистазул заманаялъ хIалтIизарулел рукIарал ракьал руго гьанже рехун тун. Росулъ ракьал жеги рикьунцин гьечIо. Гьениб цебесан ракь бикьизейин лъугьаниги бахIсал рагъарула, цоязе цояб данде кколаро, цоял разилъуларо жидехъ рукIарал ракьал цогидасухъе ккедал. Дица хIалтIизабизе босана гектар ракьул. Гьеб сверун къан, гъутIби чIун хъулухъ гьабуна. Абулеб букIана ракь хIалтIизабулел чагIазе субсидиял рукIунин, амма гьел рихьичIо. ТIоцебесеб кIиго соналъ щибго кIалъай букIинчIо, амма хадуб санайил магъало босана ракьухъ. Ахирал саназ 30 азарго гIанасеб гъурущ ана дихъа, мухъалъги кинабгIаги квербакъиги гьабулеб гьечIо».

Ракьудаса щолеб хайиралдаса цIикIкIун магъало унеб бугони, кинин гIадамаз ракь хIалтIизабизе бугебин абулеб буго МухIамадовас. РекьичIогон чанго соналъ тарал ракьал гIуруе руссун, цо-цо лъикIал гъутIби ругел, аскIосан лъар бугеб бакIал гIадамаз умумузул ракьал абун кколила, гьединал тIекълъиял реформаялъ ритIизарилин хьул бугила.

Жакъа Дагъистан ракьул реформа тIобитIизе хIадур гьечIин рикIкIунеб буго гIелмабазул Академиялъул гIелмияв хIалтIухъан, экономист Константин Казененица. Гьес дагьаб цебегIан Дагъистаналда ругел ракьул гьоркьолъабазул гIелмияб цIех-рех тIобитIун букIана. Амма Кавказалда ракьул реформаялъул лъикIал рахъал рукIин бихьулила цогидаб гIемер миллатал ругеб регионалъул мисалалъухъ балагьани.

Константин Казенин: «Цо рахъалъ, Карачаево-Черкессиялул мисалалда хал гьабун абунани, гьеб реформаялъул гIемер пайда бугин абизе бегьула. Гьеб республикаялдаги руго цадахъ гIумру гьабурал чанго миллатал, ДагъистаналдагIан гIемер ратичIониги. Гьениб тIобитIана ракьазул приватизация ва гьеб гIадамазухъе, паязул система гьабун, бетIергьанлъуде кьуна, цинги байбихьана гьеб ракь хIалтIизабизе.

ГьабсагIат Карачаево-Черкессиялда Дагъистаналда данде ккун чанго нухалъ дагь руго ракьуда хурхарал конфликтал. Гьелдасан нилъеда бихьула, Кавказалда гIадамасухъ бетIергьанлъуда ракь бугони, гьеб хIалтIулеб букIин. Амма дагъистаналда ракьул реформа тIобитIиялъул суал мухIканго бухьараб буго гьеб ракь кинаб муниципалияб гIуцIиялде гъолъе унебали чIезабиялда. Масала, хъутабазул ракьал росилин, гьенир гIодолъиялда, ругел ракьазда руго тIурарал росаби магIарухъ ругел муниципалияб гIуцIабазда гъорлъе унел яги Новолак мухъалъул суал, жеги цIияб бакIалда гьабизе бугеб, гьеб мухIканцин гьабун гьечIо.

Гьел суалал тIурачIого, кинаб мухъалда гъорлъе киб бакI унебали мухIкан гьабичIого ракьазул реформа гьабизе цудунго буго, щай гурелъул гьедин рикьарал ракьазда дагIба базе рес буго, гьелъ дагьабги кIудияб дагIба-рагIиялде рачине ресги буго. Гьединлъидал, цин ругел конфликтазул гарцIал ричун, кинабго цокIал гьабизе ккола, цинги хадуб реформаги гьабизе бегьила».

Абизе ккола, араб соналъ ракьул суал сабаблъун Дагъистаналда тIоритIана гIемер рази гьечIолъиялъул акцияби. Жакъа къоялъги, гьоркьоб заман бахъун ракъи лъазабиялъул акция тIобитIулеб буго Новолак мухъалъул Шушия росдал гIадамаз, жидер ракь нахъе тIалаб гьабун.

XS
SM
MD
LG