МагъчIваялъе рес

Ракьул суалал ва бекьулездаса бикьулел бергьунел данделъаби


Республикаялъул парламенталда жаниб ракьул суалазул комитеталъул председатель Жапарбег ЖахIбаров абурав чияс ахIун рукIун руго арбагI къоялъ депутаталги, депутатал гурелги чагIи кIвар бугел суалал гьоркьор лъезе.

Повесткаялда букIун буго чанго суал: ракьул суалазул ва гьезул гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ, республикаялъул буголъиялда жанир ругел ракьал ричиялъул ва гьезул багьа чIезабиялъул суал, гочинабулеб гIи-боцIухъанлъиялъул ракьазул статусалъул суал ва росдал магIишаталъул кIваралъул ракьал хIалтIизариялъул нормаби ва къагIидаби чIезари.

ХIалуцарал бахIсаздаса хадуб Халкъияб Собраниялъул сессиялде гьоркьоб босулеб буго гIицIго цохIо суал ва законалъул проект «Дагъистан республикаялда ракьул суалал роцIцIинари» абураб. ХутIарал суалал нахъе чIван руго гIаммаб пикруялде рачIинчIого.

Масала, нахъе чIван рагIула депутатаз ва данделъиялде ахIараца «Росдал магIишаталъул ракьал рича-хисиялда хурхараб» абураб суал. Щайгурелъул гIемерисел росдал магIишаталъул ракьал жакъа рагIула 49 сонил болжалалъ арендаялъе росун, гьеб ракь хIалтIизабуларел гIадамаца. Закон къабул гьабуни гьелго чагIаца кадастровияб багьаялда рекъон ричунги росун базаралъул кIудияб багьаялда ракь хIажатал хIакъикъиял фермеразе ричизе рагIула.

Гьеб гIемер экономикаялъе ва халкъалъе лъикIаб жо гурин рикIкIана данделъараца. Гьединал ракьазул площадь рагIула республикаялда 1187,5 азарго гектар. Гьоркьохъеб кадастровияб багьаялда гьеб ракь бичун республикаялъе щолеб рагIула 19,1 миллиард гъурущ. Гьеб рагIула дагьаб жо республикаялъе. Цо нухалда гьеб бичани ракьуца бюджеталъе тIокIаб гIарац кьезе гьечIин рикIкIунеб буго гIемерисез. Гьебго данделъиялда нахъе чIван буго хъутабазул ракьазе статус кьеялъул ва гочунел гIиял трассаялъе тарал ракьазул суалалги.

Ракьазул суалазул комитеталъул нухмалъулев Жапарбег Шамхаловас нахъе рахъун руго гьел суалал, законазул проектал хIадурлъизе щвечIел хIисабалда. Батани щайха повесткаялде росунго рукIаралали бичIчIуларо. Бугодай гьеб хIукмуялда нахъа спикер Хизри ШихсагIидовасул квер? Цо-цо баяназда рекъон гьесулгун Рамазан ГIабдулатIиповасул гьоркьорлъаби «маххул хIинчI» бачIаралдаса гIемер хинал рагIуларо.

Гьебги хIисабалде босун кидалъагIан нилъ ал «тавлуязда» рекъараб бакъан бачунел рукIинелин нахъа чIвазе рес бугищ? Гьеб кинабго баянлъила иргадулаб парламенталъул сессиялда. Амма гьел киналго хIисабал ва суалал къосинарун рагIула данделъиялде ахIун вукIарав Институт Народного Хозяйства абураб бакIалъул ректор Бучаев ХIамидица. Живгоги гьев лъарагI миллаталъул чи вуго. ХIамидица гьениб абун буго, хъутабазул, ай магIарухъе гIатIиракьалде гIи гочиялъул ва гьан гIезабиялъул къагIида хун бугин жакъа.

«Гьел чIорого хутIарал ракьал рекъон рукIинаан гьел ракьал хIажатал муниципалитетазе кьуни. Гьединго рекъараблъун бихьула лъикIал арендаторазухъе ракьал тани нигIматал гIезаризе» - ян. Жинца абураб жо данделъаразда тIубанго бичIчIичIеб мехалда ХIамидица тIаде жубан буго, гьел чIорого хутIарал гIатIиракьал рекъон рихьулин гIураб ракь мугIрузда гьечIел магIарулазухъе кьуниян.

Гьеб пикру гIенеккаразухъе щвезабун бахъилелде Шамхаловас Бучаев гьоркьов къотIизавун вуго. Щайгурелъул гьениб цохIо релъанхъи гуреб ццинбахъиги букIанила данделъиялде рачIаразул. ХIасил калам, ункъго суалги гьоркьоб лъун цохIоялъе гурони парламенталда гьоркьоб лъезе законалъул проектги хIадурлъичIого лъугIун буго ракьул суалазул комитеталъул данделъи. Амма жалго ракьул суалал хутIун руго рагьараллъун, дагIбагун питнаялъул, рагъ-кьалалъул суалаллъун.

Гьеб нилъеда бихьана Казбек районалъул хъутаналда букIараб ахIвал-хIалалъулъ, гьеб нилъеда бихьана Хъумторхъалаялда ва ЧIегIерал ганчIахъ. Жеги официалияб власталъ чIван къотIараб къанун, нормативияб акт, хIукму гьел суалазда хурхун къабул гьабун гьечIо. Щивасе бокьун буго гьеб нахъа рокъобехун реххун тезе, жинда тIаса ккезабизе. Амма инсан ва гьесул тIалабал батIиял руго.

«Ракь» абураб жоялъул цо хIалкIолъи, инсан гьунараздеги такъсираздеги тIамулеб къуват буго. Дунял бижаралдаса нахъе гьабунщинаб рогьоги гьунарги гьеб сабаблъун букIана. Жакъаги гIалам лъугьун буго ракьуда хадуб. Киназего бокьун буго ракьуда тIад кверщел гьабизе, жидедаго гьоркьоб бикьизе, амма бекьизе бокьарав, гIетIалъ лъалъан бачIин бакIаризе къачIарав чи ватулев гьечIо. Нахъойги ракьул суал хутIана нахъарокъоб. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG