МагъчIваялъе рес

Тахшагьаралда тIад гIащтIи ва хъухъадиро


Dagestan -- Deforestation in Makhachkala
Dagestan -- Deforestation in Makhachkala

МахIачхъала шагьаралъул архитектура хвеялъулги, бульварал, скверал ва шагьаралъго хIухь бахъулел ахал тIагIинариялъулги гIемер бицана, гIемер хъвана, гIемер бихьизабуна информациялъул алатаца. Жакъаги бицунебги буго, щибаб рокъоб, къотIноб ва бахIсазул площадкабазда, социалиял гьиназда, гьабизе ва абизе жо тIагIарабщинаб бакIалда.

1998 абилеб соналъ шагьаралъул бетIерлъун Саид Амиров вачIараб мехалда цIияб бетIерасул тIоцебеб гали бакIана шбагралъул тротуаразда лъурал сурукъал, гIисинал маххул будкаби ва заманалъул тукаби нахъе рахъи.

ГIадамаца цевесев мэрасда МухIамад Тротуарович абун цIарги лъун букIана гьел будкаби сабаблъун. Хадуб гIемер кватIичIого гьезул бакIазда сверухъ бугеб гIурччинлъиги гъурун, гъутIбиги къотIун гIемертIалаязул минабиги, тукабиги, ашбазалги раккарабго бичIчIана гIадамазда дол маххул будкаби квешал жал рукIинчIеллъи.

Гьел цевесев мэрас захIматал 90 абилезда халкъалъе бетIербахъиялъе ва гIадамазе санагIалъиялъе заманаялъ риччарал жал рукIараллъи. Гьел будкабаца гIурччинаб, гIуру къарал нухлул рагIаллъабиги, тIугьудулги, чинаридул гъутIбиги къотIизарун рукIинчIеллъи.

ЦIияв мэрас сверухъ бакIалда гIадлу гьабуна, лъим бачана, канализациялъул трубаби хисана ва гIезегIан лъикIал ишалги гьаруна, амма дагьабниги бичизе рес бугебщинаб бакI бичана. 15 соналъ шагьаралъул гIурччинлъиялда ва гъутIбузда тIад букIана мэриялъул гIащтIи ва хъухъадиро.

МахIачхъала лъугьана сурараб архитектураялъул, квешал шартIазул, бищунго гIурччинлъи дагьаб ва экология квешаб шагьарлъун. Амма букIана власть шагьаралда, цохIо мэриялъул тахбакI кодосев чияс бачунеб букIана шагьар.

2013 абилеб соналъ гьев нахъе вачун аралдаса хъулухъазде рачIана заманаялъ ишал тIуразарулел мэрал. Гьезул щивав лъугьанин абизе бегьула жидерго заманаялъ рачIинги бичIчIун щвараб кIутIизе. Гьебго бичIчIана шагьаралда ругел квер мекъаб, агьлуялда, аферачагIазда. Лъиениги балъголъи гуро жакъа МахIачхъалаялда чамалиго нус-нус минаби ралел чагIи руго, я профессионалияб лъай гьечIел, я лицензия гьечIел, я цониги хIинкъигьечIолъиялъул ва архитектураялъул нормаби чIезаруларел.

Дагьаб цебегIан МахIачхъалаялъул мэриялъ нахъе бахъана кIинусгоялдасаги тIаде мекъи кьурал постановлениял минаби разе. «Нахъе бахъана» абураб жо буго кагътида цо пуланав чияс гьабураб хъвай-хъвагIай. Гьеб хIукумуялъухъ балагьичIого ралел руго жеги минаби. Буго шагьаралъул администрациялда цере отдел по сносу незаконного жилья ва архнадзор абурал гIуцIабиги. Гьезул рагIула 50 тIубачIев хIалтIухъан. Гьезул сурсат ва рес гьечIо гьел мекъи ралел бакIал чIезаризе.

Гьел мекъи ралел бакIазулги рагIула лъабго ункъго батIиял категориял: тIоцересел - кьун цересел мэразе ришваталгун хIукмуги бичун босун ралел, кIабилел – хIукму нахъе бахъарал, бахъаниги участковиязе, хъаравуллъи гьабулел органазе кколеб гIарацги кьун, мун дир рахъалде ваккугеян къотIаби гьарурал, лъабабилел – гьерсихIукмаби (фальшивые постановления) кодор ругел, масала, Узбекгородокалда мина базе кьураб хIукмуялда тIад хисбасги гьабун, адресги хисизабун Учхозалда яги Сепараторный поселокалда балел.

ВачIарав чиясда хIукмуги бихьизабула, тIад вуссун вачIунгеян кисинибе жоги ккезабула. Ункъабилел – судалъул хIукмаби ругел, киналго мекъал рахъалги чIезарун нахъе рахъарал хIукмаби, кьун судалдегун гьенир «бергьун» рачIунел.

Щиб гьабуниги, кинаб рахъалъан валагьаниги судиясда бихьулеб рагIуларо гьеб цо нарушение абураб жо. «Руководствуяс федеральным законом Российской федерации» - ян къалазда цIоробералги лъун цо жал чухIулел рагIула гьез ва кигIан бихьизабуниги лъел трубаялда тIад бараб мина, мекъаб хIукму, биххун унеб къед бихьулеб рагIуларо.

Сунца гьев «беццлъизавуравали» лъазеги гIемераб гIелму хIажалъилищха? Гьеб ахIвал-хIалалъ чIвалеб буго тIабигIаталъ хIикматал шартIалги, берцинлъиги кьураб шагьар.

Цебехун – ралъад, нахъехун – мугIрул, сверухъ – авлахъ ва гIатIилъи, жанир гIадамалги, гIелмуги, культураги, киназго закон цIунулел, ришватал кьоларел ва росуларел гражданалги рукIаралани кигIан гьайбатаб бакI букIинаан. Щакаб жо буго МахIачхъала хвасар гьабизе кIвей. Щай гурелъул шагьар чIвазе, хвезабизе бокьаразул интересал цIикIкIунел руго гьеб цIунизе ва гIуцIизе бокьараздаса.

Росулъа шагьаралде вачIарав, 15 азаргоялде квадараталъул метра бугеб учузаб квартира босизе бокьарав магIарулавги, гьесие килщил биццатаб арматураги лъун мекъаб хIукмуялда хIалица бахъун чIараб мина балев чиги, хъулухъалдаса вахъилелде кIванагIан хIукмаби ричизе къварегIарав мэргун архитекторги, документал гьечIеб бакIалрай бихьуларев участковойги, хIукмаби ричулев судиявги, гьел киналго ришватчагIазул, цIогьазул магIишаталъухъ балагьун, ретIараб ратIлихъ, рекIараб машинаялъухъ, бараб минаялъухъ, бикъараб гIарцухъ балагьун къимат кьолеб халкъги бугеб бакIалда кинха букIинеб гIадамазда релълъараб гIумруги, берцинаб шагьарги?

ХIасил калам, халкъалда рекъараб буго свеухълъи, гьединго буго цойги бакIаздаги. Масала, Австриялъул Вена абураб шагьар батIияб буго, гьенир гIадамалги батIиял рукIун. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG