МагъчIваялъе рес

ЯцгIал чIварасе диван гьабулеб буго


Буйнакск мухъалда диван гьабулеб буго яцгIал чIварав ЧIикIаб росулъа 3I сон барав ГIабдулазиз ГIабдурахIмановасе. ЦIех-рехалъул материалазда рекъон, 25 сон барай яцгIал гьес чIван йиго маялъул ахиралда. Гьесие рекIее гIун гьечIо гьелъул хьвада-чIвади.

Гьал къоязда букIараб диваналъул тIоцебесеб данделъиялда ГIабдурахIмановас абуна чIваялъулъ жиндир гIайиб бугин, амма гьей чIвазе жиндир къасд букIичIин. Гьесул адвокат Зульфия ИсахIажиевалъ рикIкIунеб буго аффекталъул хIалалдеги ккун гьабунин такъсир ГIабдурахIмановас.

«Уголовияб Кодексалъул I05-леб статьялдалъун гIайиб гIунтIизабулеб буго ГIабдурахIмановасда. Гьеб статьяги: ургъунго чи чIвай. Амма гьесие яцгIал чIвазе бокьун букIинчIо. Гьесда ракIалдацин гьечIо ккин жинца яцгIал чIварай.

Дица тIалаб гьабизе буго УКалъул 109-леб статьялдалъун гьабеин диван. Гьеб статьяги: лъачIого чи чIвай», - илан бицана адвокаталъ журналистазе.

Гьанибго тIаде жубала: УКалъул 105-леб статьялда рекъон, такъсир гьабурав чиясе туснахъалъул бищун гIемер 15 сон кьезе бегьула, 109-леб статьялда рекъон - кIиго сон.

Адвокатулъул рагIабазда рекъон, ГIабдурахIмановасда интернеталда бихьун буго жиндир яцгIал яхъарай видеролик. Гьеб роликалда гьелда аскIов вукIана щивалиго чи.

Гьев щив чияли лъазабизе ва лъан хадуб яцгIал гьесда ячинайизе бокьун букIун буго ГIабдурахIмановасе. Гьединго гьесие бокьун букIун буго лъазе яцгIалалъул кIиабилеб лъимералъул эмен щивали. Гьелдалъун ГIабдурахIманов яцгIалалъухъе ун вуго. «Гьей чIвазе бокьун йикIарайани, гьес цадахъ нус яги тапанча босилаан», - абулеб буго адвокат ИсахIажиевалъ.

Гьелъ бицухъе, яцгIалалъе рекIее гIун гьечIо ГIабдурахIманов жиндихъе вачIин. Гьесул суалазе гьелъ жавабал кьун гьечIо. «Дур иш гьечIилан» абун буго гьелъ гьесда ва нусги бахъун гьесда семизе жуян йиго. Адвокат ИсахIажиевалъ бицаралда рекъон, яцгIалалъ нус борхун буго, амма ГIабдурахIмановас гьеб бахъун буго гьелъухъа ва кIицIун хьолбода щвезабун буго.

Амма яцгIал гьеб мехалда чIаго йкIанин ва семулей танин жинцаилан абулеб буго ГIабдурахIмановас. Гьенисан гьев нахъе ун вуго ва гIагарлъиялда абун буго гьадинаб лъугьа-бахъин кканилан.

ЦIех-рехалъул баянал батIиял руго. Жаназаялъул экспертизаялъ бихьизабун буго чIваралъда нус ичIго нухалъ щвезабун букIин. Адвокат ИсахIажиевалъни абулеб буго ГIабдурахIмановасда гьебщинаб жо ракIалде гьечIин ва гьелъ бихьизабулеб бугин гьес гьабураб такъсир аффекталъулаб букIин.

«ЦIех-рехчагIазда абулеб букIана ГIабдурахIмановасе психологияб экспертиза гьабеин, амма низам цIунулез гьеб гIарза къабул гьабичIо. Диваналда тIалаб гьабизе буго гьеб экспертиза», - ян абуна ИсахIажиевалъ.

Гьединго адвокаталъ абуна ГIабдурахIмановасул гIагарлъиялдаги чIваралъул гIагарлъиялда гьоркьоб маслихIат гьабунин. «ГIабдурахIмановасул эменги чIваралъул эменги вацал руго.

ЧIварасул инсуца абуна жинца гIайибавлъун рикIкIунев гьечIилан ГIабдурахIманов ва жинца гьабизе кколеб букIараб иш гьес гьабунин», - илан бицана адвокаталъ.

Амма диваналда чIваралъул эбелалъул хабар батIияб букIана. Гьей диваналде ячIана ясалъул кIиго лъимергун - щуго сон барай ясгун ва анкьго моцI барав васгун.

ГIодулаго гьей семулей йикIана ГIабдурахIмановасда щайила жиндир яс чIвараI, щайила лъимал бесдал гьарурал. Диваналда гьелъ бицана жий тIаса лъугьичIин ГIабдурахIмановасдаса.

Гьеб диваналда хадуб «Эркенлъи» радиоялъ халкквезе буго ва цIиял данделъабазулги бицина.

Буйнакск мухъалда ккараб чIвай-хъвей ккола «намус цIунун» абулел чIвай-хъвеязул цояблъун. Гьединабго ишалда тIаса Гъизилюрт мухъалда диван цодагьалъ цебе лъугIана ва вацасул яс чIварасе туснахъалъул анкьго сон кьуна.

Диванчияс гьеб такъсир аффекталъулаблъун рикIкIана. ГIагараб заманалда МахIачхъалаялдаги байбихьизе буго яс чIварав инсуда тIад диван.

Цо-цо экспертаз абулеб буго «намус цIунун» чIваял гIемерлъулел ругин Дагъистаналда, амма адвокат Елена Денисенкол пикру цодагьго батIияб буго.

Елена Денисенко: «Дида кколаро «намус цIунун» чIваял гIемерлъанин яги дагьлъанин. Гьел чIвай-хъвеязул гIемер бицунеб буго гьанже. Гьелъие гIиллаги буго интернет тIибитIи. Социалиял сайтаздасан дагъистанияз баянал кьолел руго гьел лъугьа-бахъиназе. Дида ккола гьеб лъикIаб ишлъун. Гьел такъсиразе квешал гурел къиматал кьолел къанагIат гурони рихьичIо дида.

ЖамгIияталъ къабул гьарулин гьел чIвай-хъвеялин абула. Росабалъ гьарулел ратула, амма шагьаразда гIемерисез чIвадарухъабазул рахъ кколаро. Гьеб гьедин буго щайгурелъул интернет шагьаразда цебетIолеб буго».

Денисенкоца гьединго тIаде жубана, гьел чIвай-хъвеязул хIакъалъулъ ахирисеб заманалда гIемерисала лъалеб бугин Twitter ва Facebook соцсетьябаздасан.

XS
SM
MD
LG