МагъчIваялъе рес

ГIолохъанал фермеразе миллионал рикьулел руго хIукуматалъ


dagestan - caw
dagestan - caw

Дагъистаналда гIи-боцIи гIезабулел гIадамазе кумек хIисабалда 260 миллион гъурущ биччан буго Россиялъ исана. Гьеб гIарац щвезе буго гьанжего гьанже гIи-боцIи гIезабизе лъугьарал фермеразе.

Бигьаго бугиш гьеб гIарац щвезе ва пайда бугиш жакъа гьелдаса Дагъистаналъул гIи-боцIухъабазеян абураб суал кьуна гьезул цо-цоязе нижеца.

Араб соналъ биччан букIаралде дандеккун гьеб гIарцул къадар 82 миллион гъурщица цIикIкIун буго исана. Бищун гIемераб гIарац щвезе буго Ставрополь икълималъе. Аслияб куцалда Дагъистаналъе биччараб гьеб гIарац ине рагIула гIи-боцIи гIезабулел чагIазе.

Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялъ бицухъе гьеб гIарац кьезе рагIула гьанжего гьанже фермер хIисабалда хъвай-хъвагIай гьабурал ва ва хъизамалъулаб фермерзул магIишат гIуцIарал гIадамазе. Документал къабул гьаризе байбихьун буго 17 апрелалда ва маялъул анцIила ункъабилеб къоялда лъагIан къабул гьаризе рагIула гьел. Гранталъул бищун цIикIкIараб къадар буго 1,5 миллион гъурущ. Араб соналда гьеб гIарац бикьа-къотIулеб конкурсалъулаб комиссиялда гъорлъе гIемерал хIакимзабазул чагIи рачун ратун, гIемераб ритIухълъи гьечIолъи букIанилан бицана «Эркенлъиялъе», ГIабдурахIман ГIабурикIовас. Гьев ккола Дагъистаналъул фермеразул ассоциациялъул нухмалъулев. Гьеб гIарац щвезе бокьарал гIадамазул къадар къогогIан цIикIкIараб букIунин гьеб гIарцул къадаралдасагиян бицана гьес. Гьел ратилинха кагътазда фермеразул магIишат рагьарал, цониги чахъуцин гьечIого гIарац щвезе бокьарал гIадамалилан нижеца гьикъидал гьадин бицана ГIабурикIовас.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Ратиларищха. ГIарац бугеб бакIалда гIемераб чороклъиги букIунелъул. Гъоркьиса конкурсалъулаб комиссиялде гIемерал хIакимзабиги рачун гIала-гъважа букIуна гьениб. Исана гьеб рахъ хисизабизе ккелилан абун букIана дица министрасда. ЖамгIиял хIаракатчагIиги, фермеразул ассоциациялъул чагIиги рачине рагIи кьун букIана гьес комиссиялда гъорлъе, балагьилаха щиб кколебали».

Откатал кьечIого щолищ жакъа гьеб гIарацилан гьикъидал, гьеб откат жиндица киданиги кьечIилан абуна гьес. Гьеб кьурал чагIиги жалго ругин гIайибиял, киналго кьеларин рищватилан чIанани кьечIого рес гьечIила гъозие фермеразе кьезе кколеб гIарац.

Кумек бугищ жакъа гьеб гIарцул гIи-боцIи гIезабулел гIадамазеян гьикъидал унго-унголъун магIишат гьабулел гIадамазе бугилан абулеб буго ГIабдурахIман ГIабурикIовас.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Кумек букIинарищха гьелдаса, хIукуматалъ гьабулеб кумекалъул зарал букIинищ? ГIемер кIудияб хайир бугеб жо гуро гъоб – росдал магIишат. Гьава-бакъалда бараб, чиясул бугеб ресалда бараб жо гIемер букIуна. ХIукуматалъул рахъалдасан кумек щванани, гIезегIан цебетIей лъугьуна. Хасго хIалтIи гьабулел чагIазухъе гьеб гIарац щванани. Жиндир мурадалда рекъон хIалтIизабизеги ккола гьеб. Гьедин гьабуни росдал магIишаталъул продукцияги учузлъила, гIадамазе хIалтIизе бакIалги гIемерлъила. КъватIиса хIукуматалдаса бачIунеб продукциялъул бакIалда гьебги хIалтIизабила. Гьедин конкуренцияги цIикIкIина. ГIадамазе кваназе гъорлъ химия гьечIел нигIматалги цIикIкIина. ПалхIасил, гъолъул аслияб жо буго бихьизабураб мурадалда рекъон гъоб гIарац хIалтIизе гьаби».

Амма жалго фермерал рази ругишха хIукуматалъ гьабулеб кумекалдаса, щолеб бугиш гьезие биччарабилан абураб гIарац? Гьелъул хIакъикъат лъазе нижеца бухьен гьабуна Шамил мухъалъул ТIелекьа МухIамадов АхIмадсайгидилгун. ТIубараб хъизамго цадахъ хIалтIулеб фермерасул магIишат буго гьесул. ЦохIо дотациялъул гIарац гурони, гьебги гьабсагIат Гъизилюрт мухъалъул бетIерлъун вугев МухIамад Шабановги кIалъан, щун гьечIо гьесие. Ришват кьечIого фермерасе гIарац щоларин хIукуматалъухъайилан бицана гьес «Эркенлъиялъе».

МухIамадов АхIмадсайгид: «Фермеразе квал-вал гурони, кумек гьечIо хIукуматалъул рахъалдаса. ЦIияб фермерасул магIишат рагьарав чиясе гурони, гьединаб магIишат цебего рагьарав чиясе гIарац кьеларилан чIун руго гъол. Дие цохIо дотациялъул гIарац щванаха цо нухалъ, кьегIер гьабураб чахъу рикIкIун нусго гъурущ. ТIокIаб гIарац щвечIо.1800 бетIер бугеб гIи буго дир, 30 чIегIерхIайванги буго, росулъ, хIатта районалдаги гьединаб фермерасулаб магIишат бугев чи цо дун гурони гьечIо. Руго цогидазул кагътида бихьизабураб магIишат, амма хIакъикъаталда дица гIадин букIине кколедухъ хIалтIизабулеб магIишат гьечIо гьезул. Цебе дагьабги гIемераб букIана дир гIи, дагь гьабизе ккана, щайгурелъул хIукуматалъул рахъаладс акверчIвайги гьечIеб мехалъ захIмат букIана магIарухъ гьеб хьихьизе. ГIарац кьезе рагIи кьола чанго нухалъ, амма кодобе щвараб жо гьечIо».

Росдал магIишат цебетIеялъе кIар кьезе бугин, хIукуматалъги гьелда кверчIвазе бугилан абуна чанго данделъиялда кIалъалго, Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги. Амма бугеб хIакъикъаталъухъ балагьани цебе гIадин ракь хIалтIизабизе тIалаб гьабулеб гьечIо гIадамаз. МагIарухъ гIемерисел хурзал рекьичIого гIурдае тун руго.

XS
SM
MD
LG