МагъчIваялъе рес

Эколог: Тарки-Тау шагьаралъул гьуърул ккола


МахIачхъала Тарки-Тау мегIералъул борхалъиялдаса.
МахIачхъала Тарки-Тау мегIералъул борхалъиялдаса.

МахIачхъалаялда гIагар бугеб Тарки-Тау мегIералъе кIвар кьун цIунулеб тIабигияб бакIалъул статус кьун буго.

Гьедин, «Тарки-Тау мегIер» абураб тIабигIияб комплекс регионалияб кIваралъул тIабигIияб памятниклъун лъазабунин баян гьабулеб буго ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ.

Такрарлъи гьечIеб, хIикматаб тIабигIаталъул бокIон цIуниялъе гьабулеб букIараб захIматаб хIалтIи рагIалде бахъанин баян гьабуна гьеб лъазаби министр Набиюла Къарачаевас.

Министрас лъазабун буго гьеб бакIалда хасаб цIуна-къаялъул режим чIезабизе бугин, киналгIаги къанун хвезабиялъул шартIал гьенир тIатинарунани, гьел хIасилал гьечIогон хутIизеги гьечIилан.

Тарки-Тау мегIер цIунизе кватIун кканин, щайгурелъул гIадамазул кверагъариялъ гьелъие гIизагIан зарал гьабун букIиналъин абулеб буго эколог АхIмад Мунгиевас. АнцIго соналъе цебе, геологияб экспедициялда гъорлъ эколог Тарки-Тауялда халгьабиял тIоритIулаго, гьеб бакIалда Советияб заманалда чIарал накIкIил гъутIби лъугIулел ратун руго гьенисан экологосда.

Цо гIилла гьелъие бугила гIадамаз бухIизеги бакIал разеги цIул къотIулеб букIин, цогидаб гIилла бугила гьеб бакIалдаго асфальталъул завод букIин. Гьеб гуребги, Тарки-Тауялда промышленияб хасияталъул бакIал ругин тIаде жубана экологас. Нилъеда кIочене бегьуларила Тарки-Тау МахIачхъала шагьаралъул гьуърул рукIин.

АхIмад Мунгиев: «МахIачхъалаялъул гьуърул руго Тарки-Тау мегIер. Гьеб цIакъ квешаб хIалалдаги буго гьабсагIаталда. Гьанже гурого ракIалде щвечIо гьеб цIуна-къазе. Советияб заманалда гьеб цIунулеб букIана, гьениб чIун бижараб буго накIкIил гъутIбузул рохьги.

МахIачхъалаялда бокьу-бокьухъе, бокьа-бокьаралъул ран минабигун тIагIун лъгIулеб буго гIурччинлъи Тарки-Тау шагьаралъул гьуърул рукIин гуребги, гьенисан гъутIби тIагIиналъ гьеб бакI ччукIун бащдаб шагьар тIагIине хIинкъи букIуна.

РакIалда батила Кяхулай росу ччукIун ун тIагIараб куц. Гьединлъидал, гьеб мугIрул лабаллъуда бакIал ччекIон бачIине хIинъки букIиналъги цIунизе ккола гьеб».

Экологас тIаде жубана, гьабсагIаталда Тарки-Тау магIарда, шагьаралъул цогидал гIурччинлъи цIунун хутIарал бакIаздаго гIадин унеб бугила къанунияб гуреб хIалалда минаби рай. Гьеб иш, мегIер хасаб кIваралъул тIабигIияб памятниклъун лъазабиялъ чIезабилин абураб жоялда щаклъи бугила.

XS
SM
MD
LG