МагъчIваялъе рес

Чернобылалъул ветераназе багьаял дараби кьоларо


26 апрелалда 29 сон тIубана Чернобылалда атомалъул станция кьвагьаралдаса. Гьелъул зарал лъугIизабизе ритIун рукIарал дагъистаниял данделъун рукIана МахIачхъалаялда лъураб жидерго монументалде цере.

Гьез гьениб бицунеб аслияб хабар букIана жидеда хурхун бахъараб федералияб къанун хIакимзабаз тIубазабулеб гьечIолъиги, гьелъ гьабулеб бугеб квалквалалъулги.

Масала, санаториязде ине рес кьолел путевкаби щолел гьечIо гьезие. Гьенире инчIогоги гIолел гьечIо щайгурелъул, къойидаса къойиде гьезул чорхолъ унтаби хIалуцунел, яги тIаде загьирлъулел руго.

ГIабдула МуртазагIалиев: «Дарабазул бицунеб бугони, кьола рецепт. Щола мун аптекалде. 30-50 гъурщиде ругел дарабиги кьун, 300-400 гъурщил багьаял дараби гьечIилан нахъе витIула. Жакъа вачIа, метер вачIаян, цIацIазабизе байбихьула. Гьеб мехалда гъоб дараби росизе бихьизабураб заманги лъугIула. Гьедин дица гъоркьисала инкар гьабуна гьел дарабаздаса».

Хас гьабун чернобылалъулазе дараби кьолел аптекаби гьечIолъиялъулги бугин квалквалилан бицана ЭР-лъе республикаялъул централияб клиникаялда рагьараб «Чернобылалъулазул централъул» нухмалъулей ПатIимат ГIисаевалъ.

Гьел унел ругила цере ратарал аптекабазде, рецепталда рекъон дараби кьеян. Гьединлъидал гьезие гьелги щолел гьечIила. Гьанже гьанир гIемерисел аптекабиги пачалихъиял гурел, хасал чагIазул бетIергьанлъиялда руго. Гьединго тохтурзаби хIисабалда, жидеца кумек гьабулила гьезие сакъатлъи чIезабизе. Масала, гьабсагIаталда сакъатлъи чIезабизе кколеб хIал гьечIониги, тIаде-хариялъул чара гьечIого загьирлъулила гьезулъ батIи-батIиял унтаби.

ПатIимат ГIисаева: «Гьел руго ватIаналъе къваригIараб мехалда доре ритIарал чагIи. Гьадабгунияб радиацияги чорхолъе ккарал. Гьединлъидал нужеца кIвараб кумек гьабе гьезиеян абула дица тохтурзабазда. Гьедин кумекги гьабун сакъатлъи чIезабурал чагIи чанги руго. ГьабсагIаталда гьезул чорхол хIал сакаътлъи чIезабизе ккараб хIалалда гьечIониги, хадубккун унтаби раккичIого хутIуларо гьезда. Гьедин кIвараб жо гьабулаха нижеца.

Амма нижеда кIолареб жо буго санаториялде ине путевкаби кьезе. Сахлъи цIуниялъул министерлъиялдасан санаториялде гIарза битIула нижеца. Цинги доз гьелда рекъараб жаваб бачIунаро нижее. Доре индал чернобылалъулаз гьикъулеб буго нужеца нижее путевкаби щай кьоларел абун. Кьолин, щай кьоларелин жаваб гьабулеб рагIула доз. Кьолел ратани, кирха гьел ругел?!».

Чернобылалъулазул хадусеб масъала ккола жанир чIезе рукъзабазул суал. Гьелъие Москваялдасан республикаялде биччараб гIарцуе хIармал гьарулел рукIун, гьеб гIарац гьанже Москваялъ гIицIго сертификатал рикьулин, цинги гьеб щивав чернобылалъулас банкалдасан жинцаго бахъулин бицана цевехун бицен гьабурав Дубкиялдаса ГIабдула МуртазагIалиевас. Амма гьесие жиндиего щун гьечIо рукъ.

Иргаялда анкьабилеб бакIалда чIун вукIарав гьев Москваялде ритIарал документазда батунгицин гьечIо гьесул цIар. 1996 соналдаго щвезе кколеб букIун буго гьесие гьеб.

ГIемер хIиллаби гьаризе лъугьанин чернобылалъулалги хIалае ккунилан бицана ГIабдулаца. Масала, пачалихъалъ жидее гIарац биччазехъин букIин лъайдал, гъоркь букIараб жидер жамгIияб гIуцIиги букIахъе тун, чернобылалъулазул цойги гIуцIиялъул хъвай-хъвагIай гьабизе байбихьанила.

Гьединго Дада Дадаев абулев чернобылалъулас ЭР-лъе бицана къануналда рекъон жидее рукъзал кьолелъул, сакъатлъи бугел чернобылалъулазе бихьизабуралда тIадеги 20 квадратияб метра кьезе кколила. Амма Дагъистаналда гьеб лъиениги щвечIила. Гьедин Буйнакскиялдаса чернобылалъулал Москваялде щвезегIанцин хъвадаранила. Гьенир диваналда бергьаниги, гьеб мехалдаги кьечIила гьезие тIадеги 20 квадр метра.

Зама-заманалдасан жидее рукъзабазеян Москваялдаса бачIунеб букIараб гIарац республикаялъул хIукуматалъ батIиял мурадазе буссинабизехъин батулаанин бицана чернобылалъулаз ЭР-лъе. Гьедин гьанжеса 10-15 соналъ цебе ракъун чIей лъазабунги, пикетал гьарунги, жидеца чанго акция гьабизе кканила гьеб гIарац щвезелъун

Цойги масъалаги дандчIвалеб буго гьезда. Россалги хун хутIарал гьезул лъудби махIрум гьарулел руго пачалихъалъ бихьизабураб гIарцудаса. Нужер россал хванин, гьанже нуж гьелъие мустахIикъал гьечIилан. Къануналда рекъон, гьеб мекъи буго. Амма бакIазда цо-цо хIакимзабаз квалквал гьабулеб рагIула гьеб щвезе, багьанабиги ратун.

Чернобылалъулазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамадшарип Шанавазовасул рагIабазда рекъон, 320 чернобылалъулав вуго нусазаридаса цIикIкIун гIарац моцIрое щолев. Жеги ункъо чи вуго 200 азаридаса цIикIкIун гъурущ щолевги.

ГьабсагIаталда чернобылалъулалин рикIкIунел чагIазул бащадалниги гьересиял ратулин абураб щаклъи буго Шанавазовасул. Амма, жамгIияб гIуцIи хIисабалда, жидеда гьезул хIакъикъат чIезабизе кIоларила, цIакъго хIажат батани, цIех-рехалъул идарабазда тIаде кколеб хIалтIи бугила гьеб. Хасго пачалихъалъ чернобылалъулазе моцIрое гIарац чIезабизе байбихьидал, 1995 соналдаса нахъе цIикIкIине лъугьанила чернобылалъулазул къадар, жеги-жеги цIикIкIунелги ругила.

1990 абилел соназда 500 гъурщиде кьолаанила бокьарав чиясе чернобылалъуласул документ. Амма гьел бигьаго тIатинаризе рес бугиланги бицана ЭР-лъе Шанавазовас. Масала, тIолгороссиялъул реестр бугила унголъунги Чернобылалде ритIун рукIаралщинал гIадамазул цIаралги ругеб.

XS
SM
MD
LG