МагъчIваялъе рес

Чернобылалъ къисмат хисизабуразул хIакъалъулъ


26 апрелалда 28 сон тIубана Чернобылалъул балагь ккаралдаса. Атомияб электростанциялда ккараб авариялда хадуб кумек гьабизе ана тIолабго Совет Союзалдаса гIадамал. Гьезда гъорлъ дагьал рукIинчIо дагъистаниялги. Гьезул гIемерисезе гIузраби щвана. Пачалихъалъ гьезие рихьизарурал бигьалъабаздаса жакъаялде хутIун рагIула гIицIго цо - мал-мулкалъулъухъ магъалоялдаса эркен гьари.

Гьениб ккараб зарал лъугIизабизе Совет Союзалдасаго ритIарал гIадамазда гьоркьор рукIана дагъистаниялги. Гьениса тIадруссингун пачалихъалъ гьезие чIезарун рукIана гIезегIан бигьалъаби. Амма дагь-дагьккун тIаса къотIун, жакъа къоялде хутIун буго цохIо бигьалъи.

Чернобылалда рукIарал дагъистаниязе жанир чIезе рукъзал росизе 243 млн гъурущ биччан буго пачалихъалъ исана Дагъистаналъе. Гьедин гьеб рукъзал кьеялъул суал Дагъистаналда тIубараблъун рикIкIине бегьулин лъазабуна ЭР-ялъе ГIабдурахIман МухIамаднабиевас. Гьев ккола чернобылалъулазул гIуцIиялъул нухмалъулев хисулев. Дуцани эб цIакъ бигьаго бицунеб бугин абидал, гьадин жаваб кьуна гьес радиоялъе.

ГIабдурахIман МухIамаднабиев: «Бугеб жо букIахъе бицине кколаха. Гъоб мехалда, кьолареб мехалда, кьоларинги бицунеб букIанаха. Гьеб суалалъ ниж доре, Москваялдеги ун, гIемер кьабгIана. Цебе гьеб регионал церетIеялъул рахъалъ гIуцIараб министерлъиялъ кьолаан. Гьанже «Росстройразвития» абураб гIуцIиялъухъе кьун бугин рагIана. Кин батаниги, исана 243 млн гъурщил сертификатал чанги чиясе щвезе ругоха.

Гьеб 243 млн гъурущ цощина гьереси документалги гьарун чернобылаллъун рахъарал дагъистаниязеги щвезе рес гьечIищан гьикъидал, гьанже гьеб суал цIакъ гъорлъе раккун, цIех-рехчагIазда гурони мухIканлъи лъалеб суал гурин жаваб кьуна ГIабдурахIман МухIамаднабиевас. Дагъистаналда жалго чернобылалъулаз абула пачалихъалъ кьолеб чернобылалъулазул гIарцуде хьул лъун, жидеда гьоркьор гIемер ругин чернобылал абун гьереси документал гьарун, чанцIулго рукъзалги щварал, кIуди-кIудиял компенсациялги щолел гIадамал.

Чернобылалда рукIарал гIадамазе чорхое ккараб заралалъухъги буго пачалихъалъ батIи-батIияб къагIидаялда гIарац кьолеб. Цоязе микьазарго, цогидазе – 50-200 азарго гъурущ.

Дагъистаналдаса Дадаев Дада Чернобылалде витIун ана ЧIикIаб ГЭСалда хIалтIулеб мехалда. Гидроспецстрой абураб гIуцIиялда вукIана гьев. Гьезул къокъаялда тIадаб жо букIана кьвагьараб атомалъул электростанциялда сверухъ бакI 30 метраялъ ракьулъе бухъизе. Радиация гъорлъ бугеб лъим грунталъул лъеда гъорлъ жубаларедухъ. Цинги гьез гьеб бакIалда тIад бетон тIолеб букIун буго. ХIалтIулел рукIун руго сордо-къоялда жанир 12 сагIаталъ. Доба щивав чи батIи-батIияб заманаялъ хIалтIулаанин бицана Дадаев Дадаца ЭР-ялъе. Масала, солдатал рукIанила дора 20 секундалъ гурони хIалтIуларел. Щайин абуни гьеб букIанила бищун радиация ккеялда хIинкъи бугеб хIалтIи – кьвагьараб атомалъул электростанциялъул тIохдеги рахун, гьелъул тIохда щущан араб графит цIидасан жанибего базе. Графиталъ биччалароанила радиация тIибитIизе.

Дада Дадаев: «Графиталъул цIун белгун, жанирегIанго раккичIого, рагIалдасанго жанибе базе кколаан гьез. Цинги тIуризе кколаан. Гьел гьезул хIалтIул къо. Чамалиго секунд».

Гьезда гьоркьов вукIарав Сергохъалаялдаса даргиясда ракIалде ккун бугила кьвагьараб электростанциялда жаниб щиб бугебали балагьизе. Гьедин цIикIкIун секундалги гьенир ран, гьев чи гьеб параялъго беццлъун вуго. КIиабилеб даражаялъул сакъатлъиги чIезабун хъата-масан рокъове витIун вуго гьев.
Гьединго цойги хIинкъи хIалтIи букIанин солдатазда тIадкъанилан бицана Дадаевас. Масала, авария караб бакIалдаса нахъ буссун бачIунеб транспорт чуризе кколаанила гьез хасаб порошокалъ. Цинги радиация кигIан бугебали борцунаанила, гьелдаса хадубги радиация гIодобе ккун батичIони, рехун гьеб транспортги тун ине кколел рукIун руго гIадамал. Гьедин рехун тараб транспорталъул цIун букIанила доба сверухълъиго.

Радиация ккеларедухъ гIадамазул ратIлида ва машинабазда тIад тIухьидул гъатги гьабулеб букIун буго.

Дада Дадаев: «Машинабазда тIад кколаан тIеренал пластинкаби. Гьезул тIубарал пластинкаби рукIунаан».

Спирт чорхолъ бугони радиация кколаринги абун, гIадамаз гIаракъи гьекъолеб букIун буго гьениб гIемер. Амма хадуб гьезие гьукъун буго гьеб. Щайгурелъул авариял кколел рукIун, гIадамалги мехтун. Тохтурзабаз гьезие йодги гъорлъ бугел дараби кьолел рукIун руго. Гьединго вертолеталъ гьаваялдасан йод речIчIизабулаанила киса-кибего. Гьедин гъутIбиги рукIунаанила чIегIерлъун.
Чернобылалда ккараб зарал лъугIизабизе советиял гIадамал гьенир ункъо соналъ хIалтIана. Чернобылалъулазда хурхун тIоцебесеб къанун бахъана I990 соналда. Гьелдаса хадуб пачалихъги биххана, жидее чIезарурал бигьалъабаздаса дагь-дагьккун махIрумлъизе лъугьана чернобылалъулалги. Гьанже гьезие хутIун буго цо бигьалъи – пачалихъалъ гIадамазул мал-мулкалда тIад лъолеб магъалоялдаса эркен гьари.

Дагъистаналда ругел чернобылалъулаз инкар гьабулеб буго социалияб пакеталдасаги. Щайин абуни гьенир ратулел гьечIо гьезие хIажатал дараби. Курортазде путевкабиги щолел руго ришват кьуни, яги чанго соналъ балагьун чIани.
XS
SM
MD
LG