МагъчIваялъе рес

Цин разе тун, хадур - балансалде росичIого


21 октябралда МахIачхъала шагьаралъул администрациялъ загьир гьабуна гIадамаз гIумру гьабулел минаби разе исанагун гъоркьисала жидеца изну кьуразул сияхI. Нусидаса цIикIкIун мина буго гьениб бихьизабун.

Амма гьелдаго цадахъ республикаялъул тахшагьаралда ахIи бахъун буго ран чанго сон аниги, жеги шагьаралъул балансалде росичIел минабазда сверухъ. Щибниги хIажалъи ккани, гьенир гIумру гьабулел чагIазул рес гьечIо гIарзалъ кирениги ине. МахIачхъалаялъул жакъасеб администрациялъ гIайиб рехулеб буго жидеде щвезегIан букIараб администрациялде. Гьез бокьа-бокьаразе изну кьолеб букIанин бокьаралъур минаби разе. Амма хадур гьел гьаваялда рухьарал гIадин толел рукIанин, шартIалги гIуцIичIого.

Масала, бицен гьабулеб гIадаб ахIвал-хIалалде ккун руго ГIахъущисесул цIаралда бугеб къотIноб бухIараб, 80 абилеб минаялдаса гIадамал. Гьеб мина барав чи кодове щолев гьечIо. Гьединлъидал нахъраталил фондалдасаниги гьезие мина цIи гьабизе гIарац биччазе рагIи кьун букIана республикаялъул хIукуматалъ. Амма гьеб хабар нухдаго хутIун буго.

Дагъистаналда бокьа-бокьухъе рала минаби
Дагъистаналда бокьа-бокьухъе рала минаби

Жакъа къоялде гьеб минаялъул тIох базеги, къадал цIигьаризеги гIарац бакIарулеб буго гьенир гIумру гьабулел гIадамазухъа. Масала, гъоркьиял тIалабазда ругел чагIаз кьезе кколеб буго гIага-шагарго 40 азарго гъурущ. Дагьалъ тIадегIан тIалабазда ругез - I00 аза-азар гъурущ. ГIарцул къадар бараб буго рукъзабазул кIодолъи-гьитIинлъиялда.

БухIараб мина цIи гьабизе кумек гьабилин рагIи кьун букIана республикаялъул хIукуматалъ. Амма гьез гьеб кколеб гьечIин бицана ЭР-ялъе бухIараб минаялъуй гIумру гьабулей РахIимат Адамовалъ. Щибаб нухалда гьенисан жаваб кьолила гьалейин хIукуматалъ премьер-министр ГIабдусамад ХIамидовасухъе росун анин нужер документал, гьалейин гъос гъулбас лъун бачIанин, гьалейин бакIал ралеб министерлъиялде ритIун анин гьанже гьел документал. Цинги цо къоялъ жий гьеб министерлъиялде кIалъараб мехалда жиндие гьадинаб жаваб кьунин бицунеб буго РахIимат Адамовалъ.

РахIимат Адамова: «Нужеда лъица абураб нужер мина къачIазе гIарац батун бугилан. ГIарац кибниги батулеб гьечIо! Киналго фондалги чIорого руго. ХIалтIухъабазе харж гIадин кьезегицин гьечIила гIарац. Премьер-министр ХIамидовасги жеги сунданиги гъулбас лъун гьечIила. Нижер мина барав чи кив вугевали лъиданиги лъалебги гьечIо. ТСЖ абун гьеб минаялъул тIалаб гьабизелъун гIуцIараб цолъиялъул нухмалъулевги кивеялиго тIурун ун рагIула. Гуребани, гьадаб цIа ккараб къоялъ гьанив вукIаравани, досда сверухъ цIех-рехалъул иш байбихьулаан».

Гьединлъидал лъиде гIарз бахъилебани лъаларого хутIарал гIадамазда гьанже абулеб буго нужер мина шагьаралъул балансалда гьечIиланги.

ЭР-ялъе гьеб хIужа тасдикъ гьабуна МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул вакил Зайнаб ГIалимирзаевалъги. Тахшагьаралда цохIо Кировский мухъалда гьединаб мина 200 бугин абуна гьелъ. Жидеца пайда босулел хъулухъазухъ расги гIарацги кьоларила гьез лъиениги. Гьединго гьадаб ГIахъущисесул цIаралда бугеб къотIноб бараб ичIтIалаяб минаялъул чагIазухъа канлъухъги, лъехъги, цогидалъухъги бакIарараб гIарацги шагьаралъул бюджеталде бачIинчIила цогIаги нухалъ. Гьеб бакIарун буго дов гьабсагIаталда кивеяли тIурун ун вугев ТСЖялъул нухмалъулес. Гьедин гьанже тахшагьаралъул администрация ургъулеб бугин щибаб мина шагьаралъул балансалда лъеялда ва кинан гьезул тIалаб гьабилебалиян бицунеб буго Зайнаб ГIалимирзаевалъ.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Мисалалъе босани, ХIамидовасул къотIноб бараб 59 абилеб минаялъул суратал рихьун ратила нужеда фейсбукалдаги цогидаб бакIалдаги лъун. Рищни-къулалъул цIун буго гьезда сверухъ бугеб бакI. «Эко-М» абураб компаниялъги гьеб бакIаруларо, щайин абуни гьеб мина шагьаралъул балансалда гьечIого. Жидеца пайда босараб канлъухъ, лъехъ, яги рищни бакIаризе гIарацги кьоларо гьенир гIумру гьабулел гIадамаз.

ПалхIасил, щиб кканиги жидер минаби балансалде росун рукIине лъикIаб букIинин кколеб гьечIо гIадамазда. Гьезда жидедаго буго гIайиб – минаби рросулеб мехалда цIехезе ккеларищ кинабго: ругищ гьел шагьаралъул балансалда, яги гьечIищали. Масала, щай гьадаб ГIахъущисесул къотIноб бугеб минаялъул анцIабилеб тIала бухIун тIатIала ккараб? Щай гурого жиндир заманалда цIа свинабизе тIаде рахине болъо букIинчIого доба. ЦIа свинабулез цадахъ бачIараб болъо лъези рес букIинчIого. Гьелда релълъарал цогидалги тIалабал тIурачIого нижеца шагьаралъул балансалде росуларо гъол минаби. БукIаниги щиб… Ралел гъозги руго, росулел гIадамазги руго. Цинги щибниги жо ккани, жаваб кьезе тIамизе нижехъе рачIунаха».

МахIачхъалаялъул администрациялдаса щварал баяназда рекъон, ахираб чанго моцIалда жаниб шагьаралъул балансалда лъун буго гIадамаз гIумру гьабулеб гIицIго 30 мина.

XS
SM
MD
LG