МагъчIваялъе рес

Рохьалда щиб гIайиб бугеб?


Гъоркь анкьица Гумбет мухъалда хасаб операция тIобитIулаго рохьоб рекIараб цIа жеги сун гьечIин, гьеб свинабиялде бакIалъул нухмалъиялъ кIварги кьолеб гьечIин лъазабулеб буго гьеб мухъалъул гIадамаз. Гьезул рагIабазда рекъон, хехаб заманалда цIа свинабичIони рохь тIубан бухIун лъугIизе рес буго, гьеб бухIулаго зодоб лъураб кIкIуйдуцаги хIухьел цIазе захIмалъулеб буго.

Анкьица цебе Гумбет мухъалда терроризмалде дандечIараб низамги лъазабун Игьалиб хасаб операция тIобитIана, Гьарадерихъ ва Гъоркьа Гьарадерихъ хасал тадбирал тIоритIулел рукIана. Гьел росабазда аскIоб бугеб рохьор изнугьечIого яргъидгIуцIараз чIей гьабураб бакI батанин, рохьор гьел ралагьизе тадбирал тIоритIулаго рекIараб цIа жеги –жеги сун гьечIин, гьелде данде къеркьеялъе щибго хIалтIиги гьабулеб гьечIин я бакIалъул администрациялъ я хасал идарабазилан лъазабулеб буго гIадамаз.

Гьез абулеб буго жал хIинкъун ругила рохь тIубан бухIун лъугIиялда, жидер харибакIал хвезариялда. Гьединго рохь бухIулаго лъугьараб кIкIуй сверухълъиялдаго тIад бетун букIиналъ, хIухел цIазхе захIмалъулеб бугин абулеб буго гIадамаз.

Гьеб киналъго рахIат хвезабурал гIадамал жалго рахъун рукIун руго руго цIагун къеркьезе. ЦIа свинабиялъулъ гIахьаллъи гьабурав ГIумаров Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьаб сагIаталда гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул.

ГIумаров Шамиль: «ТIоцебе доб хасаб операция байбихьараб мехалда рекIана гьениб цIа. Гьанже игьелдерил добасан парсазда тIадеги бахун Инхо, Гьарадерихъ, Гъоркьа Гьарадерихъ росабазул рохьал рух1улел руго. Гьебги свинабизе захIматаб кьурабазда, парсазда тIад бугеб бакI буго. Хасал гьеб цIа свинабулел идарабазул кумек гьечIого гIадатиял гIадамазухъ бажарулаго гьеб свинабун. Анькица бухIулеб бугеб гьеб рохь свинабизе сон цохIого цо цIа свинабулеб автомобиль бачIун букIана, гьезги гьаниб-доба лъимги речIчIизабун кIудияб чIаголъиго гьабичIо гьеб свинабизе.
Гумбеталъул мухъалда бухlулеб рохь
Гумбеталъул мухъалда бухlулеб рохь
ЦIа рекIун хадуб тIоцересел къояз Игьали росдал гIадамал гьеб свинабизейилан рахъараб мехалда гьенир хасал тадбирал гьарулел рукIарал аскарияз лъазабун буго гьезда свинабизейилан абун бакараб жо гурин гьеб цIа бугеб, нужеца свинабуниги жидеца цIидасан бакулин гьебилан. Гьедин жакъа къоялда жаниб бухIун лъугIун бугин абизе бегьула Инхо, Игьалиб, Гъоркьа Гьарадерихъ росабазе кколеб рохьалъул I0-I5 гектар. Рохьоб цIа ккарал тIоцересел къояз гьениве вачIун вукIана Болъихъ мухъалъул рохьил магIишаталъул вакилги. Нижер гIолохъабаз цIа добе-гьанибегIан инчIого букIинелъун цереса гъутIби къотIизе лъугьиндал нужеца гIадада гъутIби хвезарулел ругилан абуна. ГIолохъабаз гьеб жибго тун хадуб сагIаталдасан гьадингоги бухIун лъугIана гьеб бакIги. Сон Инхоса Гьарадерихъе рачарал токалъул кварал рухIизехъин рукIун гьаралги, гьезие кумекалъе инхвалгун, килалги рачIун рукIана, амма гьел кварал цIунизе кIвей гурони тIокIаб гьеб цIа свинабиялъе хIалтIи гьабун бажаричIоха гIадамазухъа».

Рохь бухIун лъугIулеб букIиналдеъуг гьединаб хашаб бербалагьи щай бугебали цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна терроризмалде данде къеркьеялъул суалал тIуралев Гумбет мухъалъул бетIер хисулев Каримов АхIмадгун.

Каримов АхIмад: «Сон гьениб цIа свинабизе лъабго-ункъго росдал гIадамал рахъун рукIана. Терроризмалде дандечIараб низам лъазабун букIиналъ, гьеб лъугIизегIан цIа свинабиялъул хIалтIаби гьаризе разилъи кьун букIинчIо аскарияз. Щай гурелъул гьенир рохьор рахчун ратарал изнугьечIого яргъидгIуцIаразул чанго чи тIурун ун вугин, гьел кквезе гъоркьчIелал гьарун ругин, бакI-бакIалда кьвагьулел алатал лъун ругин, гьезул гIадамазе хIинкъи букIунин лъазабун букIанаха гьез. Сон гьеб хасаб низамги лъугIун гIадамал рахъун рукIана гьенире цIа свинабизе, квер щолареб мугIрузда ругел захIматал бакIазда хутIизегIан гьеб свинабунги бахъана».
Гумбеталъул мухъалда бухlулеб рохь
Гумбеталъул мухъалда бухlулеб рохь
Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан МухIамадова Написатица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб терроризмалде дандечIараб низам лъазабун букIиналъ букIине кколеб хIалалда жидер хIалтIухъаби бажаринчIин гьенир хIалтIун. Кьурабазда парсазухъ бугеб заз-хъарахъ гурони, гьаб сагIаталда гьениб рохь бухIулеб гьечIилан.
XS
SM
MD
LG