МагъчIваялъе рес

ХIариколоб ясли-ах гьечIого хутIана лъимал


Хунхахъ мухъалъул ХIариколо росдал лъималазул ах бухIун буго 5 марталъ, сардилъ. ЦIа ккеялъе яслияб гIиллалъун рикIкIунеб буго басралъарал токалъул квараздасан чIири речIчIи. Дагъистаналда ругел школабазул ва лъималазул ахазул 35 процент кколеб буго цIа ккеялъул хIинкъи бугеллъун.

Къаси, сагIат 9 тIубараб мехалъ бихьун буго гIадамазда росдал лъималазул ахалда цIа ккун букIин. Гьебго параялъ росуго бахъун, мадиро гьабун лъим баччун свинабизе лъугьун руго гIадамал, цIа свинабулеб машина тIаде щвезегIанги. Сардилъ, 2 тIубараб мехалъ лъагIан чIезабизе кIвечIила цIа, аслияб квекIен букIанила минаялда тIад ккун махх букIиналъ аскIоре къан бажарулеб букIинчIила баян гьабулеб буго цIа свинабулев вукIарав ХIариколо росулъа МухIамадица.

ХIариколо росдал лъималазул ах жаниб бараб мина бугила 1955 соналъго бараб бакI, гьеб цин букIун бугила цо чагIазул рукъ, заманалдасан, росдал колхозалъ бичун босун гьабун букIанила гьениб лъималазул ах. ЦIакъ басрияб, тIаде цо цIияб рукъ бараб бакI букIанила гьебин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе ХIариколо росдал школалъул директор Хважаева ПатIиматица.

ПатIимат Хважаева: « КIиго рукъалъусан къайи борчIана къватIибе, тIокIаб щибго жо борчIичIо. Гьениб тIаде бан букIана цо кIудияб рукъ, гьелда нахъехун букIана котельня. Гьеб гьоркьоса къотIун букIун буго цIулаца. Гьенисан токалъул квараздасан ккун батизе буго гьеб цIа. ТIубан ах бухIун гьечIо, амма зарал ккун буго. Махх тIад ккураб бакI букIана гьеб, гьелъ аскIоре къан бажарулеб букIинчIо».

20 лъимер букIанила гьеб ахалде хьвадулеб, гьитIинаб бакI букIиналъ, амма гьенир цIигьариялъул хIалтIаби гьарун, тIаде лъимал росизе рес щвезе бугин рагIи кьун букIанила районалъул бетIер Юсупов СагIидица.

2014 соналъ, ГIорхъолъа арал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ гьабураб лъазабиялда рекъон, Дагъистаналда 500 гIанасеб школа ва лъималазул ах рикIкIун буго цIа ккеялдаса цIуна-къай гьабиялъул шартIазда данде кколареллъун. Гьезул аслияб къадар кколеб буго росабалъ ругел, 20 гIасруялъул авалалда цIулаца къотIун, яги батIиял минаби ахазде сверизарун рарал бакIал. Гьезул гIемерисел цо цIадул чIириялъухъ балагьун чIун рукIунила. Мисаллъун кколила Ахты мухъалда араб соналъ бухIараб школа, ЦIунтIа мухъалда бухIараб лъималазул ах ва жеги гIемер хIужаби.

XS
SM
MD
LG