МагъчIваялъе рес

Щвел гьечIелщиназе гIарацги бикьун


Дагъистаналда фермеразе субсидиял риччалеб къагIидаялда хурхун гIемер тIадкIалъаял руго жалго фермеразулги, низам цIунулезул рахъалъги. Фермеразе субсидиял риччаялъул суал кIвар бугеб гIунгутIилъун хутIулеб буго Дагъистаналда. 90 соназдаса байбихьун, росдал магIишаталъул гIуцIаби церетIеялъе риччалел ругин кIуди-кIудиял гIарцал, амма гIарац фермеразул гIуцIаби церетIеялде гуреб, цогидаб щиналде харж гьабулеб бугила.

14 сентябралда Дагъистаналда бугеб Монополиялда данде чIараб хъулухъалъ тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъураб аслияб суал букIана росдал магIишаталъул гIуцIаби церетIеялъе субсидиял риччаялда хурхараб.

Данделъи бачунев вукIарав Монополиялда данде чIараб хъулухъалъул жамгIиябгун консультативияб мажлисалъул нухмалъулев Алик ГIабдулхIамидовас лъазабухъе, 90 абилел соназ, росдал магIишат цебе тIеялде биччараб гIарац цогидаб щиналде харж гьабун, росдал магIишат цебетIеялде харж гьабичIогон толеб букIараб заманаялдаса, жакъа къоялде хисараб жо щибго гьечIо.

МагIишатчагIазе Дагъистаналда биччалеб буге гIарцуца росдал магIишат цебетIей бихьулеб гьечIин баян гьабуна гьес, гьелда тIадеги, хIажат бугила гъорлъан канлъи бихьулеб хIалалда букIине субсидиял лъие риччалел ругел ва кин гьел харж гьарулел ругелали.

Монополиялда даде чIараб хъулухъалъул нухмалъулев Къурбан Къубасаевас баян гьабухъе, субсидиял кьеялъулъ руго лъабго аслиял гIунгутIаби, цо босанани, гьел кьеялъул захIматал механизмал, цогидаб рахъалъ гIицIго цо хасаб къадаралъе гурени гьел субсидиял щунгутIи, лъабабилеб, гьел кьолаго тIалъиялъул чагIаз жидего данде кколеб хIалалда гьел рикьизе рес букIин.

Жакъа къоялде Дагъистаналда бугеб Монополиялда данде чIараб идараялъ чанго иш рагьун буго Росдал магIишаталъул министерлъиялъ грантал рикьиялда хурхун.

Цогидаб гIунгутIилъун кколеб бугила фермеразда риччалел субсидиязул щибго лъангутIи, масала араб соналда, росабалъ ругел росдал магIишаталъул гIуцIаби церетIеялъе Дагъистаналъул Росдал магIишаталъул минисерлъиялде биччан бачIун букIун бугила I70 миллион гъурущ, лъагIалил ахиралда 100 миллион гъурущ гьединго тIадбуссунги ун бугила федералияб бюджеталде, цоиниги росабалъ ругел магIишатчагIазе кумекалъеги биччачIогон.

Фермеразул ассоциациялъул нухмалъулев хисулев ГIабдурахIман ГIабурикIовасул пикруялда субсидиязе биччалеб гIарац мустахIикъал гIадамазе щолеб букIин щакаб буго. ГIиллаги гьелъие бугила, гьеб гIарац бикьизе гIуцIцIун бугеб комиссиялда гъорлъ рукIине кколел 50% жамгIиял гIуцIабазул вакилзабазул цо гIаги чи гьеб комиссиялда гъорлъ гьечIолъи . Аслияб куцалъ гьенир ругила хIакимчагIи.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Нилъер гьаниб тIобитIулеб буго гьеб. Амма фермеразе данде кколеб хIалалъ гуро, хIакимчагIазе данде кколеб хIалалъ. Гьенир гъорлъ цогIаги ассоциациялъул цогIаги чи гьечIо гьеб бикьулеб комиссиялда гъорлъ. ХIакъикъаталда, мустахIикъал чагIазе, жамгIиял хIаракатчагIаз рихьизарурал гIадамазе бикьизе бихьизабун буго гьеб гIарац, амма Росдал магIишаталъул министерлъиялъ жидеего данде кколеб хIалалъ бикьула гьеб. Нилъер гьаниб хIакимчагIаз кинабго жо жидеего данде кколеб хIалалъ гьабула»

Субсидиязда божилъи гьабун росдал магIишат гьабулеб бугони гьеб гьабулел чагIиго рукIинароанин абулеб буго Рутул мухъалдаса фермер Амирула ХIайдарбеговас. ГьабсагIаталда киналго магIишачагIи бигьаяб гуреб хIалалда ругила, улкаялда бугеб кризисалъул хIалалда цо-цо чагIазе субсидиял риччаялдасаги, кормабазул, харил, цогидалъул багьаби чIезариялде биччалебани гIарац хайир цикIкIун букIинаанин баян гьабуна гьес. Цадахъ росдал магIишаталъул нигIматалги учизлъизе рукIанила. Цоги суал бугила хIадрараб продукция бичи. Гьеб росабалъа шагьаралде баччизе кканани гIемер квакIенал рукIунила.

Амирула ХIайдарбегов: «Цо киб бугониги, хIадурараб нигIмат къабул гьабулеб бакI рагьизе лъикIаб букIинаан. Фермеразе кумак гьабулеб бугилан , росдал магIишат цебетIезабизе хIажат бугилан бицунеб буго кибго, амма гьеб бихьулеб гьечIо. Гьан, рахьдал нигIматал, пихъ магIишатчагIаз жидерго къуваталдалъун гурого бичуларо. Цо чIараб багьаялда гьеб къабул гьабулеб бакI рагьани букIинаан кумак кIудияб».

2015 соналъ Дагъистаналъул Росдал магIишаталъул министерлъиялъ иш байбихьулел магIишатчагIазе квербакъи гьабиялъе бихьизабун буго I66 млн. гъурущ. Гьеб гIарац щвезе гьединго гIемер квекIенал кколел руго гIадатияв магIишатчиясе. Амма кагътида хьихьараб боцIи-панз бугел чагIазе гьеб гIарац щвезе щибго квекIен кколеб гечIо.

XS
SM
MD
LG