МагъчIваялъе рес

Магьари лъечIого ячунге лъади


Пакистаналъул Сват вилаят. Анлъго сон тIубарай яс росасе кьолеб шагьатнамагун. 22 Октябрь, 2013.
Пакистаналъул Сват вилаят. Анлъго сон тIубарай яс росасе кьолеб шагьатнамагун. 22 Октябрь, 2013.

Дагъистаналъул Дербенталда хъамун йиго санаде яхинчIей яс. Нижехъе щварал баяназда рекъон гьеб микьабилеб хIужа кколеб буго Жанубияб Дагъистаналда. Экспертаз гьелъие батIи-батIиял гIиллаби рехсолел руго, цадахъго гIайиб гьабулеб буго рухIияб идараялдеги.

Гьезул дагIват щвалде щвараб гьечIолъиялъ гIолохъабаз толеб гьечIин гьеб сурараб пишаян абулеб буго политолог, жанубияб Дагъистан лъикI лъалев Гереев Русланица.

ЦIех-рехчагIаз уголовияб иш рагьун буго гьеб хIужаялда тIасан. 16 сон барай яс хъамун йиго гьелъулго гIагарав чияс. Автомобилалдаги рекIинаюн Южно-Сухокумск шагьаралда аскIоб бугеб хъутаналде ячун йиго гьей гIолохъанчияс.

Эркенлъи радиоялъухъе щварал баяназда рекъон Жанубияб Дагъистаналда гьеб микьабилеб хIужа буго яс хъамурай.

Мисалалъе исана гьединабго лъугьа-бахъин ккун буго МухIарамкент мухъалда, Белиджи росулъ аслияб куцалда гьел кколин гIодоблъиялда ругел мухъал.

Политолог Руслан Гереевасул рагIабазда рекъон Жанубияб Дагъистаналъе цIакъ канагIатаб хIужа рагIула ригьин гьабиялъул мурадалд яс хъами.

ХIатта тарихалде гъорлъе раккун балагьанигицин гьединал хIужаби рукIинчIин гьенир.

Русланил пикруялда рекъон ахираб заманалда гьединал хIужаби цIикIкIиналъе квербакъулеб буго республикаялда социалиябгун-экономикияб ахIвал-хIал нахъе ккун букIиналъ.

Ясалъул инсуца батIи-батIиял багьанабиги ратун жинде яс кьезе инкар гьабидал унел ругин гIолилал гьединаб нухде. Амма камулел гьечIо гьелъул хIасилалда балагьаб лъугьа-бахъин ккарабги.

Хъамурай ясалъул гIага божараз аслияб куцалда гьелъул вацаз яс хъамурав гIолилав чIварабги хIужа букIанилан абулеб буго Русланица. Политологас рикIкIунеб буго гьеб рахъалъ республикаялъул рухIияб идараялъ гьабулеб хIалтIи гIей гьечIеблъун бугилан:

Руслан Гереев: «Бищунго кIудияб гIунгутIилъун жакъа буго рухIияб идараялъул гIолеб гIелалда гьоркьоб жиндирго чIванкъотIараб позиция гьечIолъи. Мисалалъе босе мадугьалихъ бугеб чачаназул республика.

Гьезул муфтияс цо нухалда абуна халкъалда цевеги вахъун ясал хъами сурараб пиша букIин. Гьелдаса нахъе къотIана гьезул доба гьеб пиша. Нилъер анибин абуни рухIияб идараялъул рагIул къуват гьечIеблъи якъинлъулеб буго.

Дица абулеб гьечIо гьез вагIзаби гьарулел гьечIин гьел руцIцIухIун чIун ругилан, гьечIо абулеб буго гьез жидерго кIалъаялда, амма гIолохъанаб гIелалъ гьезухъ гIинтIамулеб гьечIо.

Дир хIисабалда вагIзаби цIикIкIинаризе ккола цере ригьнал кин гьарулел рукIарал, цересел бертабазул хаслъиялъул бицине ккола, щайгурелъул гьанже ругел бертаби цере рукIаразда дандеккун тIуранго батIиял руго».

ШаргIалъ ясал хъами кидаго сурараб пишалъун рикIкIунин ва гьелъухъ гьабулеб тамихIги къвакIараб букIанилан бицана Эркенлъиялъе динияв хIаракатчи, Шамил мухъалдаса МухIамадрасул-хIажияс. Нижеца гьесда гьикъана цебе заманалда гьанжеги ясал хъамиялда гьоркьоб кинаб букIаниги батIалъи бугищан. Гьале гьес кьураб жаваб:

МухIамадрасул-хIажи: « Цебе заманалдаги батIаго халкъ диналда тIад чIараб, гьелъул киналго хIукмаби рагIа-ракьанде щун тIуралеблъун букIанилан абизе кIвеларо. Цояца цIунун, цояз бокьа-бокьараб гьабун гьабун букIана шаргI. Шамил Имамас гъазават байбихьиялъе гIиллаги гьеблъидал букIараб, халкъалъ диналъул кIвар гьабунгутIи.

Дир хIисабалда яс хъамиялде гIолилав вачунеб жо ккола чIухIи. Жинде яс кьечIого тезе кканийин гьадав чияс, дос къимат гьабулареб даражаялъул чийищин дун вугевилан абураб чIухIараб пикруялъ ккола гьениб аслияб бакI».

Яс хъамун хадуб гIиябго рахъалда гьаркьоб маслихIатияб куцалда ахIвал-хIал роцIцIинабизе кинал нухал ругелали гьадин бицана МухIамадрасулица:

МухIамадрасул-хIажи: «ТIоцесеб иргаялда гьеб буго гIолохъанчIужуялъул гIумру хвезаби гIадаб жо. ЧIухIиялъ батаниги, шайтIаналъ гьесизавун ватаниги ккун буго гьеб иш. Ккараб мехалъ гьелдаса къватIибе цо нух балагьизе кколелъулха.

БацIица кIал хъвараб жо бацIие теян абулеб гIадин гьелда къокълъуларелъул иш. Нилъеца кигIан каканиги, шаргIалда бегьулареб, гьукъараб пиша бугилан киигIан абуниги гьелъулги цо хIасил ккезе кколелъул.

Магьари лъун маслихIатияб куцалда нухде бачун уна гьеб. Нилъер гIалимзабаз хIукму гьабун букIана хъамун ячIарай ясалда магьари лъечIого тезе.

Магьари лъезе кида бегьулеб, ясалъул рахъалдаса гьелъул инсул, гьев нахъа гьечIони кIудияв вацасул, гьезул рахъалдаса вакил гьавун вачIарав чиясул изну гIола дибирасе магьари лъезе».

ГIагарлъиялъ изну кьечIеб мехалъ яс хъамун йикIана исана Каспийск шагьаралдаги. Гьелъул вацаз хъамурасул рахъалдаса чиги чIван, живго гьевги лъукъун ахIи-хIур бахъун букIана гьениб. Хадуб щиб гьезул ккарабли лъаларо…
XS
SM
MD
LG