МагъчIваялъе рес

Бузнаса нухда экскаватор бухIана


Лъабабилеб марталъул сардилъ бухIана Бузнаса нух бахъулел хIалтIухъабазул экскаватор. Гьелда бан жеги мухIканлъи лъалеб гьечIо. ЦIа ккун букIин бихьун буго гьениса рикIкIад гьечIого рукIарал Хъараниса чагIазда.

Гьедин бицунеб буго ЭР-ялъе Бузнаса нух бахъиялъе хIаркат бахъулел дагъистаниязул цояв, Мурадица.

Мурад: «Хъараниса чагIазда бихьун, тIаса гъоркье гьел рачиIналде бухIун лъугIун батун буго экскаватор. Гьабизе кIолеб жо букIун гьечIо гьезда. ЦIатари жаниб букIунеб къалиялдасан бачIунеб букIун буго цIа. Нижги гьенире аскIорегIан инчIо, гьениса гIебеде тарал лъалкIал ратани, гьел мерхьинчIого рукIине».

«Hunday» фирмаялъул экскаватор кколаан гьеб, сверун букIараб маххул къали хутIизегIан, кинабго бухIун буго.

Экскаваторалда цIа гъей лъил пишаяли мухIканго лъалеб гьечIониги, щаклъизе бачIунеб бугин гьеб нух бахъулел бакIалъа гIебеде ругел цо-цо росабазул гIадамаздайин абулеб буго гьенир хIалтIулел чагIаз. Масала, аслияб куцалда Бузнаса нухалда дандечIей гьечIониги, жидер ракьалдасан бахъулеб бугин гьеб нух, гьединлъидал жидее гьелъухъ росулъе лъим бачейин чIун ругин чIикIаселин хъван букIана «Миллат» газеталда. Амма хадуб чIикIасез гьеб гьереси гьабуна. Гьединго фейсбукалдасан хъвадарулев вукIана цо генусев, жидедаги гьикъичIого гендерил 20 гектар нух бахъизе кьезе щайин кколеб букIараб жидер бегавулас. Амма ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гендерил бегавуласги баян гьабуна тIолабго росдал разилъи гуреб жо гьечIин Бузнасан нухлуда тIасан.

Генусесул цIаралда гъоркь хъвадарулев вукIарав дов чиги хIакъикъаталда Генуса вукIаравищали мухIканлъи гьечIо, гьединлъидал гьоркьосанго лъица букIаниги гьабулеб провокация букIине рес бугин гьебин рикIкIуна гIадамазул цо къокъаялъ.

Гьанже магIарул 8-9 мухъалде нух Бузнасан бахъани, цогидал нухал чIорого хутIизе руго, гьелдалъун даран-базарги къотIизе буго. Гьелъ рахIатхвезабулеб букIине бегьула цо-цо чагIазул.

Дов цевехун бицен гьабурав Мурадица бицана 5 марталда МахIачхъалаялда данделъун рукIанин жамгIиялги диниялги хIаракатчагIи. Гьезул хIукму кканила бакIалъул гIадамазулгун гара-чIвари гьабизе ине. Гьединго гендеридагун чIикIасезда кутакалда квеш букIун бугила гьеб хIужа.

Мурад: «Лъидениги кинха щаклъилел? БихьичIеб жоялъе нугIлъи кин гьабилеб? Генусел ратаниги, чIикIасел ратаниги, киназдаго кутакалда квеш букIун буго гьеб хIужа. ХIукуматалъ гIарацги кьун гьабулеб жо букIарабани, квер хьвагIун тезе бегьилаан. Амма гьеб буго рес бугезги, гьечIезги, херазги, бахIаразги садакъадуй бакIарараб гIарцухъ бахъулеб нух. 6 марталда, рузман-какдаса хадур ниж доре ине руго, бакIалъул гIадамазулгун хабар бицине. Жакъа, 5 марталда, бусурбабазул идараялда данделъун рукIана гIалимзабиги цогидалги. Хъизаманалда жанив цо-цо, кIи-кIи ци вукIуна дандечIарав. Гьел сабаблъун тIубараб хъизаналде жо абизе бегьилищха?».

АваргIор ва ГIандигIор жубалеб бакIалде ЧIикIасахун бахъулеб Бузнаса-нухлул манзил ккола 35 километра. Гьелда тIад гIага-шагарго инехъин бугин 500 млн гъурущилан бицана ХIажимурад МуртазагIалиевас. Гьединлъидал хIукуматалъул кумекги гьечIого чанго моцIалъ цебе бахъизе лъугьараб гьелъие гIарац балагьулеб буго халкъалъухъа. Гьелъие гIоло гIуцIун букIана МуртазагIалиевас нухмалъи гьабулеб фондги. ЭР-лъухъе щварал цо-цо баяназда рекъон, гьениб гьоркьобги цо хIилла гьабизе ракIалда рагIула хасал чагIазда. Масала, ХIажимурад МуртазагIалиевасул фондалъухъа нахъеги босун гьеб гIарац балагьиялъул хIалтIи пуланаб бетIергьанлъиялда бугеб гIуцIиялъухъеги кьун, хадуб хIукуматалъухъа гIарац бахъизе ракIалда бугила.

Бузнасан нух ккола имам Шамил асир гьавун хадусанго бахъизе лъугьараб нух. «Миллат» газеталда бахъараб тарихияб макъалаялда хъвавухъе, гIурус пачаяс магIарухъ тарав вакилас магIарулал рахъинарулел рукIун руго гьеб бахъизе. Амма имамасул наиб Къебед-хIажияс гьадин абун буго гьесда:

- Дур бетIер чIахъаяв, кIудияв, хIурмат тIадегIанав губернатор. Гьел магIарулал цIакъ язихъго руго, гьезул тIад ретIунеб ретIел сугъур буго. Гьебгицин гIураб гьечIо, кваназе гIураб жо гьечIого, гьел ракъун руго. Гьезул гIемерисел жанир чIезе рукъзал гьечIого руго. Гьезул росаби рухIана гучав пачаясул аскараз ва гьезул боцIи талавур гьабуна гьез. Жодорго жанир чIезе минаби разе кIоларого ругел гьезда гьеб нух бахъизе кIоларо. Гьелъул цIар бахъанани, гьел гьанжеги восстания гьабизе, кодоб ярагъги ккун, биял гIодоре тIези лъугьина. Шамилилги гьесда хадур рахъаразулги рагъда лъурал ругънал лъилъичIел гьел гьанжеги биял гIодоре тIезе тIамугеян гьарула дуда. Ножор гьал пачаясул чадицагун гьакаца цуллъарал хъулби цIун ругел гIурус салдатазда кIвелаан гьеб нух бахъизе.

Цогидал магIарулазул вакилзабазги Къебед-хIажиясул рахъ ккуна гьеб мехалъ.

Губернаторас хIукму гьабуна гIурусазда, ай армиялда, нух бахъизабизе. Гьезул часть битIана Бузна-къварилъухъе. Амма гьезухъа бажаричIо Авар, Сулахъ гIурул рагIалдасан ругел кьурабалъан нух гьабизе. Равухъе хутIана туманкIал речIчIун рарал гIужалги. Гьенир кьурабалъ гьарурал хIалтIабазул захIмалъиялъ гьеб захIмалъи хIехьези кIвечIого чанго салдат кьурулъа гъоркье кIанцIана ва ганчIал рорлъун, харил гьелги цIун, гьел кьвагьизарулеб мехалъ тIад регун жалгоги цадахъ кьвагьизарулаан.

XS
SM
MD
LG