МагъчIваялъе рес

Инсуца чIван йиго жиндирго кIиго яс


Гъаякент мухъалъул Къаранайаул росулъа чияс жиндирго кIиго яс чIваялда тIасан такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Дагъистаналда. Араб соналъул ахиралда гьабураб такъсир гьанже гурого къватIибе бачIун гьечIо.

Адвокат Елена Денисенкол пикруялда, гьеб такъсир къватIибе бачIинчIого хутIизе рес букIун буго социалиял гьиназдаса эбелалъ ва ясал лъалел-хъвалез гьел тIагIиналда бан лъазариял тIиритIизаричIелани. Чан гьеб тайпаялъул иш кидаго къватIибе рагIичIого, балъго хутIулебали лъидаго абизе кIоларила.

49 сон барав Шамиль Рамазановасда щаклъи ккун буго гьес «Намусалъулин» рикIкIунеб чIвай-хъвай гьабун букIиналда. 2015 соналъул декабрь моцIалда Шамилица жиндирго кIияйго яс чIван йиго, живго инсул рагIабазда рекъон, мугIрул руччабазул букIине бегьулареб хьвада-чIвади ясазул букIиналда бан. 20 сон барай Мадинал ва 16 сон барай Урузматил жаназаби инсуца Къаранайаул росдада гIагар, мегIер-гIалах бугеб бакIалда рукъун руго.

Ясал тIагIиналъул информация цин къватIибе лъан буго социалиял гьиназдаса. Хадубго чIварай ясазул эбел Бакаш Рамазановалъ полициялде гIарза кьун буго, ясал тIагIун рукIиналда бан. Гьеб заманалде, ясал тIагун бан букIун буго чанго моцI.

ЧIварал ясазул эбел-эмен ратIалъун, ясал эбелгун гIумру гьабун рукIун руго Гъарабудахкент мухъалъул Уллубийаул росулъ. Эмен гIумру гьабун вукIун вуго Избербаш шагьаралда. Избербаш шагьаралъул Жанисел ишазул бутIаялда баян гьабухъе, ясазул эбелалъ ахIун бачIун буго гьев Шамилихъе ясаз гIинтIамулеб гьечIин ва васалгун кIалъа-бацалел ругин гьел. МукIурлъун, Жанисел ишазул бутIаялде вачIарав инсуца бичIчIизабун буго, гьеб лъайдал жиндир бадиса канлъи анин ва гьел жинца чIванин. Гьединго чIварал Мадина ва Урузмат рукъарал бакI бихьизабун буго. Жаназабазда гIемерал нусал чIварал ругънал ругила.

Щай ясал тIагIун чанго моцI базегIан ясазул эбел юцIун чIун йикIараяли лъидаго абизе кIолеб гьечIо.

Амма адвокат Елена Денисенкол пикруялда, гьеб ишги, гIемерал цогидалго гIадин къватIибего бачIинчIого, балъго хутIизе рес букIун буго, ясал тIагIиналъул информация социалиял гьиназда баккичIебани. Гьединал тайпаялъул чIвай-хъвеязул хIакъалъулъ ахирисеб заманалда гIемерисеб нухалъ лъалеб бугин Twitter ва Facebook социалиял гьиназдасайин бицана «Эркенлъи» радиоялъе адвокаталъ.

Елена Денисенко: « Гьеб буго вахIшияб чIвай-хъвей, кинаб букIаниги гIорхъабалъ хIебтIулареб, кинго ритIухъ гьабизе бегьулареб. Хас гьабун гьеб лъугьа-бахъиналда эбелалъ гIарза хъван къватIибе бачIанин абизе бегьула гьеб такъсир, амма бачIиндаго социалиял гьиназда ясазул лъалел-хъвалез байбихьун буго информация тIибитIизабизе, ясал тIагIиналъул хIакъалъулъ.

Гьединал лъугьа-бахъиназул кIудияб къадар букIуна гIага-бажараз бахчун, къватIибе лъазеги толареб. Цо-цояз абула дагьлун ругин гьеб тайпаялъул чIвай-хъвеял, амма кигIан къадар гьезул киданиги къватIибе лъачIогон хутIулебали лъидаго абизе кIоларо.

Ахираб заманалда социалиял гьинал сабалъун къватIибе бачIунеб буго гьеб тайпаялъул информация. Цинги гIагарлъиялда гьеб бахчун бажаруларо. Амма къватIибе лъан, такъсир гьабиялъул иш рагьаниги, гьезул дагьаб къадар гурого диваналде щоларо, инкар гьабун. КъватIибе лъазабичIогон тола, яги диваналде щвелалдего биххула иш».

БачIиндаго, чIвай-хъвеялъул хIакъалъулъ лъазабулаго федералиял каналаз гьеб кьуна «Инсуца аморалияб хьвада-чIвади сабаблъун ясал чIван руго», - абураб цIаралда гъоркь.

Журналист ва «Даптар» абураб руччабазул ихтияразул интернет-порталалъул вакил Светлана Анохиналъ рикIкIунеб буго гьеб хIалалда цIарал хъваялъ, лъачIогон, чIвадарухъан ритIухъ гьавулев вугин. Аморалияб, ничалда данде кколареб, яги цогидал гьединал рагIаби рукIине бегьуларила гьединаб информация кьолаго, гурого, чIвай-хъвей ритIухъ гьабулеб жо кколила гьеб.

Светлана Анохина: «Цого-цо аморалияб хьвада-чIвади бугев, нич-намус гьечIев гьеб ишалда гъорлъ ккола гIицIго цо чи - чIвадарухъан. ЧIвай-хъвей ккола чIвай-хъвей, журналистаз гьединал хъвай-хъвагIай гьариялъ гьеб цIалулезул, бихьулезул бутIрузулъ бижизабула гьеб битIараб бугин абураб пикру.

Хадур рукIуна нилъ, щайила нилъер гьанир гьединал чIвай-хъвеял кколел ругелинан абун. Моралалда хурхараб жо кутакалда цIаралда буго нилъер жамгIияталда гъорлъ. Гьединаб цIар информациялъе кьеялъин абуни, гьеб ритIухъ гьабулеб буго, чIвай-хъвей легетимияблъун лъугьунеб буго».

Дунялалда щибаб санайил намус цIунунилан чIвалел ясазул къадар 5 азаргоялде бахунеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул баяназда рекъон. Амма Англъиялъул The Independent газеталъул баяназда рекъон гьеб къадар 20 азаргоялдецин бахунеб буго.

Гьеб газеталъул хIалтIухъабаз гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда гьединал такъсирал бищун гIемер Иорданиялда, Пакистаналда ва Турциялда гьарулел руго, амма гьезул хIакъалъул баянал къватIире лъазе толел гьечIо гьел хIукуматазда.

XS
SM
MD
LG