МагъчIваялъе рес

Божилъи гьечIел минаби гIемер рана МахIачхъалаялда


30 марталъул къаси МахIачхъалаялда гIемертIалаялъул минаялъул тIохда цIа рекIиналъ, 10 рукъалъе зарал ккун буго. ЦIа рекIиналъе гIилла жеги чIезабун гьечIо, аслияб къагIидаялъ гьеб токалъул квараздасан рекIун батилин абураб пикру буго гIорхъолъаарал ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабазул. ЦIа ккараб минаялъур гIумру гьарун рукIаралщинал гIадамазе заманалъ рукIине бакIал хIадурун руго МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул нухмалъиялъ.

МахIачхъалаялъул ГIахъущиясул къотIноб бугеб 80 минаялъул тIох бухIизе лъугьун буго 30 марталъул къаси ичIгоялда. Кинабниги I80 квадратный метралъул кIодолъиялда рекIун букIун буго цIа. ЦIа рекIиналъе гIилла жеги тIубан чIезабун гьечIо.

Гьеб цIаккараб бакIалда вукIараб Дагъистаналъул гIорхъолъаарал ишазул министерлъиялъул цIасвинабулеб централъул нухмалъулев Мамаев Мартиница лъазабуна гьеб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда щивниги хвечIин ва лъилниги сахлъиялъ зарал ккечIилан.

Мартин Мамаев: «ЦIа ккеялъе гIилла жеги чIезабун гьечIо, хасаб лабораториялъул хIалтIухъабаз гьабизе буго гьелъие хIалтIи. Нижедани гьеб токалъул квараздасан рекIун батилин кколеб буго, жеги мухIканлъи гьечIо. Ахирал саназда рарал минабазул тIохаздаги гьарун руго рукъзал, тIохда бакI гIунгутIиялъ токалъул кваралги, антеннабиги гьоркьоб букIине кколеб манзилги тун рачун гьечIо. Гьелдаго цадахъ тIох киса-кибего бахчун букIун гьечIо. Гьединлъидал гьороца цоцалъ кьабезарун кваралгун, гьелдасан ккун батизеги бегьула цIа. Гьороца нижее хIалтIизеги кIудияб квалквал гьабулеб букIана, гьури букIиналъ цIа цIакъго хехго тIибитIунги ана».

ЦIа рекIун сагIат иналде гьенире рачIарал гIорхъолъаарал ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабаз гьеб 9 тIалаяб минаялъув вугевщинав чи къватIиве вахъинавуна. Кинавниги гьенив гIумру гьабун 270 чи вукIун вуго, гьезул 112 лъимал руго.

Саида ГIалиасхIабова: «КIиго лъималгун къватIир хутIана ниж квачан холеб заманалда. Кьижарал лъималги кодор ккун къватIире тIурана ниж. Нижер рукъ тIубан бухIун буго. Щибниги нахъе босун бажаринчIо гьениса, щиб гьабилебали лъаларо гьанже. Лъица нижее гьеб кинабго бецIилеб? Гьеб рукъ босизеги 10 соналъ гIарац данде гьабун букIана нижеца, цойги босизе я сахлъи я рухI гьечIо дир. Лъил доре инел шиб гьабилебалиги лъаларо, жидерго рокъо-рокъоре ругел гIадамазеги ниж щай. Мадугьалзабазул гьаниб чIун бажарулеб хIалги гьечIо, соналдаса нахъе жеги токги, газги, хинлъиги гьечIо гьаниб» - илан бицана «Эркенлъи» радиоялъ цIа ккараб минаялъуй гIумру гьабун йикIарай ГIалиасхIабова Саидаца.

МахIачхъалаялъул администрациялъул вакилзабаз цин лъазабуна гьеб цIа ккараб мина бан анцIгоялдаса цIикIкIун сон ун букIаниги гьеб шагьаралъул балансалде кьун букIинчIилан. Хадубги жидеца гьеб минаялда хурхун мухIканаб цIех-рех гьабун хадуб тIатанила гьеб МахIачхъалаялъул цебе букIараб нухмалъиялъ шагьарлъул балансалде босун букIин, гьебгицин киналниги шартIалги тIурачIого босун букIун бугин гьебилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда МахIачхъалаялъул администрациялъул хIалтIухъан ГIалимирзаева Зайнабица.

Зайнаб ГIалимирзаева: «2003 соналъ бараб гьеб минаялъул бетIергьан валагьулев вуго соналдаса нахъе, гьесда цIар Ражаб букIин гурони тIокIаб щибниги лъалебги гьечIо. Шагьаралъул балансалдеги гьеб 9 тIалаяб минайинги абун босун букIун буго. Гьениб I0 тIалаялда гIадамаз гIумру гьабун руге рукъзал рукIин хIисабалдего босун гьечIо. ГIемерал гъалатIал риччан руго гьеб мина балелъулги, гьеб балансалде босулелъулги. Гьелда хурхун цIех-рех гьабулеб буго мэриялъ. ЦIак ккеялъул хIасилалда I0 рукъ бухIун буго, къачIан бажарулеб хIалцин батилилищ гьезулали лъаларо. Гьаб сагIат гьел гIадамал гIемерисел жидерго гIагаразухъеги лъалел-хъвалезухъеги ун руго. ТIубан гьеб минаялъуб лъимги, токги, хинлъиги къатIинабун буго, гьенир гьарулел хIалтIаби лъугIизегIан. Гьединлъидал МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул администрациялъ ине бакI гьечIел гIадамазе рега-рахъине чIобого лъабгониги петерги хIадурун буго».

Гьединго Зайнаб ГIалимирзаевалъ бицана шагьарлъул нухмалъиялъул махщалилаз хал-шал гьабулаго тIатанила гьеб цIа ккараб минаялъубе токалъул кваралги, хинлъи унел батареялги, трубабиги мекъи рачун рукIин. Гьел хисичIони гIадамазул гIумруялъе хIинкъи бугила, гьединлъидал бищун цебе тIубан гьел хисизе ругилан. Гьединго Зайнабица баян гьабуна МахIачхъалаялда цIакъ гIемер ругила шагьаралъул балансалде кьечIел яги росичIел минаби. Гьаб сагIат мэриялъ хасаб цIех-рех гьабулеб бугила мухIканго чан гьединаб мина бугебали чIезабизе ва гьелдаса хадуб гьезул бетIергьаби диваналдеги кьун минабахъ рукIине кколел шартIал чIезаризе тIамизе.

XS
SM
MD
LG