МагъчIваялъе рес

ГIалахъ рохьал рухIулел руго


Болъихъ мухъалда рохь бухIулеб буго
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:17 0:00

Болъихъ мухъалда цIидасан рохьал рухIулел руго. ГIодоцинабун букIараб цIа гьороца багъаризабун, цIидасан рекIун буго. ГIадамаз цIа ккеялда хурхун гIайиб рагъулазде гIунтIизабулеб буго.

3 февралалда Болъихъ мухъалъул ГIалахъ росдада гIагар бугеб накIкIил рохьоб цIигьабун цIа рекIун буго. Гьаб нухалъ цIа рохь тун росу бугеб рахъалде бачIун хер бухIун, росулъ чанго минаялъе зарал кканин лъазабулеб буго ГIалахъ росдал Рохьил магIишаталъул вакил МухIамадхIажиев МухIамадица. РогьинегIан росдал гIолохъабигун цIа росулъе борчIичIогон букIине рахъ бахъанила жидеца. ГьабсагIат росулъе цIа бачIиналъул хIинкъи гьечIила.

Абизе ккола, Болъихъ мухъалда рохьазухъ цIа 21 январалдаса нахъе тIубан свинбизе кIвечIогон бугин. КIиго нухъалъ цIа чIезабизе кIун букIанила, амма гьороца гьеб нахъеги босун бачIун байбихьанила бицана МухIамадица. ЦIа ккеялъе гIиллаби кинал рукIаралали баян гьабулаго МухIамадхIажиевас баян гьабуна гьеб рагъулазул гIайиб бугин. 21 январалда Болъихъ мухъалде вачIарав генераласда цадахъ рукIарал вертолетаз рехарал «Тепловой» абулел ракетаз ккезабун бугила цIа.

МухIамадхIажиев МухIамад: Гьаниве вачIун вукIун вуго генерал, гьесда цалдахъ рачIарал вертолетал рохьазда тIад сверулаго гьез рехула тепловой ракетаби, гьел гIемерисеб мехалъ сун уна, амма хинаб гьава-бакъ бугеб мехалъ цо-цо свинчIогоги хутIула. Гьедин свинчIого хутIараздаса багъарана гьеб цIа. Гьеб рохь гIадан жаниве лъугьун бажарулеб бакI гуро, гьеб свинабизе тIубан кIвечIо, кIицIулго гIодоцIинабун букIана цIа, амма рохъо цIорозегIанги хIинкъи букIуна цIа ккеялъул. Гьороца багъаризабун нахъеги цIа рекIун, рохь тун къватIибе бачIун 8 гектар гIанасеб бакI бухIана ГIалахъ росдал. Дида бичIчIуларо гьал рагъулаз гьабулеб жо, Игьалиги гьединго рагъулал сабаблъун бухIана рохь».

Болъихъ мухъалда рохьахъ цIа свинабиялъе кинаб хIалтIи гьабулеб бугебали цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Дагъистаналъул ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъигун. Амма жидеда гьеб лъаларин ва киналгIаги баянал кьезе кIоларин абуна гьезул пресс-хъулухъалда.

Болъихъ мухъалъул Экологияб нухмалъиялъул вакил АхIмадудин МухIамадовас баян гьабуна гьеб цIа нахъеги лъикIго рекIун бугин ва гьеб анкьица цебего свинабун бугин лъазаби гьабун тIубан свинчIого тун букIиналъулъ гIайибияб росдал яги районалъул администрациябийищ ругелали хал-гьаби байбихьун бугин.

Рагъулазухъа рохь лъачIогон гурин бухIулебин баян гьабулеб буго социалиял гьиназда гьединал лъугьа-бахъиназда хурхун тIоритIулел бахIсазда. Рохьал рагъулаз рухIулила гьенисан изну гьечIого яргъидгIуцIарар ругони гьел къватIире рачIинаризе.

21 январалдаса байбихьун 4 февралалде щвезегIан, Болъихъ мухъалда гIаммаб куцалъ 150 га рохьалъул бухIанин баян гьабулеб буго МухIамадхIажиевас. ГIадамазе зарал ккечIила, амма росулъ хIохьел цIазе захIматго бугила, кIкIуялъ берал рухIулел рукIиналъул къварилъи бугила.

XS
SM
MD
LG