МагъчIваялъе рес

Басриял минаби ва цIиял масъалаби


«Басриял минабаздаса гIадамал гочинари» абураб федералияб хасаб программаялъе Дагъистаналда квекIенал гьарулел ругин, лъазабулеб буго экспертаз.

Гьел минабаздаса гочинарулел гIадамал рази гьечIо цIиял минабаздаса, тIадежоялъе гьеб программаялъе биччараб гIарац хIакимаз бикъулеб бугин гIарзабиги руго.

Республикаялда тIобитIулеб буго регионалияб программаги. 2013-леб соналдаса байбихьун 2017-лде щвезегIан басриял минабазда гIумру гьабулезе цIиял минаби разе ккола. Амма цо-цо шагьаразда администратвиял квал-квалалгун дандчIвана гьеб программа тIубалел. Мисалалъе, МахIачхъалаялда ва Дербенталда жиндир заманалда хIадур гьарун гьечIо къваригIунел документал.

МахIачхъалаялда 100 мина басрияблъун чIезабуна хасаб комиссиялъ. Гьенир гIумру гьабулеб буго гIага-шагарго 4500-ялдаса цIикIкIун чияс. Ахирисеб кIиго соналда жаниб 38 минаялда гIумру гьабулел гочинаризе руго цогидал бакIазде. Гьезие минаби ралел руго шагьаралъул централияб ракьалда.

Минаби ралел бакIазда гъалмагъиралги кколел руго. Мисалалъе, цIияб мина балеб ХIамидовасул цIаралдалъун бугеб къотIноб ва гьеб къотIноб гIумру гьабулел гIадамаз доб минаялда тIаса чанги гIарза хъвана ва пикеталдеги рахъана. Гьезул рагIабазда рекъон, I2-тIалаяб гьеб мина щутIалаял минабазул азбаралда базе бегьуларо. ТIадежоялъе инфраструктураялъе шартIал тун гьечIо мина балез. «Хухь бахъиялъе бакI тун гьечIо, лъималазе расандизе бакI тун гьечIо, автомобилал лъезе бихьизабураб бакI гьечIо. ЩутIалаял минабазда гьоркьоб къазабизехъин буго I2-тIалаяб мина. Цогидаб бакIгойищ гьечIеб шагьаралда», - ян абулеб букIана пикеталде рахъараз.

Мина баялъул хIалтIаби чIезаруна республикаялъул Минстроялъ ва хасаб цIех-рех гьабулеб буго. Министерлъиялда «Эркенлъиялъе» бицана гьединалго гIарзаби рукIанин шагьаралъул батIи-батIиял бакIазда гIумру гьабулезулгиян.

Мисалалъе, парк гьабизехъин букIараб бакIалда минаби ралел ругин гIарзагун Киров мухъалдаса махIачхъалаялъулал рачIун рукIана министерлъиялде. Гьезул рагIабазда рекъон, гьес гIумру гьабулеб буго рохьил зонаялда аскIоб бугеб гIемертIалаяб минаялда. Гьеб бакIалда ругел минабазда гIумру гьабулез гIурччинаб зонаялда паркилан абулаан ва жидецаго гьенир хьонбакIалги лъуна, лъималгун тира-сверизеги рахъуна, хIухьги бахъула гьенибе гьез.

Гьанже гьеб гIурччинаб зонаялда ралел руго гIемертIалалял минаби ва гьезда гъорлъан чанги мина ккола пачалихъияб проектлъун. Риххун ине хIадарулин рикIкIунел минабахъ гIумру гьабулел гочинаризе ккола гьенир. Ракьалъул кIиго гектаралда I6 тIалаялъул II мина базехъин буго пачалихъалъ. Гьенир минаби разе изну щун буго шагьаралъул мэриялдаса.

ТIабигIиял сурсатазул министерлъиялде арал Киров мухъалдаса махIачхъалаялъулазе жаваб щун буго жидеда щибго гьабизе кIоларин гIемертIалаял минаби раялъул хIалтIаби чIезаризе. Гьел ракьал ккола муниципалияллъун ва тIабигIатцIуниялъул террориторияллъун кколаро.

Амма гIарзаби руго гьел минабазде гочинаризе кколел гIадамазулги. Шагьаралъул централд ругел минабаздаса гIемерисезе бокьун гьечIо Киров мухъалда рукъзал. ТIадежоялъе гIадамал рази гьечIо рихьизарурал рукъзабасадаса. ГIадамазул гIарзабазда тIаса «Эркенлъиялъе» баян кьуна МахIачхъалаялъул мэриялъул пресс-хъулухъалъул вакил Зайнаб ГIалимирзаевалъ.

Зайнаб ГIалимирзаева: «ГIадамал хIинкъун руго жал гуккиялдаса. Шагьаралъул цебе букIарабю нухмалъиялъ гьелгун гьарун руго къотIи-къаял, амма гьезда рекъон минаби ран гьечIо. Гьединго цо-цоязе бокьун гьечIо шагьарлъул централдаса цогидаб бакIалде гочине. Гьелдалъун централда яаги гIагарда ракьал ралагьулел руго. Гьел ратизе захIмат буго, амма кIвараб хIалтIи гьабулеб буго».

ГIалимирзаевалъ гьединго абуна, шагьаралъул администрациялда хал кколеб бугин минаби раялъул программа тIубаялда хадуб.

XS
SM
MD
LG