МагъчIваялъе рес

«Намус цIунун» чIварал ясазул къадар цIикIкIунеб буго


ЧIварай ГIарапа ПатахIова
ЧIварай ГIарапа ПатахIова

Талат къоялъул къаси Гъуниб мухъалда полициялъ ккун вуго жиндирго яс чIваялда щаклъи бугев чи. НизамцIунулезул мухIканал гурел баяназда рекъон ясалъул квешаб хьвада-чIвадиялдаса разигьечIого вукIун вуго эмен, гьелъие гIоло гьабунги буго гьес такъсир. Гьединал чIвай-хъвеял Дагъистаналда къойидаса къойиде цIикIкIунел рукIаниги, гьезул гIемерисезул хIакъалъулъ лъазе толарин гIагарлъиялъ, такъсиргьабурав чиги гьез вахчулин рикIкIунеб буго экспертаз.

17 ноябралъул къаси Гъуниб росулъе жанире рачIунеб бакIалда полициялъул хIалтIухъабаз халгьабизе чIчIезабурав ВАЗ-2115 автомобилалъуб гIолохъанай ясалъул жаназа батун буго. Гьеб бакIалдаго автомобиль бачунев вукIарав гьебго мухъалъул БацIада росулъа, 54 сон барав чи ккун полициялъул бутIаялде щвезавун вуго низамцIунулез.

ЦIех-рехчагIаз кьурал мухIканал гурел баяназда рекъон МахIачхъалаялдаса росулъе рачIинел рукIарал инсудаги ясалдаги гьоркьоб кьал ккун буго Гъуниб мухъалъул СалтIа росдада аскIоб. Гьеб бакIалдаго автомобилалда жаний чIванги йиго гьей инсуца.

Гьаб сагIаталда гьев чи МахIачхъалаялъул заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалъув вугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан баян кьолаго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Темирбегов Расулица.

Темирбегов Расул: «Гьев чияс яс квераз гIанкъун йигин абураб щаклъи буго цIех-рехчагIазул. Жеги гьеб ишалда хурхун кинабгIаги мухIканлъи гьечIо, гьелда хурхун экспертизаби гьарулел руго. Гьезул баян цо чанго къоялдасан гурони лъаларо.

Нижехъе щварал баяназда рекъон цебе-цебеги инсудаги гьей ясалдаги гьоркьоб дандеккунгутIаби рукIун руго. Гьелъие аслияб гIиллалъун лъугьун буго гьей ясалъул хьвада-чIвадиялдаса инсул разигьечIолъи букIин. Гьелъул бихьиназулгун гьоркьоблъи бугин абун ццин бахъун вукIунев вукIун вуго эмен.

Гьес живго гIайибияв вугин рикIкIунеб гьечIо, гьей яс чIваялъеги мукIурлъичIо гьев жеги. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун цIех-рехалъул идарабаз Россиялъул къануналъул 105 бутIаялда рекъон, ай чи чIваялда хурхун такъсиргьабиялъул ишги рагьун буго».

Гьединго Расулица бицана, 19 ноябралда диваналъ, цIех-рех лъугIизегIан, гьев яс чIваялда щалкъи бугев чиясда хурхун хIукму къотIизе кколилан.

Гьеб хъизаналъул лъалел-хъвалез «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон чIварай ПатахIова ГIарапал 21 сон букIун буго, гьелъул эмен МухIамаджавадица бан буго 54 сон. Гьей ясалъул эбел-эмен ратIалъун рукIун руго.

Гьезул щивас цIидасан хъизанги гIуцIун буго. ЧIварай яс балугълъиялде яхинегIан инсул яцалда аскIой росулъ гIумру гьабун йикIун йиго. Школа лъугIун хадуб МахIачхъалаялде цIализе ун, шагьаралдаго чIун йиго. Гьезги бицана ясалъул хьвада-чIвади сабаблъун инсудаги ясалдаги гьоркьоб цебе-цебеги чанги кьал кколаанилан.

Гьев хехго ццин бахъунев чи вукIанила, гьедин ццидалъ чIван ятилила гьес ясилан. Ургъунго гьединаб иш гьабилев гIадав чи гьечIила гьев МухIамаджавадилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб хъизамалъул лъалел-хъвалез.

Адвокат МухIамадова Сапиятица «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана цебехур рехсарал гIадал такъсирал Дагъистаналда цIикIкIун гурони дагьлъулел гьечIила, амма гIемерисеб нухалда гьезул хIакъалъулъ баянал къватIире кьоларила гIагарлъиялъилан, гьеб иш кIванагIан бахчун чIезабизе хIаракат бахъулила гьезилан.

МухIамадова Сапият: «Дихъеги рачIунаро гьединал чагIи, цойгидал адвокатазухъеги унаро, гIемерисеб мехалда жанисел ишазул идарабаздегицин рачIунаро. Щай гурелъул гIемерисеб мехалда хьвада-чIвади лъикIаб гьечIин абун багьанаги ясал чIвала гьезул цебесеб гIагарлъиялъул чагIаз.

Гьединлъидал хъизамалъ гьел ишалазул хIакъалъулъ баянал къватIире кьоларо. Гьей ясги унтун хванин яги цойги гьелда релълъарал гIадал багьанабиги ратун гьеб иш гIагарлъиялъ къинабула. Къуваталъул идарабазги гьезие квербакъи гьабула, нилъер гьаниб гIадамазул гIемерисезул бугелъул гьел ясал чIваразда гIайиб гьечIин абураб гIадалаб пикру.

АнцIила хадуб соналъ хIалтIилей йигей дида цохIого-цо гьединаб иш лъала диваналде щвезегIан бачараб. Гьеб буго Гъизилюрт мухъалъул Нечаевка росулъ имгIалас чIварай МухIамадова Марьямил иш.

Гьелъул эбел Кусумица лъабго соналъ хадуй чIун, гIемераб къоги бихьун гьеб иш рагIалде бахъинабуна, гьей яс чIварав чиги туснахъ гьавуна. ТIокIаб гьединаб ишго лъаларо дида. ГIемерисез щиб гьабунги гьеб гIаралъиялда гьоркьоб ккараб иш бахчизе хIаракат бахъула».

Гьединго адвокаталъ абуна республикаялъул цIех-рехалъул идарабазул баяназда рекъон Дагъистаналда ахираб 6 соналда жаниб лъикIаб гуреб хьвада-чIвадиялъухъ ясал чIваялъул 7 хIужжа тIатанилан. ТIатинчIелги гьел гьединал хIужжаби гьелдасаги цIикIкIун ратилилан абураб пикру буго МухIамадова Сапиятил.

Дунялалда щибаб санайил гьединал хъизаналъул намус цIунизе чIвалел ясазул къадар 5 азарго чиясде бахунилан абурал баянал кьолел руго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул баяназда рекъон. Амма Англъиялъул The Independent газеталъул баяназда рекъон гьеб къадар 20 азаргоялдецин бахунеб буго.

Гьеб газеталъул хIалтIухъабаз гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда гьединал такъсирал бищун гIемер Иорданиялда, Пакистаналда ва Турциялда гьарулел руго, амма гьезул хIакъалъул баянал къватIире лъазе толел гьечIо гьел хIукуматазда.

XS
SM
MD
LG