МагъчIваялъе рес

Халкъияв хъвадарухъан


(Муса МухIамадов ракIалде щвеялъе)

Маялъул байрамкъоязги, политикияб вала-рахасалъги нилъедаса рикIкIад гьабуна цо цIакъго кIвар бугеб лъугьа-бахъин. Гьал къоязда гIумруялъул 90 сон тIубана аваразул бищунго халкъалъ къабул гьавурав, цIаларав ва жакъаги цIалулев хъвадарухъан Муса МухIамадовасе.

Dagestan / Musa Magomedov
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:40 0:00
Интернет-мухъ

"Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан" абураб цIар ургъун батани пачалихъалъ хас гьабун чи кIодо гьавизеян, гьесдаса гьеб цIаралъе мустахIикъав чи дагьав ватила. Дагьав ватила гьевгIан гIемер магIарулаца цIаларав автор. Поэзия гIемерисезда бичIчIулареб жанр буго.

Амма харбилаб хъвай-хъвагIай, прозаялда Мусадаса кIудияб ханлъи магIарулазда ракIазда гьабурав хъвадарухъан вукIинчин абуни битIун букIина. Росулъ библиотекабазда кидаго гьикъулел тIахьал рукIана Мусал. Шагьаралде унев чиясухъе битIулеб ругьел букIана Мусал тIехь босун рачIаян. Дун адабияталде цIарал хъвадарухъабазул цояв вукIана Муса МухIамадов.

РакIалда буго тIоцебе щуабилеб классалда вукIаго цIалараб Муса МухIамадовасул "Басриял къадазул балъголъи" абураб хъахIилал мужалатазул тIехь. Гьеб тIехьалъ цIана дун Муса МухIамадовасул дунялалде. Гьесдаса хирияв хъвадарухъанги вукIинчIо. "Бакъдасел", "ХIанчIазги реххун тола бусаби", "Лъукъарал кьураби" триллогия, гьездаса тIуванго дун асир гьавун вукIана "Зоб цIадае гъугъала" абураб тIехьалъ.

Амма цо захIматаб сордоги рогьана дица Муса сабаблъун. Марталъул цо къоялъ эбелалъ къадеквание цадахъ жоги лъун росдал гIияда ирга базе витIана дун. Эбелалдаса балъго рюкзакалъубе ккезабуна доб заманалда росулъ цоцахъа бахъун иргаялда киналго ругеб Муса МухIамадовасул машгьураб "ЧIегIераб гамачI" абураб тIехь.

Рехъен щолеб бакIалде щоларого тату хун вукIана тIехь цIализе гIодов чIезе. Ахирги росдадаса таманаб эхеде рахъарабго, сагабазде рехъенги буссун цо кьурул ракьанда санагIатаб бакIги балагьун къулана тIехьалде. Гьенив вугев аслияв герой Мазгаруласги гьесул йокьулей Ханикацаги кверде восарав дун бащдаб къоялдасаги цIикIкIун хутIун вугоан цIалдолаго. Цо лахIзат араб хIисаб букIана.

Цойидасанго валагьизегIан дир рехъен гъулдулъе гIагарун бугоан, къоги къадеялдасаги ун бакъаниде реххун буго. Хьонлъабазда рагIад реххун букIана. Хъата-масан кодо гIодоб букIарабги босун векерана дун гIияда хадув. Эхедераялъ вилълъинеги бигьаго букIинчIо. Сухъмахъ нухазда бианиги гъоркьан тIасан жеги гIазу букIана. Сверухълъи чарлъун букIана ихдалил гIаламатаца. СагIатгIан заман нухдаги бан хIалица вахана дун дир рехъен бугеб щобде.

ТIаса гъоркье гьелги руссинарун, цо росулъе бер речIчIизабуна. Жеги рукIкIинегIан сагIатгIан заманги бугин, рехъенги эхебе буссинабун цо санагIатаб бакIалдаги чIчIун жеги тIаделъана "ЧIегIераб гамачIалде". ЦIакъго кватIулев ватун хъамун рехъенгун хIалица рукIкIунеб гIужалъ щвана росулъе. Кодо-гIодоб букIараб жоги цо рахъалде реххун рокъов нахъойги тIехьги босун цо бокIнилъ кIусана.

Цо бащдаб сагIаталдаса къватIисан бахъана хъуй рехъалъа лъилалиго цIани камун ругила, мун ахIулев вугин. Щун батичIо кIиго цIе. Рокъосан лъикIал гьужумалги гьарун кодобе батарейкабаз къалъулеб цо фонарги кьун валагьизавуна цIани ралагьизе. Цадахъ цо дирго гIелалъул гIагарав васги вукIана. ТIубараб сордоялъ мугIрул, щобал, хъинсал сверана цIани ратичIо. Сордо бащалъараб мехалда кIудияб пашманлъиялда вуссана рокъове.

ЦIаназул хважаин ун вугила дибирасухъе бацIил "кIал бухьеян". Досги абун бугила бухьизе бокьун батани гьанибе бацI бачеян. Бухьун рагIулила, радал балагьилила кин бухьун бугебалиян бугоан рокъоб бицунеб. Гьединаб дугIа рагIула боцIи цIунизе гьабулеб. Гъоб тIехь дидаса балъго ун букIун буго гъос, гьелъ гьабураб жоян эбелги ягъана. Доб сордоялъ дидаго барщарав дица кодобеги босичIо тIехьги, пикраби рукIана мугIрузда, щобазда цIаназда хадур.

ХIалхьи хвараб сордоги рогьун радалго дун ана росда цебе бугеб лъарахъа цебесеб къоялъ гIи рукIараб бакIалде валагьизе, цIани рихьулищали. Таманав гьенивги сверсведун, цониги жоги бихьичIого тIад вуссинехъин вукIана. Цо заманалдаса нахъойги валагьана, дир роххелалъе гIурхъи букIинчIо.

ир берал мугIрул тIогьир, гъулдулъ рукIана, цIани абуни рукIун руго росадаса гIемер рикIкIаде инчIеб бакIалда цо хъархъазда жанир. ЧIагоги ратана, бацIил кIал "бухьун" лъаларо, беразда рихьичIого лъаларо гьенир ругоан дир риларал ц1ани. Хадусеб сордоялъ рогьинелде лъугIана дир "ЧIегIераб гамачIги" цIалун.

Гьеб тIалаб гьабулезул ирга букIана дида нахъа чIун. Щивха гьаб ахIвал-хIалалда Муса МухIамадов гурони халкъияв хъвадарухъан вукIина. Жакъаги руго "халкъиял" абун цIар щварал хъвадарухъаби, амма гьезул асарал жинцаги, тIехь биччарав редакторасги гурони цIалун ратуларо. Гьеб батIияб тема буго.

Муса вукIана гьунар тIокIав прозаикги, лъикIав, магIарул гIадат-гIамал цIунарав инсанги, вацIцIадав, диналъул нухдаса таричIев бусурманчиги, Аллагьас алжаналде тIовитIун ватайги. Хабаралги лъикIал рагIайги нилъеда.

XS
SM
MD
LG