МагъчIваялъе рес

БацIунищ бидуца намус?


30 абилеб июлалъ Гъизилюрт мухъалъул районалъул судалда цIигьабун байбихьана, яцалъул яс чIваялъул гIайиб жинде гIунтIизабулеб бугев, МухIамадов Къасумида тIад судалъул процесс. Гьеб чIвай рикIкIунеб буго «намус цIунун» гьабураб чIвайлъун. Дагъистаналда ахирияб заманаялъ цIакъ гIемер рагIулеб буго «намус цIунун» гьарурал чIвай-хъвеязул хIакъалъулъ.

Дагъистаналъул Гъизилюрт мухъалъул Нечаевка росулъа 22 сон барай МухIамадова Марьям чIвана 2010абилеб соналъул август моцIалъ. ЧIварай ясалъул эбелалъ гIайиб гIунтIизабуна ясалъул имгIал - МухIамадов Къасумиде. Гьоркьоб кIиго сон ун хадуб гурони байбихьичIо гьесда тIад суд. Суд байбихьун лъагIалидасан гьев гIайиб гьечIевлъун вукIин чIезавун буго. Амма ясалъул эбел, Муслимат МухIамадова разилъичIо судалъул хIукмуялда, гьелъ апелляция кьун цIидасан байбихьана суд. 20I4абилеб соналъул май моцIалъ МухIамадов мукIурлъана жиндихъа ккараб жоялъе. ГIакълу-лъай босун чIван яхъанилан жиндихъа гьей.

Гьединал, «намус цIунун» гьарурал чIваял гIемер кколин, амма гIемерисеб мехалъ гьел полициялъулазул хъвай-хъвагIаяздецин кколарин , кингиха гьединал такъсиразул цIех-рех гьабилеб, Жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабиги гьединалго бихьиналлъидал, гьелги тIадрекъола гьединаб лъугьа-бахъиналда. ГIемерисел гьел чIваялги хъизаналда жанир ккарал рукIун , гIадамазги руцIцIун чIун тIад рекъон толел ругилан рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса блоггер Айдимир Дагановас.

Араб соналъул ахиралда интернеталдаги социалиял гьиназдаги цIакъ гIемер бицун, тIасан бахIсал унел рукIана Семендералда гIумру гьабун вугев чияс жиндирго намус цIунизе гIоло яс чIваялда тIасан. ГIемерисез рикIкIунеб буго гьеб битIараб гьечIилан.

Дагьабги талихI къараб лъугьа-бахъин ккун буго цоги Дагъистаналдаса хъизамалда; Инсуца цин яс гIанкъун, цинги живго жинцаго чIван вуго, жиндирго лъимер чIвай хIехьезе кIвечIого.

Намус цIунун яс чIвай кидаго букIанин Дагъистаналдайилан рикIкIунеб буго Айдимир Дагановас, цебесеб заманаялдаса нахъего бачIун нилъехъе щун буго ясалъ гьабураб нич бидуца гурони чуруларин абураб жо. Амма гIицIго ясалда гуро гьеб гIайиб букIунеб,цин яс къурбан гьайилалде, гьей гьединаб ишалде цIарав чиясе гьабизе кколин тамихIилан рикIкIунеб буго Дагановас.

Дагъистаналдаса, инсанасул ихтиярал цIунулей, адвокат - Къадирова Салиматица хас гьабун «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьебго Нечаевка росулъ ккараб лъугьа-бахъин тIоцебесебги ахирисебги гурин, гьебго росулъ кIигоя яц гIагарлъиялъ чIванин, гIицIго цо сордо рукъ тун къватIибехун баялъул гIиллаялда. Цогидай, къинай гIадан, аскIоб бугеб гIурулъе рехун ятанин чIвазеги чIван. Гьединго Салиматица бицана ургъунго ясазе хIалихьалъи гьабулел васал камулариланги, гьедин, машинаялда жанир къазарун, ясал инжит гьарулев чи вукIун вуго, гьес инжит гьарурал кIигоял эбел-инсуца чIван ругин. ГIемерисел ясал тухумалъул бихьиназ дандги бан чIвалел ругилан .

Салимат Къадирова: «ЧIвай-хъвеял ясазул, гIолохъанал руччабазул Дагъистаналда ккей, жакъа баккараб жо гуро, гIадаталда рекъон, дагьабниги ясалъул гъалатI ккани, ялъуни гъалатI ккечIого, бугьтан лъун, мацI гьабун бугони, гIемерисеб нухалъ ясалъул гIагарлъиялда бигьаяблъун бихьулеб буго гьей чIван тIаса йихьизайизе, гьединищ гьеб бугеб ялъуни батIияб хIалалъищ бугебали хал гьабичIого. ГIемерисел чIвай-хъвеял кколел руго гIагарлъиялъ, тухумалъул бихьиназ дандги бан. Амма гьеб гьедин техе бегьуларо, гьелда данде хIалтIи гьабизе кола, амма хIалтIи гьабулеб гьечIо. Гьел органазда хIалтIулелги гIемерисел бихьинал руго хIалтIулел, гьез хIаракат бахъулеб букIана гьеб чIва-хъвей бахчизе.»

ЖамгIияв хIаракатчи МухIамадрасул ГIумаровас рикIкIунеб буго, гьединал чIваял ккеялъе аслияб гIайиб эбелалда бугила, гьанже ругел улбуз ясазе бокьа-бокьараб гьабун, гьезул гъалатIал рахчун гьединаб квешаб бакIалде кколила ишилан.

Мобильный телефонал раккун хадуб тIуранго гIемерлъанин ясал чIвай, цо санагIат гьечIеб кIалъай яги смс гIола гIайибияйлъун ккезе. Гьелъ гIемерисел улбуз росабалъ рос-рукъалде инегIан телефонцин кьоларин ясазухъеян бицана Хунзахъ мухъалдаса ХIусейнова ПатIиматица.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул баяназда рекъон, щибаб соналъ дунялалда 5000 чIужугIадан кколей йиго намус цIунун чIварайлъун. Гьебги чIван-къотIараб тарих гуро, гьединал чIваял къватIире лъазе течIого рахчулел рукIиналъ.

Гьелдаго цадахъ, шаригIаталда рекъон, зина гьабун чIвазе кканани, гьелъие букIине кколеб хIужжа ккола, ункъо нугI вукIин,жидер беразда зина гьабулел рихьарал.

XS
SM
MD
LG