МагъчIваялъе рес

Чернобылалъул ахир гьечIеб дандерижи


Чернобылалъул авариялъул ликвидаторал Махlaчхъалаялда данделъиялда, 26Aпр2013
Чернобылалъул авариялъул ликвидаторал Махlaчхъалаялда данделъиялда, 26Aпр2013

Чернобылалъул АЭСалда катастрофалъул хIасилазе ликвидация гьабулев вукIана 800 азарго чиясда гьоркьов вукIана Дагъстаналдаса 2600 чиги. Рузман къоялда гьезул нусгогIан чи данделъун вукIана МахIачхъалаялъул Родопалъул бульвар абулеб бакIалда.

Араб соналъул декабралда ООНалъул Генералияб Аассамблеялъ гьабураб хIукумуялда рекъон 26 апрель лъазабун буго радиациялъулал авариялъул хIасилалда хварал гIадамал ракIалде щвезариялъул къолъун. Гьединан бицана рузман къоялъ Родопалъул бульваралда Чернобылалда хварал дагъистаниял ракIалде щвезариялъул тадбиралда.

Гьанжеялдаса 27 соналъ цебе Украинаялъул Чернобыль абураб шагьаралда атомалъул электростаниция кьвагьиялъул хIасилалда аза –азар чи ватIалъана гIумруялдаса. Радиациялъалаб балагьазул тарихалда жаниб Чернобылалъул лъугьа-бахъин рикIкIуна бищунго кIудияб балагьлъун.

Радиациялъул хутIелал рикIкIаде щущазе течIого гьебгун къеркьезе рахъарал чагIазда гьоркьор рукIана 2600 ниги дагъистаниявги. Гьезул 600 жакъа чIаго гьечIо, хутIаразулин абуни гIадатияв чиясулалда релълъараб гьечIо гIумру, дару гьечIел унтабаз гIажиз гьарурал гьезул нусгогIансев чи вукIана вачIун рузман къоялъ букIараб данделъиялде.

Гьенир кIалъазе рахъарал чагIаз абулеб букIана хIукуматалъ кидаго рехун течIин гьел тIалаб агъаз гьабичIого, амма щаялиго жалго чернобылалъулаз ургъел гьечIого толеб бугин гьеб щаялиго. Мисалалъе гьединал гIадамал сах гьарулел МахIачхъалялъул азарханаялъул хIалтIухъан ГIисаева Хадижат йикIана абулей жидер гъора киналго шартIалги чIезарун ругин къваригIарал дарабиги ругин щайин гьел рачIунарел жидехъе сах гьаризейилан.

Гьеб суал «Эркенлъи» радиоялъ кьуна Ленинкенталда гIумру гьабун вугев ГIалиев Абулмуслимиеги. 1986 соналъ Чернобылалда авария ккараб мехалъ Украинаялъул Днепропетровск шагьаралда рагъулаб хълухъ тIубазабулев вукIарав гьевги витIула балагь ккараб бакIалда хIалтIи гьабизе.

Абулмуслимица абуна азарханаялде ун сах гьаричIониги гьенир кьолел гIадал дараби щвеялъе квал-квал гьечIила жидер рокъосел шартIаздаги бегьулила сах гьаризе. Азарханаялда регун сах гьариялъ кьезе пайдаги гьечIила, жидеда ккараб унти дару гьечIеб бугелъул, гьез гIицIго гьабулеб жо бугин пуланаб заманаялъул болжазда дару гьабиялъул тадбиразда рекъон азарханаялде нахъе хьвади.

Гьебн гьедин телаанин хIукуматалъул рахъаладаса бугеб бербалагьиялдаса буго муслисмил разигьечIолъи. Чернобылалалда ккарал авариялъул инвалид хIисабалда моцIалъе гьесие бачIунеб буго 7 азарго гъурущ. Гьас хъулухъ гьабулеб букIалда кIудияб чиналда рукIарал чагIазе хъулухъалда рукIинги хIисабалде босун 50-60 азаргониги бачIунеб буго жакъа моцIалъе. Амма хъулухъ батIи-батIияб букIаниги бихьараб зарал цо бугелъулилан нижерилан абулеб буго Муслимица

ЭР: Гьединал гIемерал ругиш нужер 7 азарго гъурущ гурони щоларел?

Абулмуслим ГIалиев: «Шагьаралда дида лъалел лъабкъогониги чи вуго. Гьелъул цIех-рех гьабун дун чанго нухалъ щвана Путинил жамгIияб вакиллъиялъул рокъовеги, щвана цогидал идарабаздеги амма цохIо дие гурони гьелъул ургъел гьечIеб гIадаб хIисаб буго.

ЭР: Нужеца киназго цадахъ хIалбихьичIиш гьеб суал роцIцIинабизе.

Абулмуслим: БитIараб бицани гьеджинал суалазад жанир цолъиги гьечIо нижер, чан нухалъ абураб рачIа цадахъ митинги гьабун рагIалде бахъинабизе бугин ишилан. Амма вагъа-вашарулев чи ккечIо".

ЦохIо гьазие гуребги гьазул лъималазеги кумек гьабизе кIолеб даражаялда бугин жидер азарханаян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Расулов Маккашарипица. Республикаляъул лъимал сах гьарулеб азарханаялъул бетIерав врач хисулев ккола гьев.

Расулов Маккашарип: «Дида кIола гьазие кумек гьабизе щайгурелъул дида лъалелъул гьазул лъимал сахлъиялъул рахъалъ нахъеккарал рукIунеллъи. ТIоцебе гьабизе ккола бидул халгьаби. Гьелъул бищунго хIинкъи цIикIкIараб унти буго лейкомия - бидул рак. Гьеб унти балатIаго тIатинабичIони хадуб сах гьабизе кутакалда захIмалъула».

Гьикъа-бакъи гьабуна цогидал чернобылалъул гIахьалчагIигунги. ГIиси-бикъинал гIунгутIабазухъ балагьичIого цо гьабин абун хIукуматалъул рахъалдаса гьечIеб тIала-агъазалъул рахъалъ гIайиб чIвазе жо гьечIилан мукIурлъана гьезул гIемерисел.
XS
SM
MD
LG