МагъчIваялъе рес

ЦIунтIа мухъалда цоги мактаб бухIана


ЦIунтIа мухъалъул КIилъартIа росдал мактабалда цебе бугеб интернаталъул мина бух1иялъе г1айибияллъун изну гьечIого яргъид гIуцIарал кколин абун лъазабулеб буго ц1ех-рехчаг1аз. Гьединабго пикру загьир гьабуна «ЦIунтIа мухъ» муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасги.

Ахираб заманалда ЦIунтIа мухъалда мактабазда цIаял ккеялъул хIужаби гIемерлъулел ругелъул, гьениб цо лъил бугониги батIияб мурад батизе бегьулин абулелги камулел гьечIо. Масала, гьединал бакIал разе биччалеб гIарац хъамихъул гьабизе бокьи.

Кин батаниги, гьанжего гьанже бан бахъараб, амма жеги хIалтIизе биччачIеб 360 квадратияб метр гIатIилъуда бугеб кIитIалаяб минаялда ракIалдаго гьечIого цIа рекIана ва гьелъул рохъо лъугьана. Гьелъие ккараб гIилла ва заралалъул къадар чIезабизелъун цIех-рех гьабулеб бугин лъазабуна «ЦIунтIа мухъ» муниципалияб гIуцIиялда.

Рехсараб гIуцIиялъул нухмалъулев Магьдиев ХIусеница бицухъе, гьеб мухъалда бугеб ахIвал-хIал хIалуцинабизе къваригIараб къуват рагIула ва гьеб такъсир гьабиялъе, ай мактабалда цебе хIалтIулеб интернат бухIиялъе гIайибияблъунги гьеб къуват кколила.

Магьдиев ХIусен: «Гьал къоязда изну гьечIого яргъид гIуцIаразде данде тадбирал тIоритIулел руго ЦIунтIа мухъалда. ЖамагIаталъ абулеб буго гьаб балагь жидеда чIалгIун бугин. КIилъартIа росулъ интернаталъул мина бухIиги ракълида данде чIаразул иш буго. Гьеб къоялъ Лъерулъ ва КитIури росабазул жамагIатал данделъиялде ракIарун рукIана. Цояз лъулдул, цояз – тIилал, цогидаз – хунжрул росун, жал боевиказде данде рахъине ругин абулеб букIана. КIиябго росдал данделъи тIобитIулеб заманалда интернатги бухIана».

КIилъартIа бараб интернаталъул мина букIун буго тIубанго къачIан бахъараб. Лажбарги бахун, къадалги рохьун, ток бачине хутIун букIун буго гьениб. Гьеб кIитIалаяб минаялъ сверухълъиго гвангъизабун букIанин абуни мекъиги ккелароян бицана бакIалъулаб жанисеб идараялъул цIар рехсезе разилъичIев хIалтIухъанас. Гьесул рагIабазда рекъон, цIа ккараб къоялъ я гьури бахъунеб ялъуни цIад балеб букIун гьечIо. Гьединлъидалги батила, росдал гIадамазги абулеб бугеб гьеб бугин ургъунго гьабураб такъсирилан, ай гIадамал хIинкъизариялъул мурадалда.

Ахирал соназда ЦIунтIа мухъалда гIезегIан социалиял бакIал рана ва ралел руго. Гьединал бакIал раялъе хIаракатчилъи бихьизабулев чи вуго ЦIунтIа мухъалъул бетIерги. Гьединлъидал, гьеб иш, ай мактабал рухIи батизе рес буго мухъалъул бетIерасул хIалтIи цебехун ине теларин чIаразул хIалтIигицинин абун бицана ЦIунтIа мухъалдаса мугIалим Салиматица.

Салимат: «Ц1унтIа районалъул бетIерлъун вугев Магьдиев ХIусеница, гьеб хъулухъалде ккаралдаса гIумруялде рахъинарулел руго советияб заманалъго разе тIаде росун рукIарал социалиял объектал рай. Къокъабго заманалда жаниб къогогIанасеб бакIги бан буго. Гьединлъидал, батизе бегьула гьеб Магьдиев ХIусенида данде гьабулеб хIалтIиги. Амма экономикияб рахъ гьениб батилин кколаро, щайгурелъул Ц1унтIа мухъалъул гьедигIан кIудияб бюджет батиларо, цогидал мухъазде дандеккун».

ЦIунтIа мухъалдаса мугIалим Салиматица бицухъе, гIадатияб халкъалъ кIудияб рохел загьир гьабулила гьединал бакIал ралел рукIиналдаса, ай хIалтIизе бакIал щолел рукIиналъ. Гьединлъидал, кинаб гIиллаялда бан батаниги социалиял объектал рухIи – гьеб кколила халкъалде данде гьабулеб тадбир.

ЦIунтIа мухъалда расги лъикIаб гуреб хIал букIиналъулин абуни гIемер бицуна. Масала, «Черновик» газеталъул редактор МухIамадов Бияхъайица бицана, изну гьечIого яргъид гIуцIарав 4-5 чияс хIинкъиялда гъоркь чIезабун бугила тIубараб мухъго.

МухIамадов Бияхъай: «ЦIунтIа мухъалда вугев 4-5 боевикас кинабго мухъго кодобе босун буго флешкаби ритIун хIинкъизарулел руго хIатта мугIалимзаби, тохтурзаби, социалиял хIалтIабазул нухмалъуда ругел. Гьединал идарабазул гIемерисел нухмалъулелин абуни МахIачхъалаялда чIун руго тIад магъалаби лъолел рукIиналда ва гьединал бакIалI, хасго мактабал рухIулел рукIиналда бан. Ункъо чияс кодобе босун буго 12 азарго чи вугеб ЦIунтIа мухъ. 100-ниги чи полициялъулазулги вуго дова, гIурхъаби цIунулезул къукъабиги руго. Амма гьел чагIи ккун бажарулеб гьечIо гьебгощинаб къуваталъухъа».

ХIакъикъаталдаги, ахираб заманалда гIезегIан хIужаби ккана ЦIунтIа мухъалда мактабал рухIиялъул. Амма щиб гIиллаялда бан гьединал такъсирал гьари такрарлъулел ругелали тIадал идарабазул хIалтIухъабазул лъидаго якъинго абизе кIолеб гьечIо. ГIадамаз рицунел батIи-батIиял харбал рукIин гурони, хIакъикъат баян гьабулеб идара гьечIин абулеб буго гьеб мухъалдаса цо-цояз.

XS
SM
MD
LG