МагъчIваялъе рес

МагIишатияб проблемаялъул политикияб гьумер


Хъутабазул ракьазе статус чIезабиялъул суал официалияб куцалда гьанжеялдаса 9-10 гIан соналъ цебего борхун букIана МухIу ГIалиевас республикаялъул бетIерлъун вукIаго. Амма гьелдаса нахъе гьанжелъагIан ккараб хиси гьечIо гьеб рахъалъ.

Гьал къоязда гьеб суал цIидасан борхана пачалихъалъул мал-мулкалъул министр Имран ХIусеновас. Гьесул рагIабазда рекъон, хъутаби руго кинабниги 10 азарго гектаралда. 80 азарго чияс гIумруги гьабулеб буго гьениб.

Дагъистаналда хъутаби руго аслияб куцалда Хъумторхъала, Бабаюрт, Хасавюрт, Гъизилюрт, Дербент мухъазда. Гьел рукIана советияб заманалда рии-риидал гIи-боцIи хьихьизе рихьизарурал ракьал. Амма дагь-дагьккун гIадамаз гьениб чIей гьабуна. Хъутаналги гIатIилъана. Гьезул гьанже кIуди-кIудиял росаби гIун руго.

Амма гIадамазе гьелдалъун бигьаго гьечIо. Масала, тIадбалагьун яшавалъе шартIал ругин кканиги, азарханабазда регизе унелъулги, къваригIараб документация хIажалъидалги хъутанчагIи магIарухъе ине кколел руго.

Щайин абуни чIей лъарагIлъиялда букIаниги, административияб куцалда гьел магIарухъ жидер умумул рачIараб бакIалда рукIуна хъвай-хъвагIай гьабун. Масала, Хунзахъ мухъалъул Самилахъ хъутаналда гIумру гьабулеб буго 400 – са цIикIкIун чияс. Амма ракь Хъумторхъалаялъулин рикIкIуна.

Гьалда бан ЭР-ялъе гьадинаб баян кьолеб буго Самилахъалда гIумру гьабун йигей Сидратица.

Сидрат: «Хъумторхъала мухъ бугоха нижер аб. Мина-карталда тIад бетIергьанлъи гьабизе рес кьолеб документ (зеленка – ЭР) бигьаго кодобе щоларо нижее. Шагьаралда хъвай-хъвагIай гаьбун, яги цоги щибниги ургъизе ккола. Гьедин рехун тун ругоха ниж, пакъирзаби гIадин. 50 соналъ хундерица лъарагIазухъа ижараялъе босун бугин абулаха гьалде.

Амма квалквал гIезегIан буго. Щиб къваригIаниги Хунзахъе рекеризе ккола. Азарханаялда регизе кколел ругонигицин, нужер хъвай-хъвагIай гьаниб гьечIилан аниса доре, дораса анире ритIула. ЧIикIаре, Чонтаулалде айин абула.

Нижер аниб бицен букIана Хъумторхъалаялдаса ратIаги гьарун, ниж Гъизилюрт мухъалда гъорлъе рачине ругилан. Нижее бокьилаан гьединги. Амма къотIине тана гьеб хабарги.

Ниж Хунзахъ колхозалъул вакилзаби кколелъул, гьелъул администрациялда гъорлъе уна. Документация-жо къваригIаниги, ричун росизе ракьал къваригIаниги, Хунзахъе ине ккола гьел тIалаб гьарун. Ракь хундерихъ бугелъул, гьез чIезабиларищха гьабсагIаталда жаниб гьелда хадуб халкквей».

Хъутабазе росабазул статус кьей хадубехъерхъиялъе гIезегIан кIудияб гIилла бугин бицана ЭР-ялъ Дагъистаналъул хIукуматалда цебе гIуцIараб аграрияб комитеталъул нухм Шамил Жамаловас.

Шамил Жамалов: «Нилъер чагIаз кинабго хъата-масан политикаялде сверизабула. Гьеб параялъго байбихьула съездал тIоритIизе. Байбихьула гьединаб хIукму гьабизе бегьуларилан хIукуматалде хитIабал гьаризе. Гьединлъидал цо яги кIиго лъагIалида жаниб тIубалеб суал гуро гьеб. Амма нижеца хIалтIи чIезе тун гьечIо. Нухазул картаги буго хIадурун.

Дагь-дагьккун гIадамазда гьоркьоб бичIчIи кьеялъул хIалтIиги гьабизе ккола. Байбихьуда гьел ракьал гIадамазе гIицIго росдал магIишат цебе бачинейинлъидалха кьун рукIарал, минабиги ран гьенир чIезейин гурелъул кьун рукIарал. Амма букIинчIониги, жакъа къоялде кIудиял росаби гIун руго гьенир. Пачалихъалъ бачараб инфраструктураги, рарал школалги, цогидабги, хIатта хабзалалгицин руго гьенир.

Гьанже рахъун мугIрузде нахъруссун айин кинха абилеб? Гьединлъидал росабазул статус кьезе ккола гьезие. Гьенибги буго цо гIунгутIи. Масала, Бабаюрт мухъалда ругел хъутанчагIазе бокьулеб гьечIо гьеб мухъалъул администрациялда гъорлъе жал рачине. Амма гьезие бокьухъе доба ЛъаратIа яги ГIахьвахъ мухъалъул администрациялда гъорлъе рачине къануналъги изну кьоларо. КьечIониги, гьедин гьабурал хъутабиги руго – анцIидасаниги цIикIкIун хъутан».

Гьеб киналдаго цадахъго буго жеги цоги масъалаги. ЛъарагIлъиялдаса чагIаз зама-заманалдасан батIа-батIайисан бичIчIизабула хъутанчагIазда гьеб жидер ракь букIин. Амма 40-50 соналдасан рахъун гьанже жал кире ине кколелали бичIчIуларого хъутанчагIиги руго.

XS
SM
MD
LG