МагъчIваялъе рес

Устар чIваялда щаклъи бугесул мина бухIана


Унсоколо мухъалъул ГIашилтIа росулъ бухIун буго ГIамирханов МухIамадил мина. Гьедин гьенисан цIа ун буго аскIобго цун бугеб Шамилов МухIамадил добеги. Чиясе ккараб къварилъи гьечIо.

Рукъалъул бетIергьанги хун хутIараб мина букIана ГIамирханов МухIамадил. Цеве гьев вукIана Унсоколо мухъалъул лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъиялда. Гьесул цояв вас МухIамадгIали Лефортовоялда туснахъ гьавун. Гьесде гIунтIизабулеб буго 2012 соналъул августалда ЧIикIаса тIарикъаталъул устар чIваялъул гIайиб. Гьеб хIужа ккун нахъисел къоязго низам цIунулез тIоритIарал хасал тадбираздалъун Шамилхъалаялдаги, ГIашилтIаги, ЧIиркъатIаги ккуна гьав бицен гьабулев МухIамадгIали ГIамирхановги, Шихмирза Лабазановги, МухIамад ХIажиевги. ЦIех-рехалъ чIезабуна живго Устар кьвагьизавунин ислам босарай гIурусай, Алла Сапрыкиналъ. Амма гьеб бакIалде щвезегIан гьей хIадурарайги ячарайги чагIи гьел гIадамал кколила.

ЧIикIаса Устар чIван гьоркьоб заман иналде гIурул рагIалда батун букIана МухIамад ГIамирхановасул вац ГIамирханил жаназаги.

Гьедин гьезул инсул мина бухIиялда бан гьадин бицана ЭР-ялъе ГIашилтIаса ГIумарица.

ГIумар: «Радакье кканаха гьеб. АскIоб букIараб минаги бухIана. Гьелъул цIех-рех гьабулеб буго. ГIадамазе къварилъи ккечIо. ГIадамал къватIире рорчIана. Амма минабиги жаниб букIараб кинабгоги бухIанаха. Гьел чагIазе кумек гьабейин росдал бегавуласухъеги ун рукIана ниж. Щибаб рукъалъе 25 аза-азар кьелин абунаха. ХIукуматалдеги хъвалила кумек гьарун».

ЭР: «ГIамирхановасул минаялуълр щалниги рукIинчIо гурищ?»

ГIумар: «РукIана. Дов туснахъ гьавун вугев васасул хъизанги гьесул эбелги рукIана».

ПалхIасил, ГIашилтIа ккараб цIаялъе гIилла лъалеб гьечIо - токалъул кваразул жагъаллъийищ, рецIел босийищали.

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула чанго соналъ цере рухIун рукIарал ГIамирхановазул тукабиги. Гьел руго ГIашилтIа росдада гъоркь, АхIулгохIде унеб бакIалда. Гьелъул гIайиб «Робин Гудал» абун баккараб цо къокъаялде рехулеб букIана гIадамаз. Гьез тIаде босулеб букIана экстремистазде ва гьезул гIагарлъиялде гьужумал гьаризе.
XS
SM
MD
LG