МагъчIваялъе рес

51 млн гъурщил налъи буго Дагъистаналъул ижарачагIазда


ГьанжегIагар Дагъистаналъул ХIисаб гьабулеб палатаялъ тIатинабуна ижараялъе росарал ракьазухъ республикаялъул бюджеталде гIарац бачIунеб гьечIолъи. Гъоркьиса соналда жаниб кьечIеб ижараялъул гIарцул къадар 51, 2 млн гъурущ кколин лъазабулеб буго гьеб идараялъ.

Гьедин бищун гIемер налъи рагIула «Красный Октябрь» магIишаталда хадуб – 3,8 млн гъурущ, «Гаджиали Даниялов» абураб магIишаталъ кьезе кколеб буго – 3, 3 млн гъурущ , «Караман-К» абураб магIишаталъ – 1,7 млн гъурущ.

27 млн-са цIикIкIун гъурщил налъи бахъизе 107 къотIи-къаялда рекъон гIарзаби ритIун руго гъоркьиса диваналде.

Ижараялъе росарал ракьазул гIемерисел ахал-хурзал ккола, хутIарал – рохьал.

Налъи кьоларел ижарачагIи къануналда рекъон ритIарал рукIинегицин рес бугин абуна ЭР-ялъе чанго соналъ Хунзахъ мухъалъул Сивухъ росдал магIишаталъул нухмалъиялда вукIарав НурухIума МухIамадовас. Щайин абуни гIемерисел ракьазул гьечIила пуланаб бетIергьанлъиялда жал рукIин бихьизабулеб документ (гIадамаз гьелда абула «зеленка» ян), гьединлъидал гьезухъ гIарац кьезе кколарила.

НурухIума МухIамадов: «Цин ракьал ижараялъе кьезе ккани, колхоз-совхозазул «зеленка» букIине ккола. Гъобги гьечIого абула гъоз ракь ижараялъе кьолеб бугин нужехъе. Жеги чанги шартIал руго гьенир хIисабалде росизе кколел. Масала, гIемерисел магIишатаз гьабун гьечIо «землестроительство». КъанагIатабги бакIалда цойиде ккезабун гьечIо гьеб ракьул суал. Масала, гьаб нижер Сивухъ росулъ. Черномырдинил (Россиялъул хIукуматалъул экс-премьер-министр – ЭР) заманалдаги кьолел рукIана ракьал ижараялъе. ГIемерисел магIишатаз хIалтIизаричIо гьел (хIукуматалъухъа гIарцалги росана гьел хIалтIизаризе кумекалъе абун). Гьединал магIишатазда цIар лъун букIана «асфальтные крестьянско-фермерские хозяйства» абун. Доб мехалдаго гIадин гьанжеги чанги чи лъугьун вуго миллионал росизеян».

Ракьалда сверухъ чанги хIилла ургъулеб бугин бицана НурухIума МухIамадовас жеги.

НурухIума МухIамадов: «ЦIиял «къагIидаби» ургъулел руго. Ахал гьарунилан суратал рахъулел руго, кIиабилеб соналда хIалтIизеги гьабичIого гъодинго толеб буго ракь. Гьединго бакIалъул администрациялъ гьабулеб буго хIилла. Дунго бетIергьанаб фермеразул магIишат бугони, гIарацги жидеего босун, хIалтIи дида тIад хъвалеб буго».

Советияб пачалихъ биххулелъул къарзалъе босараб гIарац тIаса хъвагIараб гIадин, гьанже ижараялъе росарал ракьалги ахиралда жидее хутIизе бегьулин кколеб буго цо-цо гIадамазда.

ХIисаб гьабулеб палатаялъул вакилзабаз ЭР-лъе бицухъе, ракьал ижараялъе кьолелъул тартиб хвезабулеб буго пачалихъалъул мал-мулкалъул министерлъиялъги. Масала, тIоритIулел гьечIо аукционал. Ижараялъе ракь кьолеб мехалда чIезабулеб гьечIо гьелъул хIакъикъияб багьа, яги ижараялъе босараб ракь жиндир мурадалъе гIоло хIалтIизабулеб гьечIо. Гьединго пачалихъалъул мал-мулкалъул министерлъиялъ щибгIаги хIалтIи гьабулеб гьечIо ижарачагIазухъа гьеб налъи нахъе тIалаб гьабиялъе.

XS
SM
MD
LG