МагъчIваялъе рес

ГIадат гьечIо, чIужугIаданалъул ихтияразул бицунеб


Россиялда руччаби ратIа гьариялъул киналго тайпаби тIагIинариялъул Конвенциялъул положениял тIуразариялда тIасан гьабураб докладалъул цебе боси гьабун буго гьал къояз Женева шагьаралда. Гьеб докладалда аслияб бакI кколеб буго Шималияб Кавказалъул руччабазул ихтияразда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъ.

26 октябралда Женеваялда Цолъарал Миллатазул гIуцIиялда тIобитIараб бриффингалда церероси гьабун буго Руччабазда хурхун дискриминация гьабиялъул докладазул, гьезда гъорлъ Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалда хурхааб доклад хIадур гьабун буго «Правовая инициатива по России» абураб ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ. Гьеб гIуцIиялъ аслияб куцалда Шималияб Кавказалда ихтиярал цIуниялъул хIалтIи гьабулеб буго диваназда.

Амма Россиялъул делегациялда гъорлъ жалго Шималияб Кавказалъул вакилзаби гьечIилан баян гьабулеб буго «Кавказский Узел» сурсаталъе "Правовая инициатива – Астрея" абураб ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул вакил Ванесса Коганица.

Руччабаздехун хIал гьаби ва ихтиярал хвезари гIицIго Шималияб Кавказалъул регионазда тIибитIараб жо кколеб гьечIониги, гьениб гьеб хIалуцунеб бугин къанунал хвезариялъул ва жавабчилъиялде ахIунгутIиялъул гьава цIакъго цIикIкIун букIиналъин лъазабулеб буго «Правовая инициатива по России» абураб ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ хIадур гьабураб докладалда.

Рокъосеб хIал гьабиялъул къурбаналлъун гурелги, руччаби кколел ругила хIал гьабун, цудунго росасе кьеялъул, намус цIунун гьабулеб чIвай-хъвеялъул, хъамиялъул, ва цогидал гIадаталлъун лъугьарал жалазул къурбаналлъун. Масала, чанго Кавказулъул республикаялда бакI-бакIалда тIибитIун бугила ясазе сунат гьабиялъул практика.

Ахираб къого соналда жанир диниял ва цогидал гIадатал цIакъго тIиритIун ругила, хасго Чачан республикаялда, живго республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасги Россиялъул къануназдасаги шаригIат цебе бугин лъазаби гьабун бугила гIадамазда цебе, гьединлъидал,Чачан республикаялда светияб ихтияр нахъе цун,тIоцебесеб бакIалде бачIунеб бугила традициялъулаб, динияб ихтияр.

Масала, рокъосеб хIал гьабиялъул, лъималазда тIад опека гьабиялъу ва цогидал хъизамазда жанисел ишазда хурхарал суалал тIуралел ругила рухIияб идараялъул ва муфтияталъул квербакъиялдалъун, гьел тайпаялъул ишал светиял диваназде кколарин лъазабулеб буго докладалда.

Аслияб куцалда руччабазул ихтиярал хвезариялъул ункъо аслияб хIужа бугила Шималияб Кавказалда тIибитIараб: Чачан республикалялда руччабазул ратIлидехун диниял тIалабал рукIин, ригьнал ва хъизамалъул суалазда жаниб чIужу-гIаданалъул ихтиярал цIунунгутIи, чIужугIаданалдехун хIал гьаби ва гIадатияллъун лъугьарал, руччабазе заралиял кверагъариял.

Дагъистаналда, абизе кколин, мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялда данде ккун ратIлхидехун кинаб бугониги тIалабал рукIунарин, аслияб куцалда гьеб суалаллъулъ руччаби эркенал ругин баян гьабулеб буго ратIлил дизайнер Мухлисат ГIумархIажиевалъ. ГьабсагIаталда жалго руччабазул гъира бугила ратIел халатаб ва баца-хьвараб букIин.

Инсанасул социалиябгун экономикияб хIинкъигьечIолъи аслияб куцалъ бараб бугин гьев жамгIияталда жаниб зулмуялдаса, хIалалдаса цIунарав вукIиналдайилан рикIкIунеб буго юрист Сапият МухIамадовалъ. Къо бахъанагIан гIемер ругин хIужаби хъизамалда жаниб, хIалтIуда, жамгIияталда гъорлъ чIужугIаданалъул ихтиярал хвезариялъулилан баян гьабуна гьелъ.

Масала, исламалда рекъон ретIа-къан хьвади сабаблъун хIалтIудаса нахъе рехиялъул хIужаби рукIанила церегIанго. Рокъоб зулму-хIал гьабиялъул хIужаби къанагIат гурого рагIуларин, низам цIунулезул сияхIаздеги гьединал лъугьа-бахъинал кколарин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе адвокаталъ.

Амма гьеб кколарила гьел гьечIинал абулеб жо, гьоркьохъеб куцалъ щибаб ункъабилеб Дагъистаналъул хъизамалда бугила хъизамалда хIал гьаби, амма гьеб бахчулила, билълъун араблъун букIиналъ рукъалъул хIал къватIибе кьолареб гIадатилан бицана Сапият МухIамадовалъ.

Сапият МухIамадова: «ЧIужугIаданалда хIал гьаби ва рокъосеб зулму, гьединго гIолил ясал чIваял руго бищун гIемер тIасан суалал ругел чIужугIаданалъул ихтиярал хвезариялъул хIужаби. Цебегоялдаса нахъе, дагьабниги бегьулареб жо ясалъухъа ккун бугони, яги щибго гьечIого, гIицIго хабар рагIанигицин яс тIагIинаюлей йиго. Гьей тIагIун, чIван йикIин киназдаго лъала, амма лъицаго цIар бахъуларо.

Гьединго рокъоса зулму – хIал гьаби. ГIемер руччаби рачIуна гIарз бахъун рокъосан зулму букIун, нахъе рилълъарал гьениса. Гьедин, цо яс йиго, росас зулму гьабун нахъе ун гIарзгун ячIарай. Гьес гьелда хIал гьабун буго, гьединго юхун, сакъат гьаюн йиго, амма низам цIунулез кIвар кьолеб гьечIо гьединал хIужабазде.

Гьеб бараб буго нилъер гьаниб хъизамалда жанисел суалал хъизамалда жанирго тIуран тун къватIире рахъунгутIиялда. Низам цIунулез кIвар кьолареб мехалъ, ничалъги бицинчIого бахчун тун, хIехьолеб буго. БукIине кколеб хIалтIи низам цIунулез гьабунгутIи буго аслияб хIужа гьел рахчун хутIиялъе».

Миллатазул цолъараб гIуцIиялъул баяназда рекъон, дунялалда щибаб соналъ аза-азар чIужугIаданалъул ихтиярал хвезариялъул хIужаби тIатинчIого хутIулел руго. Рокъоб, хъизамалда жаниб хIал гьабиялъул хIужаби рахчиялъе аслияб гIиллалъун кколеб буго гьеб бакIалъе хасиятаб гIадат, нич.

XS
SM
MD
LG