МагъчIваялъе рес

Самуралда сангар къалеб буго


Самур гIурул лъеда сверун галан къаялде ва Дербентгун Избербашалде лъим бачиналде дандечIараб митинг тIобитIана гьал къоязда МухIарамкент мухъалъул Тагиркент-Казмаляр росулъ.

Самуралда сангар баялда жал рази ругищали яги гьечIищали жидеда гьикъзецин гьикъичIилан абуна митингалда росдалчагIаз.

Гьезул рагIабазда рекъон, Дербентгун Избербашалде лъим бачине байбихьани Самуралъул лианазул рохь хвезе бугин. Цоги гьединаб рохь гьечIо Россиялда.

Самур гIурул лъеда сверун галан къай ва Дербентгун Избербашалде лъим бачиналъул система гьаби Дагъистаналъул хIукуматалъ чанги нухалъ борхун букIана.

Дербент мухъалъул нухмалъиялъ хIукуматалде лъазабулеб букIана жиб-жиб соналда гIадамазе лъим гIолеб гьечIин ва гьеб масъала тIубазе бегьулин МухIарамкент мухъалда бугеб гIоралъул лъим бачани.

Дербент мухъалъул адмнистрациялъе гIарац бичана Дагъистаналъул хIукуматалъ, амма Самуралда сангар къазе Тагиркент-Казмаляр росуялдаса гIадамаз ричалел рукIинчIо.

Гьез рикIунеб буго сангаралъ экологияб зарал ккезабизе бугин жидее гуребги тIолабго Машрикъалъулаб Дагъистаналъе.

Самур гIорги ва Самуралъул лианазул рохь ккола субтропикияб бутIалъун, ва гьелъул экологияб системалъе зарал ккезе бегьула сангар къани. Совет союзалъул заманалда Самур гIоралда гидроузел бан букIана Азербайджаналъ.

Гьелдалъун азербайжаналъулаз гIемер лъим босулеб букIана Самуралдаса. ТIадежоялъе 2008-леб соналда Азербайджаналъ гидроузел цIилъизабуна ва азербайжаналъулаз хIалтIизабизе босулеб лъел къадарги цIикIкIана.

Тагиркент-Казмаляралдаса росдалчагIаз митингалда абуна жиб-жиб соналда ракьалъул аза-азар гектар лъалъачIого хутIулеб бугин, санаидаса санаиде хер бижулел авлахъал тIагIунел ругин.

Росдал магIишат бачинеги захIмалъулеб буго гIадамазе. Гьелдалъун Дагъистаналда бакIарулеб ролъалул къадарги дагьлъулеб буго, фермерал мухъалдаса нахъе унел руго.

Митингалда гIахьаллъараз гьединго абуна Самур гIоралда бугеб флора ва фауна холеб бугин. Лианазул рохьор гъутIбиги къотIулел руго цо-цо хIакимазилан бицана митингалде рачIараз. Жибго гIурулъги чугIа къанагIат гурони дандчIваларо.

Гьединал масъалабиги рукIун Самур гIурул лъеда сверун галан къазе ва Дербентгун Избербашалде лъим бачиналъул система базе бегьуларин абуна митингалде рачIараз.

Амма гьезул ахIи хIукуматалде рагIизе гьечIин кколеб буго. Цодагьалъ цебе МухIарамкент мухъалде щун рукIана ЖКХялъул ва экономикаялъул министерлъабаздаса делегациял.

Гьез лъазабуна исана сангар къазе кколин Самуралда. Гьелгун разилъана МухIарамкент мухъалъул нухмалъулев Фарид АхIмадовги Дербент мухъалъул нухмалъулев Къурбан Къурбановги.

МухIарамкент мухъалдаса хIаракатчи ХIажибуба Рустамовас абулеб буго Дербенталдегун Избербашалде лъим бачине къваригIарал чагIаз Самуралъул гIадамазде гIайиб гьабулеб бугин, гьезие гьел шагьаразул щибгIаги ургъел гьечIин абун.

ХIакъикъаталдайин абуни гьеб лъим халкъалъул ургъалида бачунеб гьечIила. Бачунеб бугила гьелдаса хайир щвезе къваригIун.

Самур гIурухъегун Самуралъул рохь гIеялъе чвахулел гьел иццаздаса пайда босулеб бугин щалали лъаларел хIалихьатазин абураб пикру буго ХIажибубал.

Гьелго хъурумсахъал ругила Дагъистаналъул хинаб рахъалда Азербайжаналъул мурадазда хIалтIулел къокъабазда гъорлъги.

Митингалда гIахьаллъараз Тагиркент-Казмаляр росдалчагIаз гIарза хъвана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе. Гьезул хьул буго ГIабдулатIиповасда жидер ургъел бичIиналда.

Дагъистаналъул хIукуматалъ гьезул масъала тIубазе букIиналда жиндир щаклъи бугилан абуна Эркенлъи радиоялъе политолог Руслан Гереевас.

Руслан Гереев: «Республикаялъул тIалъи гьеб суалалда гъорлъе къалеб гьечIо, щайугерелъул Самур гIурул лъеда сверун галан къай ва Дербентгун Избербашалде лъим бачиналъе балеб система ккола федералияб проектлъун. Гьеб проект тIубалеб буго Дербенталъул юбилей гьабилелде.

Сангар къачIони ва Дербенталде лъим бачичIони тIолгодуниялалдаса гIадамал рачIина Дербенталъул юбилеялда ва лъим гьезда батиларо».

Гереевасул рагIабазда рекъон, гьеб федералияб проекталъ цояб мухъалде лъимги бачун цогидаб мухъалда гIумру гьабулезухъа росдалмагIишат бачине шартIал рахъулел руго.

Гьелдалъун МухIарамкент мухъалда гIумру гьабулел Ставропольелда гочунел руго дагь-дагь ккун.
XS
SM
MD
LG