МагъчIваялъе рес

Щиб къваригIунеб МахIачхъалаялъул жиндирго "гьумер" букIине ккани?


6 марталда МахIачхъаялда бакIал раялъул ва шагьаралда ахритектурияб гIадлу букIинабиялъул суалазда тIасан данделъи тIобитIана тахшагьаралъул мэриялъ. Гьеб тадбиралда аслияб къагIидаялъ бицунеб букIана риххун инел ругел басриял минабахъа гIадамал гочинаризе ккеялъул ва гьезие цIиял рукъзал ралаго дандчIвалел захIмалъабазул. Гьединго шагьаралда ралел бакIазул архитектуриял гIунгутIабазулги бицана гьениб.

МахIачхъаялда бакIал раялъул ва шагьаралда ахритектурияб гIадлу букIинабиялъул суалазда тIасан гьабураб данделъиялда аслияб къагIидаялъ бицунеб букIана басриял рукъзабахъа гIадамал гочинариялъул программаялъул. Гьеб программа Россиялъул президент Владимир Путиницагицин тадсикъ гьабураб, чара гьечIого тIубазе кколеб иш бугилан абулеб букIана данделъиялде ракIарараз. МахIачхъалаялда гьеб рахъалъан кинаб ахIвал-хIал бугебали бицана тахшагьаралъул бетIерав архитектор ГьитIинов МухIамадрасулица. Гьес бицана риххун инел ругел минабахъа гIадамал 20I7 соналдалде щвелалде гочинарун рахъун рукIине кколилан.

Гьезие гIемертIалаялъул рукъзал разе лъабго бакIги балагьун бугила МахIачхъалаялдайилан бицана гьес. Гьеб проект гIумруялде бахъинабиялъе гIадамаз квалквалал гьарулел рукIиналъ хатат бахъунеб бугин гьеб ишилан бицана ГьитIиновас. Гьесул рагIабазда рекъон бищунго цIакъ гIадамазул разигьечIолъи рагIула шагьар бакьулъа гьел дагьаб рикIкIад бугеб бакIалде рахъинарулел рукIин. Гьел гIадамазе цIияб микрорайон базе кколеб букIун буго тахшагьаралъул I МахIачхъалайин абулеб мухъалда «Эльтав» заводалда аскIоб.

Гьенире рахъине гIадамаз инкар гьабидал Темирязевасул къотIнор ругел гIемертIалаял минабазул азбаралъуб балагьанила гьел гочинарулел ругезе мина базе бакI, амма гьеб нухалдаги гьел минабахъ гIумру гьабун ругел гIадамаз гьеб ишалъе квалквал гьабулеб бугин бицана архитекторас. Гьединал хIужжабазе гIоло басриял рукъзабахъа гIадамал гочинариялъул программаги нахъе кколеб бугилан. Гьанже гьеб мина базехъин бугеб бакI полициялъул хIалтIухъабаз цIунун рагIула, гьедин гурони гIадамаз гьениб хIалтIаби гьаризе толеб букIун гьечIо.

МухIамадрасул ГьитIинов: «Шагьаралда гьединал минаби разе санагIалъи бугел цойгидал бакIал рукIалани гьел минабазда гьоркьоб балароан нижеца гьаб цIияб минаги. ГIадамазда гьеб бичIчIулеб гьечIо, нужер рукъзабазе щибниги къварилъи кколарин букIине кколел манзилалги гьоркьор тун базе бугин гьебилан абуниги, гьелъул план бихьизабуниги гIинтIамулев чи ккечIо гьенив. Гьединлъидал къасиги къадги гьеб минаялъе кьучI лъолел ругел хIалтIухъабиги гьезул техникаги цIунун низамцIулел чIезаризе ккана гьенир.

Шагьаралда килищ тункизецин чIобогояб ракь хутIун гьечIин абураб жо эххебе биччалеб гьечIо халкъалъ, гьезда ккун буго гьанир авлахъал ругин. Гьел басриял рукъзабахъа гочинарулел ругел гIадамалги тIирун чIола жидее шагьар бакьулъ байила минайилан. Гьеб базе бакI нижеда лъаларин нужецагогIаги бихьизабейин абураб мехалда гьезул цо гIадан яхъун ячIиней йиго доба алсияб майдан бакьулъ байилан гьеб. ГьедигIанги жидерго гурони пикру гьабулеб гьечIо гьез.

Гьединго ха гочинарулезе мина жидер азбаралъуб базе телари чIарал чагIиги, жидер гаражалги хвезарун щайила гьениб мина базе кколебилан руго гьелги. Гьезда бичIчIулеб гьечIо гьеб гIадамал басриял минабахъа гочинариялъул программаялъул бугеб кIвар, гьеб республикаялъул, хIатта Россиялъул тIалъиялъгицин хадуб халкколеб проект букIин».

Данделъиялда гIахьаллъарав Дагъистаналъул бетIерав архитектор Камалов Увайсица лъазабуна бищун цебе чара гьечIого МахIачхъалаялъе хIажатаб жо бугила шагьаралъуле герелалияб план. Гьеб бахъун хадуб гурони киб бакIалда щиб бугеб, киб щиб базе бегьулеб, ран рахъарал бакIал рукIалиде кин рачинелали лъаларилан.

Камалов Увайс: «Шагьаралъул гьеб генералияб план бахъиялъулъ гIахьаллъи гьабизе тIадаб буго щивав чиясда. Гьелда тIасан бахIсалги гьаризе руго нижеца. Гьеб цо къоялъе гьабулеб жо гурелъул цIакъ кIвар кьезе къваригIун буго гьелде. Хасагьабун гьел планал рахъулел чагIиги ахIун руго нижеца Россиялъул батIиял шагьараздаса. Гьез хIалтIи байбихьулеб буго.

Шагьар цIакъ кIодолъун буго жеги кIодолъизеги цебе тIезеги ккола гьеб. Гьаниб архитектурияб гIадлу гьабизе ккани гьел басриял минабахъа гIадамалги гочинарун рахъинаризе ккола. Гьел шагьар бакьулъ ругел хъошал гIадал басриял бакIалги риххизарун, гьезул бакIалда гIадамазе хIухьбахъизе санагIалъаби ругел бакIал гьаризе ккола. ГIадамазда гьоркьобги гьелда хурхун цIикIкIун бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабизе ккола. Гьел басриял минаби риххизарулеб мехалда нилъер гьанир ругел тариххиял бакIазе зарал ккезе тезе бегьуларо. Гьел нахъе цIуниялъе хIалтIи гьабизе тIадаб буго нилъеда».

Данделъиялда кIалъазе вахъарав МахIачхъалаялъул администрациялъул юрпдикияб бутIаялъул нухмалъулев ИсмагIилов Айдемирица абуна гьаб сагIат жидеда цере чIарал масъалабазул аслияблъун бугила цересел саназ тахшагьаралъул мэриялъ ричун рукIарал жамгIияб траспорт чIолел бакIал тIад руссинари. Гьел бакIазда тукабиги, кваналел бакIалги, хIатта рукъзалигцин ран ругин гIадамазилан бицана гьес. Гьединго ИсмагIиловас абуна гьереси документалги гьарун ккурал шагьаралъул ракьазул гектаргун бащадаб жидеца гIадамахъа нахъе босун бугиланги, жеги гьеб рахъалъ гьабизе гIемераб хIалтIи бугин лъазабуна гьес.

XS
SM
MD
LG