МагъчIваялъе рес

Гьаб кIочараб бихьугеги!


Хунзахъ мухъалъул Уздалросулъ Зайирбегил вас Хизрил минаялда радакь гIужалда цIа рекIиналъул хIасилалда ункъо чи азараханаялде ккана, гьездаго гьоркьоб кIиго лъимерги. Гьел ккола цо хъизамалъул чагIи: эбел-эменги гьезул кIиябго лъимерги. ГьабсагIаталда гьел регизарун руго азарханаялда ва абизе ккола 8 сон барай яс захIматаб хIалалда йигилан. Гьадин бицана Хунзахъ мухъалда бугеб цIа свинабулезул идараялда.

Дагьал церегIан къояздайин абуни, Гъаякент мухъалъул Дружба росулъ рокъоб лъураб газалъул баллон кьвагьиялъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъана кIиго лъимер, гьезул эбелги цогидаб лъимерги азарханаялде ккана. 16 февралалдайин абуни, Буйнакск мухъалъул Гъоркьияб Хъарданущиб росулъ цIа ккеялъул хIасилалда зарал ккана ункъо чиясе, гьездаго гьоркьоб кIиго лъимадуеги. Гьединал лъугьа-бахъинал, ай цIа ккеялъул хIужаби Дагъистаналда гIемерлъулел ругин бицана Россиялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб бетIераб идараялъул пресс-хъулухъалда.

Дагъистаналда бугеб цIа ккеялдаса цIуна-къай гьабулеб пачалихъияб идараялъул нухмалъулев Супянов Юсупица бицухъе, гъоркьисала республикаялда ккун буго 678 цIа ккеялъул хIужа. Гьелъул хIасилалда гIумруялдаса ватIалъун вуго 17 чи, гьездаго гьоркьоб анлъго лъимерги. Пачалихъалъе гьабураб заралин абуни бахун буго 92 миллионалде.

«ЦIаял ккеялъе аслияб гIилла буго токалдаса ва газалдаса битIун пайда босунгутIи ва бищунго аслияб, гIадамазул ургъел гьечIолъи.

Ургъел гьечIолъиялъ тIаса-масаго толеб буго газалъгун токалъ хIалтIизарулел алатал ва лъималазда хадуб чIезабулеб гьечIо букIине кколедухъ бербалагьи», - ян бицана Дагъистаналда бугеб цIа свинабулезул идараялъул нухмалъулес.

18 февралалда Уздалросулъ ккараб цIаги токалдаса ккараб батизе рес бугин рикIкIунеб буго рехсараб росдал бегавул МухIамадов РахIматулагьица. ГьабсагIаталда гьелъул цIех-рех гьабулеб рагIула.

МухIамадов РахIматулагь: «ЦIа ккеялъул дихъе ахIун бачIана радакь лъабго тIубараб заманалда. Гьеб мехалдего мина бухIун лъугIулеб букIун буго. Гьелда аскIосан унеб токалъул квар букIиналъ, гьеб свинабизелъун ахIана подстанциялде. Гьенисан жаваб кьечIеб мехалда кIалъана Хьаргабиве ва гьенисан ЧIалдеги ахIун свинабуна ток. Минайин абуни тIубанго бухIана».

Уздалросулъ ккараб цIаялъул хIасилалда Зайирбегил вас Хизриги гьесул лъадиги ва гьезул лъимал – 8 сон барай ясги 5 сон барав васги азарханаялде ккана. Гьезул сахлъи цIехон, бухьен ккуна Хунзахъ мухъалъул азарханаялъул бетIерав тохтур Мусаев МухIамадилгун.

Мусаев МухIамад: «МахIачхъалаялде щвезавуна 5 сон барав вас – Шамил. Яс захIматаб хIалалда йикIиналъ бакIалдаго тана. Эбел-эмен отделениялда руго, ясин абуни реаминациялда йиго. КъваригIарал дарабиги цогидаб хIажатабщинабги буго. ГьабсагIат азарханаялда кинабго буго, сундулниги къварилъиги гьечIо. ПалхIасил, бажарарабщинаб гьабулеб буго».

Къварилъи ккаразе кумекалъе Хунзахъе рачIун рукIун руго МахIачхъалаялдаса тохтурзабиги.

Гьединал талихIкъосарал лъугьа-бахъинал ккеялдаса цIунун рукIинелъун республикаялъул цIа свинабулезул хъулухъалъ лъазабулеб буго цIодорго рукIайилан ва газалъулгун токалъул махсараби гьаризе бегьуларин.

XS
SM
MD
LG