МагъчIваялъе рес

Сулейман Стальскиясул рукъ-музей бухIана


21 марталда щалали лъазе кIвечIел чахIаз бухIун батун буго Сулейман-СтIал мухъалъул Ашагъа-Стал росулъ букIараб, машгьурав лезгиязул шагIир Сулейман Стальскиясул музей-рукъ. ТакъсирчагIи жеги щал рукIаралали чIезабун гьечIо. Абулеб буго гьеб бухIун бугин лезгиязул некIсиял байрамкъоял кIодогьариялде дандечIараб къукъаялъилан.

Машгьурав шагIирасул рукъалда цIа ккун буго 21 марталъул сардилъ 12 тIубан хадуб. Музей рукъалда жаниб букIараб кинабго къайи-къоно бухIун, цохIо эхетарал къадал гурони хутIун гьечIо. Гьеб букIун буго 1934 соналъ хIукуматалъ Сулейман Стальскиясе бан кьураб мина.

Гьенив жанив вукIанин гьев гIумруялъул къоял ахиралде щвезегIанилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе, музей-рукъалъул нухмалъулей, шагIирасул васасул яс Лидия Стальскаялъ. Гьеб музеялъур рукIун Сулейман Стальскияс хIалтIизарулел рукIарал алатал, гьесул хъвай-хъвагIаял, гьев тIад вегулеб вукIараб бусен-къайи ва машгьурав революционер, Сергъо Орджоникидзеца гьесие сайигъат гьабун букIараб автомобильги.

ШагIирасул мина бухIиялъе гIиллалъун рехсолеб буго, их чIеялда бан гьезул мухъалда кIодо гьарулел рукIарал некIсиял байрамазда дандечIараб къукъаялъ гьабураб хIалтIи рагIулин гьебилан. Лезгиязул гIадат рагIула кIудияб цIаги бакун ихдалида дандчIвай гьабулеб. Исанаги гьеб гьабизехъин букIин лъараб мехалъ жидеца бакилин нужее бищунго кIудияб цIайилан бухIун рагIулин гьел хIалихьатаца кIудаинсул музей-рукъилан бицана Лидия Стальскаялъ нижер программаялъе.

Лидия Стальская: «Хас гьабун лъидениги дир щаклъи ккун гьечIо, гьеб музей цIунун вукIарав чисдаги, я мадугьалихъ рукIарал лъиданиги щивниги вихьун гьечIо. Киналго рукIана их чIеялъул байрам кIодо гьабулел. Жибго музей рагьаралдаса 70 соналде гIагарун заман ун букIана, жеги гьединаб вахIшияб иш гьабурав чиги ккун вукIинчIо. Щибаб соналъ нижеца гьенир гIуцIулаан батIи-батIиял тадбирал, дандчIваял, литературиял байрамал. Сардилъ цIа ккелалде гьеб къоялъ къадги гьалбал рукIана музеялде рачIун. Нижее гьеб букIана хирияб бакIлъун. КIудаинсуца квер хъвараб, гьев квалараб алат букIана гьениб. 10 классалдаса нахъе нухмалъи гьабуна дица гьелъие, хьул бугоха щиб рес батунги, гьел угъращазе квешезеги музей-рукъ цIигьабизе кIвелилан».

Музей рукъ цIигьабизе рагIи кьун буго лъугьа-бахъин ккараб бакIалде ячIун йикIарай Дагъистаналъул маданияталъул министр Зарема Бутаевалъги. Гьеб музей гьединго букIун буго Дагъистаналъул пачалихъалъулаб архитектурияб музеялъул филиаллъунги.

Лезгиязул машгьурав шагIир Сулейман Стальскиясул мина бухIиялда бан жиндирго пикру «Эркенлъи» радиоялъе загьир гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Цолъиялъул нухмалъулев АхIмадов МухIамадицаги.

АхIмадов МухIамад: «Лъица гьеб гьабун батаниги гьеб буго гIорхъолъа араб, хIалихьатаб иш. Лъиениги квешлъи гьабурав шагIир вукIинчIо Сулейман Стальский. Лъабкъогоялдасаги цIикIкIун соналъ цебе рагьараб гьесул музей рукъ букIана гIемерав чи вачIунеб, гIадамаз адаб гьабулеб, гьел цоцада ричIчIулеб бакIлъун. КъватIиса гьалбалги щвана гьенире. ГIемерал литератураялъул къоял тIоритIана гьеб рокъор, гьединго Сулейман Стальскиясул къоялги гьаруна гьенир. Гьеб букIана унго-унгояб маданияталъул рукълъун.

Абулеб буго гьеб ургъунго бухIун рагIулилан. Кин гьабун батаниги хIалихьатаб, нахъегIанаб, инжитаб иш гьабун буго. Чан сон Сулейман Стальский гьавун ва хун ун батаниги гьесул кучIдул халкъалъе хириял руго, жакъаги гьел цIалулел руго. Совет хIукумат беццун гурелги, гьес хъварал рухIиял кучIдулги ратана гьанже нахъе цIунун хутIун.

Нилъеца пикру гьабизе ккола гьадинаб жоялъул - сундул хIакъалъулъ шагIирас кечI хъван бугебали гуребги, кинан гьес гьеб кечI хъварабалиги хIисаб гьабизе ккола. Сулейман Стальскияс кечI хъвана тIокIаб гьунаргун. Халкъалъ гьел цIалулелги руго, жидее гьел къваригIун ругиланги абулеб буго гьез. Гьесул кучIдул цIалулел ругебгIан мехалъ Сулейман Стальскиясдаги, гьезул музей -рукъалдаги щибниги гIайибги гьечIо».

Сулейман Стальский ккола лезгиязул адабияталъе кьучI лъурав шагIир. Гьев гьединго вукIун вуго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул цолъиялъул тIоцевесев нухмалъулевлъунги. 1934 соналъ Москваялда тIобитIараб ТIоцебесеб Хъвадарухъабазул Съездалда гьесие кьуна Халкъияв шагIирасул цIар. Гьенибго машгьурав гIурусазул хъвадарухъан Максим Горькияс гьесие кьуна «къоабилеб гIасруялъул Гомерилан» абураб цIарги.

XS
SM
MD
LG