МагъчIваялъе рес

Санкциял сабаблъун бечелъизе кIвеладай Дагъистаналда?


Европаялдаса рачIунел кванил нигIматазе лъазабураб гьукъа-къай жеги цо лъагIелалъги халат гьабизе хIукму гьабуна Россиялъ. Гьелда бан Дагъистаналъул ресал цIикIкIанин жиндирго экономикаги бечед гьабизе, кванил нигIматазул къадарги цIикIкIинабизеян абулеб буго Россиялъул хIукуматалъул нухмалъулес. Гьел ресал кидаго рукIанин Дагъистаналъул, амма хIукуматалъ кверчIвалеб гьечIин гьел цIеретIеялъеян абулеб буго росдал магIишаталъул церехъабаз.

Евроцолъиялъ Россиялда данде лъазарурал цIиял экномикиял санкциязе жаваблъун Россиялъги лъазабуна гьениса рачIунел кванил нигIматал жеги лъагIелалъги къабул гьаричIого тезе.

Гьелда бан Дагъистаналъул ресал цIикIкIанин жиндирго магIишат бечед гьабизеян абуна араб анкьил ахиралда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасулгун букIараб дандчIваялда, Россиялъул премьер Дмитрий Медведевас.

«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех тIобитIана гьеб суалалда тIасан цо-цо росдал магIишаталъул церехъабазулгун. Жидер мухъалда гIемераб хIалтIи гьабулеб бугин росдал магIишат цебетIеялъеян бицана нижер программаялъе Гумбет мухъалъул росдал магIишаталъул бутIаялъул нухмалъулев Мутаев ХIусеница.

Мисалалъе, исана Лъанлъари росулъ банин 60 чIегIерхIайван жаниб хьихьулеб ферма, гьединабго ферма банин цоги росулъги. 2500 гIанкIуялъе бакI бугеб гIанкIабазул ферма банин Аргъвани росулъ. Мутаев ХIусенил рагIабазда рекъон цохIо Дагъистан гуребги къватIисел шагьаразул базаралги хIебтIизе кIолеб пихъги гьанги рагIула жакъа Гумбет мухъалда.

Мутаев ХIусен: «ГьабсагIталда нижер анисан пихъ уна Воронежалде, Саратовалде, Москваялде ва цогидалги шагьаразде. Пихъил аслияб сезон жеги байбихьун гьечIо, гьебмехалъ Газелал цIун байбихьула гьеб къватIибе баччизе. Гьан нижер аниб аслияб куцалъ хасалихъе байбихьула бичизе. Бищунго гIемер нижер мухъалда букIунеб пихъ буго ахбазан, гIеч ва гени. ХъапустIан, картошка гIадал нигIматалги гIезарула».

Амма Хасавюрт мухъалдаса Парзулаев АхIмадхан рази гьечIо росдал магIишаталъул нигIматал гIезариялде республикаялъ кьолеб кIваралде. Гьесул буго 1995 соналъго гIуцIараб фермерасул магIишат.

Исана республикаялда ахихъанлъиялъул сонги лъазабун бугелъул, жиндир хьул букIанин цIиял ахал гIезаризе рукIине республикаялъ гIарцудалъун кумек гьабилилан, амма чанго нух росдал магIишаталъул министерлъиялде баниги жиндихъе копейк гIарцул щвечIин, дуцаго чIейин гъутIби, жидеца хадуб субсидиял кьелилан тIаса вихьизавунила гьез.

Жиндирго кванил нигIматал гIезаризе ресал дагъистаналъул кидаго рукIанин, амма гьеб гIезабулел чагIаздаги хIукуматалъ кверчIвазе кколилан абулеб буго фермерас.

Парзулаев АхIмадхан: «Ресал кигIан кIваниги гIемер руго, амма халкъ божулеб гьечIо тIадчагIазда. ГIабдулатIиповас Медведевасда аскIове ун цо бицун, халкъалда цогидаб бицун гьелъул хIасил бихьулеб гьечIо. Халкъ ракIхун буго гьесда, Москваяладса бачIунеб гIарцудаса инкар гьабун бугин гьесилан.

Нилъ дотациялъулаб регион ккола. Краснодар. Ставрополь ва Ростовалъул гIадал ракьал гьечIелъул Дагъистаналда, щай нилъеца гIарцудаса инкар гьабизе кколеб бичIчIуларо. Хурухъабиги ахихъабиги кидаго хIадур руго ракьги хIалтIизабизе, пихъги гIезабизе, амма хIукуматалъги гьезие квербакъи гьабизе ккелаха».

Улкаялъулго экспертазул пикруялда рекъон, Россиялъул регионазда гьоркьоб Шималияб Кавказ хутIун бугин абизе бегьула росдал магIишаталъул нигIматаздалъун улка хьезабун бажарулеб субъектлъун.

Жиндирго тIабигIиял ва рукIа-рахъиналъул хаслъиялъухъ балагьун гьабсагIат рикIкIине бегьулин Россиялъул аграрияб сектор цебетIезабиялъе аслияб бутIа лъолеб регионлъун. Гьедин Советияб зманалдаса нахъе жакъа къоялъги дунялалда машгьурал руго Дагъистаналда ругел цIолбол ахалги, гIиял рехъабиги.

XS
SM
MD
LG