МагъчIваялъе рес

ЧIужугIаданалъул ихтиярал руччабазда бихьухъе


Казань шагьаралда тIобитIараб «Бусурбанаяй чIужугIадан: Жакъа дунялалда инсанасул ихтиярал» абураб конференциялда гIахьаллъун йиго Дагъистаналъул вакилги. Жакъа , ихтиярал цIунулезул пикруялда, Дагъистаналда чIужугIаданалъул ихтиярал хвезариялъул хIужаби дандчIвалел руго жамгIияталъулъ, хъизамалда жаниб, ва хIалтIуда.

Казань шагьаралда тIобитIун буго «Бусурбанаяй чIужугIадан: Жакъа дунялалда инсанасул ихтиярал» абураб конференция. Данделъиялда гIахьаллъи гьабун буго Дагъистаналда инсанасул ихтияразул ишал кодосей Умупазиль ГIумаровалъгиги. Миллатазул цолъараб гIуцIиялъ руччабаздехун киналгIаги ратIагьариял лъугIизарураб конвенция къабул гьабуралдаса 35 сон тIубаяялде хурхун тIобитIараб гьеб конференциялда Дагъистаналда чIужугIаданалъул ихтиярал цIуни цIакъ кIвар бугеб суаллъун рикIкIун буго. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул информ-алатаз.

Дагъитсаналда политикаялда жаниб чIужугIаданалъул гIахьаллъи гIемер гьабиялъе кIвар бугеб хIужалъун кколин бакIазда руччабазул данделъиял гIуцIийилан баян гьабун буго ГIумаровалъ жиндирго кIалъаялда. Гьелдаго цадахъ, бицен гьабун буго мискинлъиялъул ва бахчараб рокъосеб зулмуялъулги, амма гьединал хIужаби тIагIиналъе рухIиял идарабазги низам цIунулезги цадахъ хIалтIи гьабизе хIажалъи бугилан баян гьабун буго Умупазиль ГIумаровалъ жиндирго кIалъялда.

ХIакъикъаталда, Дагъистаналда масала, хIалтIулъ, рокъоб, жамгIияталъулъ гIемер ругин руччабазул ихтиярал хвезариялъул хIужаби, гIемерисел гьел гIамго инсанасул ихтиярал хвезариялда хурхарал ругин рикIкIунеб буго экспертаз.

Инсанасул социалиябгун экономикияб хIинкъигьечIолъи аслияб куцалъ бараб бугин гьев жамгIияталда жаниб зулмуялдаса хIалалдаса цIунарав вукIиналдайилан рикIунеб буго юрист Сапият МухIамадовалъ. Къо бахъанагIан гIемер ругин хIужаби хъизамалда жаниб, хIалтIуда, жамгIияталда гъорлъ чIужугIаданалъул ихтиярал хвезариялъулилан баян гьабуна гьелъ. Масала, исламалда рекъон ретIакъан хьвади сабаблъун хIалтIудаса нахъе рехиялъул хIужаби рукIанин церегIангойилан баян гьабуна Сапиятица. Рокъоб зулму хIал гьабиялъул хIужаби къанагIат гурого рагIуларин, низам цIунулезул сияхIаздеги гьединал лъугьа-бахъинал кколарин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе адвокаталъ. Амма гьеб кколарила гьел гьечIинал абулеб жо, гьоркьохъеб куцалъ щибаб ункъабилеб Дагъистаналъул хъизамалда бугила хъизамалда хIал гьаби, амма гьеб бахчулила, билълъун араблъун букIиналъ рукъалъул хIал къватIибе кьолареб гIадатилан бицана Сапият МухIамадовалъ.

Сапият МухIамадова: «ЧIужугIаданалда хIал гьаби ва рокъосеб зулму, гьединго гIолил ясал чIваял руго бищун гIемер тIасан суалал ругел чIужугIаданалъул ихтиярал хвезариялъул хIужаби. Цебегоялдаса нахъе, дагьабниги бегьулареб жо ясалъухъа ккун бугони, яги щибго гьечIого, гIицIго хабар рагIанигицин яс тIагIинаюлей йиго. Гьей тIагIун, чIван йикIин киназдаго лъала, амма лъицаго цIар бахъуларо. Гьединго рокъоса зулму – хIал гьаби. ГIемер руччаби рачIуна гIарз бахъун рокъосан зулму букIун, нахъе рилълъарал гьениса. Гьедин, цо яс йиго, росас зулму гьабун нахъе ун гIарзгун ячIарай. Гьес гьелда хIал гьабун буго, гьединго юхун, сакъат гьаюн йиго, амма низам цIунулез кIвар кьолеб гьечIо гьединал хIужабазде. Гьеб бараб буго нилъер гьаниб хъизамалда жанисел суалал хъизамалда жанирго тIуран тун къватIире рахъунгутIи. Низам цIунулез кIвар кьолареб мехалъ, ничалъги бицинчIого бахчцн тун хIехьолеб буго. БукIине кколеб хIалтIи низам цIунулез гьабунгутIи буго аслияб хIужа гьел рахчун хутIиялъе».

КиналгIаги чIужугIаданалъул ихтиярал хвезариялъул хIужаби, гьей исламалда рекъон хьвадулей йигони рукIине рес гьечIилан рикIкIунеб буго РухIияб идараялъул хIалтIухъан ва блоггер Лейла Бахадорица. Гьелъул рагIабазда рекъон, хас гьабун босани чIужугIаданалъе рокъосан зулму гьаби гьеб гIицIго Дагъистаналъе гуреб, кибго дандчIвалеб буго. Амма , масала гьоркьохъеб Россиялда рокъосан зулму жиндие бугей гIаданалъе низам цIунулезул кумек гурого щолареб батани, Дагъистаналда, гьединаб хIалалда йигей чIужу имамасухъе ун, яги БатIи-батIиял хасал руччабазул рухIиял гIуцIабазул кумек гьарун ине рес бугилан.

Лейла Бахадори: «Дагъистаналъул рухIияб идараялда буго руччабазе рухIияб лъайкьеялъул бутIа. Гьение бокьарай чIужугIадан ячIине рес буго жиндир къварилъи бицун. Амма гIемерисел хъизамалда жанир ругел ричIчIунгутIиязул, зулмуялъул суалалгун рачIуна. Щиб гьабулеб рухIияб идараялъ- гьез гьелда бицуна гьелъул гIайиб батани сундулъ гьеб бугеб, щайгурелъул гIемерисеб мехалъ чIужугIаданалъ жинцаго тIамула рос гьелде. Гьединлъидал, гьелда бичIчIизабула кинал шартIал гьелъ тIуразе кколел гьедин ккечIого букIиналъе. Гьединго росасдаги бичIчIизабула. Амма камуларо унго-унголъун талихIкъосаралги, рос гьекъолдухъан яги норкоман вугев. Ихтиярал цIунулезги психологазги гьеб хIалтIи батIайиса гьабула - гьез чIужугIадан тIуян йитIарайлъун чIезаюла. Ва гьеб хъизан биххиялдецин уна иш. Дир пикруялда чIужугIаданалъул ихтиярал хвезарулел ругони хъизамалда гьений гIайибияй чIужугIаданги йикIуна».

Миллатазул цолъараб гIуцIиялъул баяназда рекъон, дунялалда щибаб соналъ аза-азар чIужугIаданалъул ихтиярал хвезариялъул хIужаби тIаинчIого хутIулел руго. Амма, масала цо бакIалда чIужугIаданалъул ихтиярал хIалтIулъ хвезариялъул хIужаби тIатун лъазарулел ратании, рокъоб , хъизамалда жаниб хIал гьабиялъул хIужаби рахчиялъе аслияб гIиллалъун кколеб буго гьениб бугеб бакIалъе хасиятаб гIадат,нич.

XS
SM
MD
LG