МагъчIваялъе рес

Имам чIвана, мажгит бухIана


Дагъистан. Буйнакск мухъалъул Карамахи росо. Бак1алъулал г1адамаз хал гьабулеб буго бух1араб мажгиталъул бак1алъул. 2012 соналъул 29 июнь.
Дагъистан. Буйнакск мухъалъул Карамахи росо. Бак1алъулал г1адамаз хал гьабулеб буго бух1араб мажгиталъул бак1алъул. 2012 соналъул 29 июнь.

«Карамахьи росулъ чIварав мажгиталъул имам вукIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразде данде чIарав, гьезул ишазда тIадрекъоларев ва гьез гьабулебщиналъе квешаб къимат кьолев чи». Гьадин лъазабуна 28 июналъул сардилъ гIужалда мажгиталъув чIварав имамасул хIакъалъулъ баян кьолаго, Россиялъул терроралде данде къеркьолеб миллияб идараялда.

Рехсараб идараялъул вакилас лъазабухъе, гьурмада маскабиги ххун, сардилъ мажгиталъуреги кIанцIун, щалали лъазе кIвечIез гIумруялдаса ватIа гьавун вуго мажгиталъул имам ХIамзатов МухIамадкамил ва гьебго росулъа мажгиталда вукIарав Ичахъаев Юсуп.

«Гьелги чIван, щалали лъазе кIвечIез бухIана мажгит ва чияр автомобилалдаги рекIун цереса тIагIана», - ян бицана терроралде данде чIараб миллияб идараялда.

1981 соналъ гьавурав мажгиталъул имамги ва 1952 соналъ гьавурав мажгиталда вукIарав росулъа чиги чIван руго боголил какдаса хадуб.

Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда бицухъе, мажгиталда гъураб цIа ссвинабун буго жалго росдал гIадамазул къуваталдалъун.

«Гьединал лъугьа-бахъинал, ай мажгиталъул имамзаби, гIалимзаби чIвай Дагъистаналда цебе-цебеги ккана, амма мажгит бухIигIадинаб иш тIоцебе кколеб буго», - ян бицана Дагъистаналъул Динияб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица.

ГIумаров МухIамадрасул: «Карамахьиялъул имам МухIамадкамил вукIанаДагъистаналъул исламияб институтги лъугIизабун, гьенивго мугIалимлъунги хIалтIарав, лъикIаб лъайги, лъикIаб бичIчIиги бугев чи. Гьединал чагIи чIвай буго вахIшияб хIалтIи, гьединал ишазе квешаб гурони къиматги кьоларо. Гьаб буго Дагъистаналъул бусурбаби цолъун, цо нух балагьиялъе Къуръан-хIадисалдаса хIукмуги босун хIалтIи гьабулеб заман. Гьединлъидал нижеца рикIкIуна гьединал ишал ругин диналде гьоркьобе «ракьа реххи», ай нижеца гьабулеб хIалтIуе квалквал гьаби».

Дагъистаналъул Динияб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица бицухъе, бихьулеб бугила щиб гьабунги Дагъистаналъул бусурбаби цолъизе теларин абураб къуваталъ жидерго нахъегIанаб къасд гIумруялде бахъинабулеб букIин.

Гьединаб мурадгун гьабураб иш батилин рикIкIунеб буго гIемерисез 28 июналда Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъ исламияв гIалимчи МухIамадхIабиб чIвайги.
XS
SM
MD
LG